Гъуниб, дур берцинлъи! Бицун пайда щиб…

 

 

   Нахъеги магIарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. ЦIидасанги магIарухъе, щивав магIаруласе рекIел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги МухIамад ХIажиевасул гьунаралдаги цебе бетIер къулана ду- нялалъ. АхIулгохIалъул цIияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутIрул къулулел магIарулал.

   Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталъул мухбирзабиги щвана Гъунире. Гьенир данделъулел рукIана «Гъуниб» районалъул газеталъул юбилеялде, ай 100 сон тIубаялде хIадурлъиялъулги «Гъуниб» журналалъул иргадулаб номералъулги хIакъалъулъ бицинеги.

   Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ПатIимат Абакаровалъ.

   Газеталъул тарихалъул хIакъа­лъулъ ва гьелъул 100 сонилаб байрамалъулги журналалъул цIияб номералъулги гьалбадерие бицана районалъул бетIер МудунхIажи Къадировас.

   Районалъул газеталъул тарихги, гьелъ районалъул гIумруялъулъ ккураб, кколеб бугеб бакIалъул, журналазулги гIатIидго бицана редактор МухIамад Къебедовас.

   КIалъазе рахъана Дагъистана­лъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадов ва гIалимчи МухIамад Ибрагьимович МухIамадов, Баху МухIидинова магIарул журналалъул редактор. Журналалъул хIа­ къалъулъ гьез жидерго пикраби загьир гьаруна, ва гьенибго бицен ккана авар мацIалъул букIинеселъул хIакъалъулъги.

   ТубхIат Зургьаловалъги ракIалде щвезаруна Гъуниб клубалъул сценаялда рукIарал гIолохъанлъиялъул талихIал лахIзаталги, гьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб рокьулги, авар мацIалъул букIинеселъулги. Рахьдал мацIалъул ва гьеб цебетIезабиялъе гьаризе ругел ишазулги, республи- каялъул Халкъияб Собраниялда мацIазде кьезе бугеб кIваралъулги ва депутатазул рукIине ругел тIалабазулги бицана Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатал МахIмуддибир Каримовас ва МухIамад КIудиявмухIамадовас.

  Гьединго тадбиралда кIалъазе ра­хъана «Гъуниб» журналалъул номер биччалелъул, гьенир гIахьаллъарал МухIамад Абакаров, Зульфия ХIажиева, Шамай Хъазанбиева, Асият Ханова, Рукъият ГIалисултанова. Гьезги бицана журналазда жидецаго хъварал макъалабазулги, рахьдал мацI цIуниялъе гьабулеб бугеб хIалтIулги хIакъалъулъ. МухIамад Къебедовасги баркалаялъул кагътал кьуна гьел мухбирзабазеги, журнал берцин ва бечед гьабизе бахъараб хIаракаталъухъ.

   МагIарулазул гьеб берцинаб горсвери дагьабги берцин гьабуна районалъул культураялъул хIаракатчагIазул церерахъиназги. Гьез цоги нухалда ракIалде щвезаруна районалъул бахIарзалги, халкъияб кIалзул гьунаралъул багьадурзабиги. ТIад руссана дунялалдаго машгьурав Халилбегил къисаялдеги.

   Гьеб киналдасаго хадуб, пикраби цIидасанги гьалдезе лъугьана.

   — Машгьурал миллатцояз жидер тIогьазда орденал рарал, гьезда аскIорги кIудияв шагIирасул орденал-медалалги кенчIарал гьал мугIрул чIаго рукIаго, чIаго букIина магIарул мацIги.

   Къо-лъикI, Гъуниб. Жеги чанго нухалда тIад руссина магIарулал дур гъасде.

Ш. Хъазанбиева