ГьитIинабго росулъ некIсияб гIадат

 

 

   ЦIакъ лъикIаб иш гьабуна газеталъул редколлегиялъ щибаб магIарул районазул гъваридго бициналде цIикIкIун кIвар кьеялдалъун. Гьелъ нижер жавабчилъиги цIикIкIана, росабазул гIумру рагьизе ресги кьола. Балъго гьабун щай, жибго гьитIинаб бугониги гьунарал гIемераб, гIадат-гIамал берцинаб ЧIарада районалъул гIумруялъул гъираялда бицуна дица.

ГIадатлъун лъугьарал ва календаралъул байрамал цо гьоркьор риччачIого тIоритIиялдеги цIакъ кIвар кьола чIарадисез. Исанаги рукIана «Жея, васал», «Жея, ясал» абун къецал, ВатIан цIунулезул къо, руччабазул байрам, рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабун гIуцIарал тадбирал. Щибалъул батIа-батIаго бицине мустахIикъаб бугониги, гьезул бицун халат гьабиларо. Гьаб нухалда бицина гьеб районалъул цо росулъ тIобитIулеб, умумузул заманалдаса нахъего цIунараб байрамалъул хIакъалъулъ.

«Ихги чIун гьечIо, кьинги рагьдаго буго, росу къватIибе бахъун гьабулеб байрамго кинаб, гIазда бакараб цIадул магIна щиб?» — гьадинал суалал рукIана дир ЧIарада районалъул Лъалухъ тIобитIулеб тадбиралде щведал.

«ГIУРХЬО БАЙ»

  Гьединаб байрам буго их гIагарлъулеб букIиналъул гIаламатин абун бицана лъалухъез.

Гьанибго дагьаб гIатIидаб баян кьезин, къого цIаракиялде бакIарун гьитIинлъараб росдал, гьениб цIунараб некIсияб гIадаталъул х1акъалъулъ.

Районалъул централдаса 16 километралъ рикIкIад, къаралазул рахъалда бугеб Лъалухъ росу уна Гьачада росдал администрациялде гьоркьобе.

Эхедераялъул свераби гIемераб нух лъугIун тIаде рахиндал батула бакъуе рагьараб расалъуда кьучI лъураб Лъалухъ.

Кваранаб рахъалда — чилулеб лъар, квегIихъе — рохьаз рацарал мугIрул, дандбитIун — гIатIидаб гIурдаллъи. Щибаб цIияб бакIалде щведал, асир гьарула нилъер тIабигIаталъ. Иргадазухъе кьуниги тIамур бачине лъаларев, бакъан биччаларев чиги вукIунаро Лъалухъилан абула чIарадисез. Гьединаб бакIалда Шагьав ГIабдурахIманов гIадал гьунарчагIи гIеялдаги гIажаиблъиларо. Бицен буго, гьезул ракьалда цо ицц бугила, гьениса лъим гьекъарав чиясулъ кочIое гьунар бижулеб. ЦIех-рех гьабидал лъана, жамгIиял гьиназда машгьураб «AVAR_XAXA» абураб цIаралда гъоркь магIарул мацIалъ кополал видео-клипал гьарулев ШапигI ИсмагIиловги Лъалухъа вукIин. Лъел балъголъи тасдикъ гьабиларо, амма гьунаралги гьенир гIемерал руго, ЧIарада мухъалда цоги росулъ гьечIеб «ГIурхьо бай» гIадатги буго цIунун. Къиматаб буго лъалухъезе гьеб гIадат, райцентралдаса, шагьаралдаса рахъунцин рачIунел руго гьенир гIахьаллъизе.

 

ТIИНАЛ ВАСАЛ КIУДАЛ ГIЕГИ

      Хасалихъего байбихьула гьез их гIагарлъиялъул байрамалде хIадурлъизе.

Хаселалъ гIи-боцIуй хер балаго батIа гьабураб гIучI-мич1илалъул рател гьабула руччабаз. Улбуздаса нахъе ккечIого, магъилъа хъачIаб рагIи-херги бакIарун, регьел щолареб бакIалда тIупун къачIала лъималаз. Гьеб ишалъул бищунго кIудияб жавабчилъиги букIуна жеги балугълъичIел васазда т1ад.

Росулъ гIадамал гIемераб заманалда щибаб авалалъул васаз жиде-жидерго «гIурхьо» балаан. ЦIадул габур борхатго лъугьарал бергьараллъунги рикIкIунаан. Байрамалъул къо тIаде щолаго, гIолохъабаз рохьоса къотIун, кIудияб гъветI эхетула цIа бакизе бихьизабураб хасаб бакIалда. ТIаде къо щведал росу бакьулъ тIохдеги вахун гIелас ахIи бала гIурхьо балеб къо тIаде щванилан. «Ле, жамагIат, гIенехьия! КъутIире рахе гIурхьо базе! ГIучIги гьой, къутIире раха, хехго!» Къвалакь, мугъалда гIучIмучIалъул гулалгун росдал магъил гIатIилъухъе гIедегIула руччабиги лъималги. Щулаго ракьулъ рекъезабураб гъотIода тIад тIупула тIолабго цIатари. ЛъагIалида жаниб вас гьавунщинаб рукъалде цIар рехсон ахIи бала гIисинал васаз гIурхьо балеб бакIалдеги рахун: «Расулил ГIабдурахIимил гIурхьоде гIучI гьве, ГIумарил МухIамадил гIучI гьве (босе)». Нагагь гIучI бачIинчIони, «гьанибе босичIони гьоробго бухIаги» абун гьеб рукъалде махсарадул хьамиги бала васаз. Лъималазул гьаракь рагIарабго, мугъалда гулги бан, цIи гьавурав васасул эбел гIедегIула гIурхьо балеб бакIалде.

МаркIачIул гIуж щвелалде кинабго гIучI-мичIил, гъотIол тIараде щвезегIан сокIкIун, бухьун рекъезабула.

ХIадурараб гIариялда цIа гъелалде, гIадлу-низам цIуниялъе жавабияв чиги вищула. Гьес изну кьурабго, цIаги гъола. ЦIадуда сверухъ лъугьун низам хвезабулезда щвезабулеб, цебе гургинаб бетIерги бугеб, хасаб гIачI-тIилги букIуна гIадлучиясул.

ГIурхьо балеб бакIалда лъугьабахъунелъухъ жидерго тIохаздаса, азбараздаса халгьабун, «цIадуца гIучI-мич1ил бухIараб гIадин бухIаги кинабго къварилъи-захIмат, унтащокълъи» абун гьарулеб жамагIатги букIуна.

ЦIадул мацI хIенхIазде сверидал, васазул къокъа гочуна, цереккунго чIахIиял ракIарараб, росдал годекIанире.

Росдал хIурматиял гIадамазул тIалабалда рекъон гьениб васаз бихьизабизе ккола кечI ахIизе, тIамур бачине ва цогидалъе бугеб жидерго гьунар.

ГьунарчагIазе кьезе сайгъаталги хIадурун рукIуна чIахIияз. Гьелдаса хадуб лъималазе ихтияр кьола жидерго байрам бокьухъе бачине. ГIурхьо баялъул буго гIасрабаз цIунараб хасаб гIуцIи, гьелъул низамги цIунула кигIан гIисиналги гIахьалчагIаз. ГодекIаниса бахъун васазул ихтилат гочуна цебеккунго хIисабалде босараб бакIалде.

ГIипуда, парчуда, аряруда, гIеруда,

ГIей, гьей!!

ГIисинхIамул чIахIалъаги,

ЧIахIахIамул гьарзалъаги,

Гъоркьияб рукъ тIатIул цIеги,

ТIасияб рукъ гьанал цIеги.

Хьалбаз магIал тIезареги,

ТIинал васал кIудал гIеги.

ЦIогьорасул чехь унтаги,

КIвахIаласул рукъ биххаги.

ТIармидаса хъуштIугеги,

Хъорщодаса таругеги.

 Я ратIа, я бох кье!

 

   Гьадин махсаро-хочIалда, гьара-рахьиялъул кучIдулги ахIулаго, кодор кьер-кьерал таргьабигун, дагьаб чIахIияб гIелалъул васал щола росдал щибаб рукъалъул кIалтIе. Рукъалъул хважаинзабазулги изну букIуна нужерго гьунар бихьун кьела сайгъат-ин абун гьездаса кьурдикечI тIалаб гьабизе.

Росу сверун сайгъаталги ракIарун васал тIадруссуна жидерго гIисинал гьалмагъзаби тараб бакIалде. Таргьабахъе банщинаб нигIматги цебе тIибитIун унго-унгояб аваданлъи, тепси- сухIмат гьабула васаз. Гьеб тепси-сурпаялдаги хъваравуллъуда букIуна гIурхьо баялъул жавабиясул «гIачI», гIадлу хвезабулесда хъубухъун щола гьеб.

Кванан нахъе хутIарал нигIматал бащадго цоцазда гьоркьорги рикьун, сордо бащалъидал рокъо-рокъоре руссуна васал. Лъималазул ихтилаткепин абун тIалаб гьечIого толаро чIахIияз гIурхьо бай.

Нахъисеб къоялъ бихьинал ракIарула годекIанире, гьениб кьола къимат сонисеб сордо-къоялъе.

 

ХАДУРАГIИ

КигIан гьитIинабги росулъ культураялъул идара бугони, гьениб чIаголъи камуларо.

Ахираб 15 соналъ росдал байрамал, тадбирал гIуцIиялъе хIаракат бахъула культураялъул хIалтIухъан МухIамадрасул ГIабдурахIмановас.

Цоги, цIакъ лъикIаб, щибаб районалъ, росдаца мисал босизе мустахIикъаб гIадат буго ЧIарада районалда. Районалъул нухмалъулел, жамгIиял гIуцIабазул церехъаби щола цIикIкIараб ригьалъул гIадамазухъе, баркала кьола гьез районалъул гIумру берцинлъиялъе, бечелъиялъе лъураб бутIаялъухъ. Гьеб мурадгун дагьалъ цере Лъалухъе Дагъистаналъул мустахIикъав мугIалим Камал ГIумаровасухъе щун рукIана районалъул нухмалъулел.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА