Канлъиги хинлъиги дагьлъараб хасел

 

 

 

МагIарухъ гIумру гьабун ругел гIадамазе токги къанагIат гьабуни, росаби чIороголъиялда гIажаиблъизего ккеларо. Хинлъиги, канлъиги, рекIелгъейги, хIалтIиги – кинабго квараз бачун бачIунеб «цIатариялдасан» гьечIищха.

Исана хасел ЛъаратIа районалъул жамагIаталъе лъугьана хасго захIматаблъун. ГIицIго райбольница хутIун, кIиго моцIида жаниб щибаб къоялъ кIи-кIи сагIаталъ свинабулеб букIана тIолабго районалда ток. Гьеб масъалаялъул бицун районалъул щибаб рокъоб, къватIахъ, ашбазазда ва жамгIиял гьиназда хIалуцараб кIалъа-басайги лъугIичIо тIубараб кьиналъ.

Чанго моцIалъ халат бахъараб ток къотIизабиялъул суалгун районалъул нухмалъиялъухъе ине хIукму ккана районалъул тIасияб мухъалъул жамагIаталъул.

   «Щай щибаб сардилъ кIиго сагIаталъ ток свинабулеб? Щиб гьелъие гIилла? Лъиде гьелъул жавабчилъи тIаде кколеб ва кин гьеб иш роцIинабун бажарулеб?» Гьал суалазе жаваб тIалаб гьабуна Лъебел, Кьанал, Богьнода, Журмут мухъазул росабазул вакилзабаз районалъул хIакимзабазухъа. ХIакъикъаталдаги ЛъаратIа районалъул гьеб бутIаялда токалъул мухъал руго цIакъго басриял. Гьури-муч, гIазу-цIад хIаллъараб мехалъ ток иналъул хIужабиги гьенир гIемер ккола.

   Гьезул суалазе баян кьезелъун хасаб данделъи тIобитIана райадминистрациялда. Районалъул бетIер МухIамад ГIабдулаев, ЛъаратIа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан ХIайдаров, районалъул бетIерасул заместитель Рамазан ГIабдулхаликъов, росабазул бегавулзаби ва идарабазул церехъаби гIахьаллъана гьенир.

   Районалда токалъул мухъазул бугеб хIалалъул бицана Къурбан ХIайдаровас. Гьесул рагIабазда рекъон, «Дагэнерго» компаниялъ ЛъаратIа ва БежтIа мухъалъе бихьиза- бураб хасаб къадар бугила токалъул хIубазул, кваразул ва цоги материалалъул. Гьелда рекъон хIалтIи гьабулеб бугила ЛъаратIа РЭСалъул хIалтIухъабаз. ГIарацги кьолеб гьечIила жидехъе, гIицIго материал гурони. Гьес бицухъе, 2021 соналда ЛъаратIа районалъе бихьизабун букIун буго кинабниги 450 токалъул хIуби, 16 км токалъул квар, 3 цIияб гьитIинаб трансформатор ва гIисибикъинал хIажатал жал. Гьелда рекъон гьабун бугила хIалтIи ва районалда 34 трансформаторалда гьабунила техосмотр. Гьединго Къурбан ХIайдаровасул пикруялда рекъон, Анцухъ бугеб 10000 Кв трансфор- маторалъ хIехьезе кIолеб гьечIо ха- салил заманалъе хIажатаб токалъул къуват.

   — Токалъул хIалтIухъабазда цебеккунго лъазе кIолеб гьечIо, араб соналда дандеккун, кигIан къадаралъ цIикIкIун ток бухIизе бугеб хасало районалъ. Гъоркьиса гIолеб букIана 10000 Кв. Исана 38 проценталъ цIикIкIун буго бухIулеб токалъул къадар. Гьединлъидал, бакI-бакIазда кIи-кIи сагIаталъ ток къай гурони тIокIаб батIияб нух гьечIо трансфор- матор бухIичIого цIунизе. Гурони тIолабго район хутIизе буго хасало ток гьечIого, — ян бичIчIизабуна бу- геб ахIвал-хIал ЛъаратIа РЭСалъул нухмалъулев Къурбан ХIайдаровас. Районалъул бетIерасул замести- тель Рамазан ГIабдулхаликъовасул пикруялда рекъон, исана ток бухIи цIикIкIиналъе гIилла бугила районалъул гIадамаз токалъ рукъзал хинлъизарулеб система хIалтIизаби: — Чанго соналъ цебе, радал вахъиндал ЛъаратIа росулъ бихьулаан щибаб рукъалъул тIалаялъуса бачIунеб кIкIуйдул мухъ. Щибаб лъагIалидасан гьел мухъал дагьлъулел руго. Исана цониги гьечIо. Гьелдаса лъалеб буго щибаб рокъоб токалъ хинлъи кьолеб система хIалтIизабулеб букIин. Гьелъ цIцIала гIемераб ток ва гьелъул хIасилалда цIикIкIун бухIулеб буго ток. Законалда рекъон, киналго тIалабазда рекъон хIалтIизабулеб батани, гьеб гьукъизеги бегьуларо.

   Районалъул бетIер МухIамад ГIабдулаевасул пикруялда рекъон, цебеккун гьеб масъала бихьизе ресги букIинчIо хасел бачIинегIан. Гьединлъидал жамагIаталъ сабур гьабизе кколеб буго дунял хинлъизегIан. Гьеб суалгун жал чанцIулго щва- нин бицана гьес республикаялъул тIадегIанал идарабазде.

   — Республикаялъул жавабиял идарабазулгун къотIи гьабуна ЛъаратIа районалъул нухмалъиялъ трансформатор хисизе. Дагьалъ балагьун чIечIого рес гьечIо дунял хинлъизегIан. Гурони, хасало цIорораб мехалъ гьеб хIалтIи гьабизе лъугьани, кIиго анкьалъ ток гьечIого хутIизе буго район. ХIукму гьабун буго гьеб хIалтIи апрелалъул байбихьуда гьабизе, — ян абуна МухIамад ГIабдулаевас.

Расул АБАКАРОВ «ЛъаратIа» газеталъул редактор