«Иццул саринаца» бачунеб бакъан

 

 

    МагIарухъе щведал, гIажаибго берцинго бихьула дунял. Рокьула гIадамал, бокьула гIумру. Кин абуниги, жакъа цохIо магIарухъ хутIун буго нилъер ракIал хинлъизарулеб къуватги, эбелаб ракьалдаса бугеб берцинаб махIги, тIабигIаталъул гьайбатлъиги. Гьелъул хIакъалъулъ нилъеца цебеги бицана, сонал индал хадур рачIунезги бицина. Амма азарго сверел гьабун бицаниги, гьеб хIакъикъат хутIизе буго хиси гьечIеб, нур свинчIеб, цогидаб сунцаниги жиндир бакI кквезе рес гьечIеб ритIухъаб каламлъун.

 

 

МагIарухълъи бугебгIан заманалда нилъ руго

 

  Халатаб цеберагIиги цIалкIун сундул бицине дун хIадурлъулев вугевин ккела нужеда. Дие бокьун буго Гъуниб районалъул КIуяда росулъ вугев гIадатияв магIарулав, умумузул тIабгIги, росдал гIадатги мицIир тIаса камичIого цIунизе лъарав, гьалбалги рокьулев, гIадамалги хирияв чиясул хIакъалъулъ нужее бицине. Гьев ккола МухIамад ХIасанов. ГIемерал соназ ГIурала гьоркьохъеб школалъул учительлъун хIалтIарав, лъабго лъимадуе тарбияги кьун гьел гIезарурав инсан. Амма магIарулазда гьев лъала жиндирго хатIги, цогидазда релълъинчIеб гьунарги бугев шагIир хIисабалдаги.

  ХIасановасул творчествоялъулаб сордойилан цIар лъураб гьайбатаб тадбир букIана араб рузман къоялъ КIуяда. Цадахъ хIалтIулев дир пишацояв гьудул, ХIаcанов МухIамадил вас Темирханица ахIун вукIана дун гьеб тадбиралде.

 Цебесеб къоялъго, ай хамиз къоялъул бакъанида рахъана ниж шагьаралдаса. Нух теялъе бицунаго аваданаб хабаргун, гIодореги риччан, хабар гьуинлъиялъеги биччан магIарул кечIгун рачIунел рукIана ниж магIарухъе. Нижер сапарцояв гьалмагълъун гьеб къоялъ вукIана Гъизилюрт районалъул Гелбахъалда гIумру гьабун вугев Къелеса найихъан МахIмуд-апандиги. Дагьав цевегIан гьоцIоги босун редакциялдеги вачIун вукIана гьев. Темирханил инсуе босараб тIинчIнайил бахъараб гьацIул рамка гьеб къоялъги букIана гьесухъ. ЦIакъ инсанасул адаб бугев, гьимун гурони кIалъаларев чи вуго МахIмуд-апанди.

Магнитофоналдасан биччараб ХIажиласул кечIалъ нижго студенталлъун ругеб заманалде рачана ракIалдещвеяз.

Я дун херлъайгиян хералги руго,

Хиялазул чода чангитищ балеб,

Гьанже мех щванилан щиналги руго,

 ЧIоларин рекIеда, гудралищ ралел?

   Къого соналъ цебе тIоцебе гьеб кечIгун магIарул эстрадаялде вачIарав ХIажиласул кочIоца гIемераб жо ракIалде щвезабуна. ТIоцебесеб рокьиги, тIоцересел анищалги, балугълъиги, сундулниги ургъел гьечIел аваданал соналги. Нахъехун тIерхьун арал соназда жаниб бахчараб рохелги къварилъиги цIидасан гьулчун бачIана рекIелъе. Дол талихIал сонал цIидасан ракIалде щвезаруна Темирханицаги дицаги.

РакIалдещвеязул щенон балеб цIадалъ лазаталда риччизеги гьарун, ниж Къородисезул кьотIе щун ратана. КигIан кIудияб кири щун батилеб гьаб нухде хъил тIезе кверба-къарав Къурбайиласул МухIамадил МухIамадкамилиеян абуна нижеца цоцазда, кIуядерил тIоцебесеб кули бихьулеб бакIалде щведал.

  ГIалахалде къотIун рукIарал гIачи-бачалги цере къотIун ячIуней цо чIужугIаданалда берчIвайдал, нахъойги лъимерлъуде нахъ вуссинавуна пикрабаз. Шагьаралдаса тIоцеве росулъе щвараб къо бачIана ракIалде. Щуго сон букIана дир доб мехалъ. Амма жакъаги щибниги къосинчIого цебе буго доб сурат. Гьадинабго, бакъал тIерхьунеб гIужалъ росу рагIалде щварабго, рохьдолъа руссун рачIунел гIачиязул, эбел юссиналъухъ къоялъ балагьун чIун рукIарал гIисинал бачаз рохун гьабураб гьаракьги, тIоцебе бихьулеб магIарухълъиялъ диего гьабураб асарги чIана цебе. Гьединго ракIалде щвана пекарниялдаса, гьанжего гьанже бежараб чадидаса букIараб къалал рухIизарулеб берцинаб махIги, гъасда бакараб цIаги, мугIрул лъеда гьализабураб чаялъул букIараб тIагIамги…

 

Огь, магIарухъ сордо

 

    ГIалиханил МухIамадил азбаралъуре ниж щвана маркIачIул гIужалъ. Как ахIизе анин эменилан бицана Темирханида нижеда дандчIвазе яхъун ячIарай гьесул эбел Райгьанатица. Гьезул рукъалда цун гIадин бугоан мажгитги. Умумузул заманалъго бан букIараб гьеб гьанже жанисан берцинго къачIан бугоан. МаркIачIул как ахIулеб Темирханил инсул гьаракь тIибитIун ана росдада тIад. Гьале доб дие бищун бокьулеб, гIадамалги гъасде руссунеб, росуги дагь-дагьккун сасун унеб, гIажаибго берцинго рещтIунеб маркIачIул гIуж.

Мажгиталъуре ниж лъугьарабго рохалил цIуна ХIасанов МухIамадил гьумер. Церего урхъун рукIарал гьалбадерида гIадин дандчIай гьабуна гьес нижеда къвалги бан. Берцинго гьикъа-бакъарана, ниж рачIиналдаса бугеб рохелги разилъиги нижее загьир гьабун гIорцIулев вукIинчIо.

Какалги ран ниж къватIире лъугьарабго, КIогьориса ХIамзалав ХIамзалавги ватана ХIасанов МухIамадил азбаралде щун. Жиндирго росулъа (КIогьорисан) анивехун вачIине вугин гьевин бицун букIана Темирханица нижеда. Гьанже нилъ вац НурмухIамадихъе рилълъине кколин, цевегоялдаса нахъе валагьун чIун вугин гьевилан, нижги хадур гьарун, цеве вилълъана Темирхан. Инсуда аскIобго бугоан гьитIинав вас НурмухIамадил минаги. ГIурала гьоркьохъеб школалъул завучлъун хIалтIулев вуго гьев.

   Азбаралъуб шашликIал режизе бакараб цIаги, дагьаб добегIан рекъезабун лъураб мангалги, гьалбал гIодор чIезе лъураб халатаб скамейкаги бугоан гьениб хIадурун. ЛъикIаб минаги, минаялда цебе кIудияб гIатIилъуда аххурги буго НурмухIамадил. Режулел шашликIалги, бицунеб хабарги, гьабулеб махсараги – цIакъ аваданаб сордо букIана. Азбаралъуб букIараб нижер ракIгIатIидаб данделъи биххизабуна ракIалдаго гьечIого базе лъугьараб цIадалъ. Хъата-масан гIурдада бежараб шашликIги нахъе босун, рагъиде рачана ниж НурмухIамадица.

Хадуб букIана бихьиназул эркенаб мажлис, гбицунеб хабар. КъватIиб гIисинккун балеб букIана ихдалил цIад. НурмухIамадил рагъида, балеб цIадал гьаркьиде гIинги бан, бицунеб хабаралъухъги гIенеккун – цебегоялдаса нахъе дун урхъун вукIараб сордоги гIодобчIейги щвана дие гьеб сордоялъ.

Боголил какдаса хадуб нижер столалда нахъа чагIи цIикIкIана. Темирханил вацгIалзабиги, мадугьалзабиги, гьесул гIелбащадал гIолохъабазул анцIгониги чи вачIана тIаде. «Даци, цоги щиб босилеб, даци, чай хIадурун буго, даци, пурщаби дагьалги режилищ?» — абун, нижеда цебе щиб лъелебали лъаларого, богорокъое-нахъе йортун, гьалбадерие хъулухъ гьабулей Темирханил яцалъул ясги йикIана. ЦIикIкIараз кьураб тIадкъай тIубазе хIадурун, эхетун чIун рукIана гIисинал гIолохъаби: МухIамадрасул ва ХIажи.

 

«Рогьалилъ ахIулеб будунасул как, сири балеб буго гьаб дир черхалда»

 

   СагIат анцIила кIигоялде бащдаб хIалтIизегIан биххичIо гьеб аваданаб данделъи. Радал батулеб бакIалда бетIер лъезе кколин гIадада абун гьечIин умумузилан, регизе рачана Темирханица ниж. ГIодоб тIамураб бусада лазаталда макьуги щун кьижарав дун ворчIизавуна рогьалил как ахIулев ХIасанов МухIамадил гьаракьалъ.

Радал рахъиндал кьерхараб дунял батана. КьилимагIарда тIад лъураб руссунакIкIалъ сверухълъи бацун букIана. Рузманалдаса ниж рахъун хадур тIаде щвана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Авар секциялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовги (Ибрагьимил МухIамад), Дакул фондалъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановги, шагIирзаби — ГIалихIажи МухIамадовги, ТубхIат Зургьаловаги, редакциялъул хIалтIухъан Шамай Хъазанбиеваги.

ТIасияб тIалаялда, гIатIидаб залалъуб лъураб кIиго столалда тIад тIибитIун букIана тIагIам. Гьениб лъай-хъвай ккана дир 28 соналъ школалъул директорлъун хIалтIарай, Темирханил кIудияй эбел ГIабидатилгун. ГIумру бихьарай, цIакъ хабар гьуинай, недегьаб хасияталъул гIадан ятана гьей. Гьонодаса кколин дунин бициндал, цIакъ разилъана. Гьениса жиндаго лъалел рукIанщинал гIадамал рехсезе лъугьана. Хасго цIакъ адабгун ракIалде щвезавуна 34 соналъ Гьонода росдал школалъе нухмалъи гьабурав ХIамзат МухIамадов. Гьесул бицун гIорцIулей йикIинчIо ГIабидат. Жидерго рукъалъул чийилан толаанин жинца гьев. ХIакъикъаталда гьедин ракIалде щвезавизе бегьуларев чи вукIинчIо мунагьал чураяв ХIамзат Гьиматович. Директор ХIамзат. Гьесул хIакъалъулъ газеталъе гIатIидго хъвала, Аллагьас хъван батани. Гьанже нилъ ХIасанов МухIамадил азбаралде нахъ руссинин.

Кваназеги кванан, аскIобго бугеб Кьогъоб росдал маданияталъул кIалгIаялда цере лъалхъана. Гьениб тIобитIизе бугин инсул творчествоялъул сордойин бицун букIана Темирханица. Ниж рачIиналдего, бащдаб клуб цIун букIана гIадамаз. Сценаялда кинабго хIадурун букIана хIурматиял гьалбал къабул гьаризе.

Тадбир берцинго нухда бачана ХIамзалав ХIамзаловас. ХIасанов МухIамадил гIумрудул ва творчествоялъул хIакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна ГIурала гьоркьохъеб школалъул цIалдохъаби. Тадбир берцинго нухда бачана ХIамзалав ХIамзаловас. ХIасанов МухIамадил гIумрудул ва творчествоялъул хIакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна ГIурала гьоркьохъеб школалъул цIалдохъаби.

ЦIакъ пасихIго бицана гьез росуцоясул бечедаб гIумруялъул тарихалъул. ХIасанов МухIамадил творчествоялъе кIудияб къимат кьун кIалъана МухIамад МухIамадов, АсхIабгIали ХIасанов, ТубхIат Зургьалова. «ХIакъикъат» газеталъул цIаралдасан МухIамадида творчествоялъулаб сордо баркана Шамай Хъазанбиевалъ. ЛъикIаб, берцинаб кIалъай букIана ГIурала, Кьогъоб ва КIогьориб школазул нухмалъулезул.

ШагIирасул кучIдул рикIкIана ГIурала ва Кьогъоб школалъул цIалдохъабаз. ХIасанов МухIамадие сахлъиги гьарун, лалуги пун, киналго хIайран гьаруна лъебел мухъалъул вакил, шагIир ГIалихIажи МухIамадовасги.

ХIасил-калам, цIакъ берцинаб данделъи букIана Кьогъоб маданияталъул кIалгIаялъуб. Амма гьелдалъун лъугIичIо КIуяде гьабураб нижер сапар. КватIилалде жал нухда рахъинилан гьесда абизе лъугьун вукIарав Ибрагьимил МухIамадги гьесул сапарцоялги нахъе риччачIо ХIасановас. «Шагьаралде нуж ина дир рокъореги щун, кваназеги кванан, дица нухаги регIун, — ин абуна гьес гьалбадерида.

 

МагIарул пандуралъул къуват

 

   Хадуб букIана добго кIиабилеб тIалаялда нижеца товухъего батараб кванил цIураб столги гьалбадерие хъулухъ гьабизе эхетарал МухIамадил гIагарлъиги. Нахъойги чIана гIодор, кванана магIарул хинкIалги, кIутIана кьагIрил гьанадаги. Амма гьеб данделъи бищунго лъикI магIарулазул горсвериялда релълъинабуна нилъер гIемерисезда лъикI лъалев кочIохъан КIуядасагун Гъогъолъа МухIамадхIабибица. Цебесеб сордоялъго КIуяде щварав гьев цогидал чагIазухъ рещтIун вукIун, нижеда нахъисеб къоялълъагIан вихьизе щвечIо.

ТIамурги хъван кечI ахIизего гIадин, кутакаб махщел буго гьесул хабар бицинеги. ТIокIкIун лъала жиндирго анкьумумузул тарих, Надир-шагьасул, имам Шамилил бодулъги гIахьаллъарал бахIарчиял умумузул бицен. Амма МухIамадхIабиб нилъеда киназдаго лъалев МухIамадхIабибида релълъуна тIамур кодобе щварабго. Игьалиса Чупалас гьабураб: «Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал» абураб кечI ахIана гьес тIоцебе. АхIана кидаго гIадин звархун, гьаракьги биччан, сверухълъиги мугIрул-щобалги гьаргьадуледухъ, гучаб гьаракьалъе эркенлъиги кьун. АхIана МухIамадхIабибица рекъав Ражбадиниде, чачанав Залимханиде, Надир-шагь щущахъ виххизавиялде халкъалъ гьарурал бахIарчиял, магIна гъваридал, хвел гьечIел асарал. АхIана цогидабги кечI. АхIулеб букIана хIасратго, гъваридго, щибаб рагIиги рекIелъан биччан, чвахулаго гIетIгун. Гьеб лахIзаталъ гьев цIакъ релълъун вукIана анцIила микьабилеб ва анцIила ичIабилеб гIасрабазда рукIарал рагъазулъ гIахьаллъарал анкьумумузда.

Гьединаб букIана КIуяде гьабураб нижер сапаралъул авалги ахирги. Цебегоялдаса нахъе гьединаб гьарзаяб, аваданаб гIодобчIеялде ккун вукIинчIо дун. ЛъикIал, бечедал, нахъеги нилъ гь адин цолъизарулеб тадбиралъе байбихьи лъураблъун батаги гьеб Аллагьас. МагIарухъе унел нухалги нилъер щивасда къосунгеги.

Ашахан ЮСУПОВ, КIуяда-МахIачхъала