НигIматлъун кьураб ракь рокьукълъулеб щай?

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Унгоха гьайбатлъи, инсанасе гIоло ТIадегIанас бижараб тIабигIаталъул бечелъи.

ЧчугIие лъим, хIанчIие зоб, инсанасе ракь. Бичун босизе багьаябги ракь, тIалабго гьабичIого рехун тарабги ракь. Ракьал сабаблъун кколебщинаб питна хъизаналда ирс бикьулаго, хурул мадугьалзабаз галул манзилалъул бицун, росабазул мегъазда гIорхъаби чIезарулаго.

Хварай ункъачол пастIан сабаблъун кьалде кколел руго кIиго вацасул лъимал, эбелалъул ах гьоркьоб бикьун бажаричIого тушманлъун руго яцал. Эбел-инсуца гьабун кьураб ах, гьениб жаниб бан кьураб минаги чIунтизе тун шагьаралде гочарал васал цIакъ гIемер руго. Ахир, ирс бикьулаго, гьезул васал кьаллъизе руго инсуца чIунталиде ккезе тараб рукъги ахги сабаблъун. ЛъарагIлъуда хьуцI бакъвазабурабги цо натI ракьул къиматаб, магIарухъ тIогьода босараб инсул ах кIочон тей гьечIищ гIажаиблъи.

«Нижер ракьалдаса шагьра бахъуге, лъадал рогIрал лъоге, нижер, дир, дие..» Ракьалъ кIкIунев инсанасе ракьалда тIад бокьулебщинаб кверщел! Ахир чIорого унел кверал, гьанибго толеб дунял.

Нагагьлъун цо чияс, букIин гIадамазда кIочараб, щибго хайир босулареб ракьалъул анцIго метралдаса пайда босизе, гьеб хIалтIизабизе лъугьани, кIалъалелщинал кIалал! Дов чияс ракьул бокIон кIкIвине бугеб гIадаб хIисаб букIуна. Гъоб анцIго метралда сверухъ жеги анцIгогIан цIикIкIун манзил халкъалъего сана­гIа­талда къачIаниги гьезда халлъуларо, хъантIиялъул кутакалъ.

Рохьал — гьез кьолебщинаб лъикIлъи чIагоябщиналъе! Гьезул гьабулареб къимат, тIалаб. Жидеего хIажаталъе цIул хIадурулаго гъурун гIодобе бараб кьили-калалъ гIадамасеги хIайваналъеги гьабулеб квалквалалъул агъазги букIунеб жого гуро. ЭхедегIан бакIалда, цо рохьил рацIалъуде рахиндал, бугоан росулъа эхеде баччун бараб рощнол гохI.

Гьайбатаб лъарал чваххи бихьизе кIкIалал рагIаллъуда лъалхъани, батула ракIгъанцIулеб, памперсалгун пластикалъул тIагIел-алат жубараб рощнол «гIор». Огь, гIадамил лъимер, дур хъантIи, гIассилъи, нигIматлъун кьураб ракьалъул гьабулареб къимат! Эркенлъи хIалакиялъ, рикъзи гьарзалъиялъдай гьадигIанго загIиплана инсан?

 

Харабазул накъит — гIумруялъул чваххи борцунеб роцен

 

«Цебе гьаниб хур букIана, гьанже рохь гIун буго, гьалъал гъугъдул руго бекьизе ракьул бокIон ганчIидаса бацIцIад гьабулаго гIурал»- беразулъ пашманлъигун бицуна цIикIкIарал чагIаз. Цебесебги гьанжесебги борцунеб роценлъун лъугьуна, нухда дандчIван анцIго минуталъ лъалхъаниги, гьезулгун накъит.

— МагIарухъ ракь къиматаб букIана кидаго, росдада аскIобегIан рохьил гъутIби гIезеги толароан. Гьанже гьал рекьичIел ракьазухъ, ракьал рацун росдада гIагарлъухъе щварал рохьазухъ балагьун ракI унтула, — ян гIарзахъдилей йиго, жиндирго хуриса юссуней ригь арай гIадан. — ГIака хьихьизе бокьулеб гьечIо росулъ гIумру гьабун ругел гIемерисел руччабазе, гьитIинлъун, лъугIун унеб буго гIачиязул рехьед. КIвахIаллъиялъ ханлъи гьабун буго гIолохъанаб гIелалда. Дуцаго халгьабе, чIобого буго цебе гIи-боцIул цIун букIараб мегIер-гIалах.

— Лъица щиб бицаниги, бихьинал тамахлъун руго сундулъго, -ян абулеб буго херав ГIабдулагьица, гIалхул хIайванал рукъалда цере рачIунеб хIалалъ, ракьалъул хважаинлъи гьабулеб гьечIо гIолохъабаз. Пихъил ахал, гьацIул тIалаби толаро цияз, чакъалазул гIавусди буго ахIулеб щибаб какда данде. ЦохIо нижер росулъ 17 бече чIвана араб соналъ чакъалаз, сверухъ росабалъги рукIана гьелго гIарзал. Канализациял рухъулел, унитазал лъолел руго гьал, чорхое, чохьое санагIалъаби рекъезарулаго, азбаралъуб бугеб хIажатханаялъуре рахъине захI­малъун. ЧIухIарал минаби рала, спорталъе майдаби гIуцIула. ЧIунтун руго ахал, чIорого руго умумузул мегъал. Росулъ магIишат гьаби — гьеле сахлъиги спортги гIадамасе. Бегун хвараб къаркъала къо ккедал хьадарлъулаян абулаан умумуз. ХIалтIуларев кваналароянги букIунаан колхозчагIазе балеб ахIи. Гьанже кваналел руго киналго. Тукада памперс батичIилан, огь гьал ясазде кколеб къо! Лъимада гьебги бан телефоналде къулизе ккеларищха ал! ГIезабулеб ах гуро, бегьулеб бахча гуро азул. Базе рогьо лъугIараб заман буго бачIун. Ракьал хIалтIизарулелги руго цо-цо хъизанал, гьездасаниги мисал босулебани цогидазги.

МегIер-гIалах гIи-боцIуца берцин гьабула, росдал къватIазе гIумру кьола инсанасул хIетI-квералъ, мегъал чIаголъула гьелчолел тIорщалил хурзаз — кинабго буго гIадамазул кодоб.

 

МичIчIица хIанчIулеб бугила

 

«Инаро, бокьун гьечIо», — ян гIо­дулев вас ясли-ахалде витIизе хIадурулей йиго эбел.

— Баба, дун жакъа унаро МухIамад садикалде вачун.

— Щай?

— МичIчIица хIанчIулеб буго нижер гьурмадаги квераздаги. ГIайшат йитIе, гьей йорхатай йиго.

— Йо, дун бачал гъезе ине ккола. Мун квералги рахчун аха.

— Илъа, шагьранухалъ а, гьениб мичIчI букIунаро,- ян буюрана эбелалъ.

— Кверал эхеде ккун аниги, хIанчIулеб буго мичIчIица. Шагьраялда­ги машинаби рукIуна. Велосипедалгун васалги. Дун хIинкъула, инаро, — ян гIодана яс.

Шагьранухккун вацги ясли-ахалде щвезавун ячIуней кIудияй яс сагIаталдасан щвана рокъое.

— Мун щай гьадигIан кватIарай, бакъ зоб бакьулъе щолеб буго, бачал гъезе кколарищ?- ан ясалде семулеб гьелъул гьаракь къотIнобе рагIулеб букIана.

Гьеб ахIи-хIуралда тIаде, жиндирго ахикьа микьирги босун ячIана херай мадугьал.

— Баркаман, исана гIемер бижун буго гьаб. Лъималазе босун йилълъана. Нужер гьабги бакъулаб рахъ буго, гъутIби лъикI рижилаан.

— Ал сундасаго махIрум гьаризе ккун руго жакъа, мекълъун руго радалго. Садикалде инарила, мичIчIица хIанчIулеб бугила жидеда..

— Дун гьитIинаб мехалъ нилъер росулъ йикIана Бика абулей гIадан. Гьей гIемер ятулаан къватIахъ чIахI бетIулей. ХIетI-квералда хъвалеб мичIчI нижер авалалда кибниги букIараб ракIалда гьечIо. РацIцIадал къватIал рукIунаан. КигIан бакъбараб соналъги, гIадамазул гьорал жеги чIорогояб заманалъ Бикал чIарал гIуцIцI гIолаан. «КъватIахъ гIурччинлъи цIикине толаро алъ»-ин абун гьелде рагIи рехулелги камулароан. ГIиндабакIайги йикIана, мунагьал чураяй. ХIажатасе хурибе бачине оцги, бичизе нах-хIанги кидаго камулароан гьелъул. Гьанже къватIахъан мал бахъизе бегьулеб хIалго гьечIо. Гьанже лъалеб буго гьелъул къимат. Бикал авалги чIунтана. Диргоги бажари гIоларо къватIал рацIцIине.

ГIодое къулун гIенеккана лъималазул баба херай мадугьалалъул харбихъ.

Къалъудаса хадуб, лъимал ясли-ахалдаса рачине заман щвелалде, хъатикь харицелгун къватIал мичIчIидаса рацIцIине щвана гьей.

ПатIимат ГьитIинова