БукIина газ, цIунила росаби

 

    БежтIаса пенсионер ИсмагIилов Расулица цIехолеб буго: «Нижер гIадаб рикIкIадаб районалде киданиги тIабигIияб газ щвезе гьечIин абула гIемерисез. Амма гьал къоязда бицунеб рагIана, рикIкIадал мугIрузул районазул росабалъеги кинабалиго системабаздалъун газ бачине бугилан. БитIарабгIаги гьечIодай гьеб хабар?»

    Гъоркьиса декабралда президент Владимир Путинил кIудияб пресс-конференциялда нилъер республикаялъул журналистас кьун букIана газалда ва токалда хурхараб суал. Газ бачинчIого хутIарал гIемерал росаби ругин республикаялдаян бицун букIана улкаялъул бетIерасда. Дагъистаналъул гIадамаз гIумру гьабулел киналго бакIазде газ бачиналъе хехал ресал ратейилан тIад къана президентас РФялъул хIукуматалда ва «Газпром» АОялда. Хадуб, хасаб амруялдалъун, гьес «Газпромалда» тIад къана, тIоцебесеб март щвелалде гьеб суалалъул цIех-рехги гьабун, Дагъистаналъул энергетикаялъе тIадеги инвестициялъул гIарац рехиялъе нух батеян.

  Гьеб амруялъе баян кьолаго, ДРялъул бетIер Сергей Меликовас абуна гьеб суал жинца борханила Федерациялъул Советалда, РФя­лъул Минэнергоялда ва Путинилгун букIараб дандчIваялда.

    Абулеб буго, «Газпромгун» цадахъ лъугьун, 2021-2025 соназда нилъер регион газалдалъун хьезабиялъул хасаб программа гIумруялде бахъинабизе бугилан. Гьелъие би­ччазе бугила инвестициязул 13 млрд гъурущ ва газалдалъун хьезаризе ругила Дагъистаналъул 27 районалъул росаби.  

     Газалъул аслияб рогIороялдаса цIакъго рикIкIад бугеб Дагъистаналъул 11 район хутIун буго жеги газ гьечIого.  Гьел районазде газ бачин кколеб буго цIакъго захIматаб, цIикIкIарал харжал тIад унеб ва гIемераб заман бахъулеб хIалтIи. Гьединлъидал гьел районал газалдалъун хьезариялъе данде кколеблъун рикIкIунеб буго автономияб, ай жибго жиндаго чIараб система хIалтIизаби. Гьеб къагIида гIумруялде бахъинабизе кколин абуна дагьаб цебе ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда «Газпром» ПАОялъул правлениялъул председателасул заместитель Виталий Маркеловас. Данделъиялъул аслияб хIасиллъун ккана 2025 соналъул ахиралде республика тIубанго газалдалъун хьезабизе кколин гьабураб хIукму.

  Автономияб системаялъ газалдалъун хьезабиялъул аслияб магIна ккола лъамалъизабураб (сжиженный) тIабигIияб газалъ цIезарурал хасал къалал – газгольдерал хIалтIизари. Гьайгьай, гьеб программа гIумруялде бахъинабиялъ квербакъила рикIкIада ругел мугIрузул районазул халкъ тIабигIияб газалдалъун хьезабиялъе.

  Гьеб къагIида цIияб жо кколаро. Европаялда, Канадаялда, Америкаялда, хасго Скандинавиялъул пачалихъазда цебегоялдаса нахъе кIвар кьолеб буго захIматал шартIазул мугIрузул районазул росабалъе автономияб къагIидаялъ тIабигIияб газ бачиналде. Гьеб къагIидаялда бачараб газ нилъер республикаялъул мугIрузул районазул халкъалъе щвезе букIиналдаса нилъ рохизе ккола. 

   МугIрул тун авлахъалде магIарулал рахъиналъе аслиял гIиллабазул цояблъун ккола магIишат гьабизе бигьалъи балагьи. ЦIорораб мина, квачараб хIажатхана, цIатари чIезабиялъул лъугIи гьечIеб масъала – гьеб буго магIарул гIемерисел росабазе хасиятаб сурат, ай жакъасеб къоялъул пашманаб хIакъикъат. Ва гьел масъа­лаби кинго лъугIизаризе кIвезе гьечIо росабалъе газ бачинчIебгIан заманалда. Амма, такрар гьабила, рогIралги лъун, мугIрузул росабалъе газ бачин ккола чIахIиял харжал гьаризе кколеб ва гIемераб заман бахъинабулеб захIматаб тадбир. ЦеретIурал пачалихъазда цебегоялдаса нахъе хIалтIулеб буго мугIрузда ругел жидерго росабалъе бигьаго ва учузго газ бачунеб гьеб къагIида.

  Автономияб куцалда газалдалъун росаби хьезари ккола учузаб ва тIабигIаталъе зарал дагьаб къагIида. Гьелъие къваригIуна 1-1,5 метра­лъул гъварилъуда ракьулъ лъураб, киназего гIахьалаб, кьаву чIвалареб лъамияб газ цIунулеб къали, насос, газалъул счетчикал, минабахъе газ бачунел маххул мухъал ва чорокаб газ бакIарулеб къали.

   МугIрузул районазул росабалъе автономияб къагIидаялда газ бачин ккола гIадамазул гIумру бигьа гьабулеб ва гьениса гIадамал гочинчIого рукIиналъе квербакъулеб тадбир. Щивав чияс жиндиего газ бачиналдаса, гьеб къагIида кIиго нухалда учузго чIола.

   Европаялда, Канадаялда ва Америкаялда цебегоялдаса нахъе пайда босула мугIрузул росабалъе автономияб къагIидаялъ газ бачиналдаса. Масала, араб гIасруялъул 60-абилел соназда, тIоцебе гьединаб къагIидаги хIалтIизабун, газ бачана Россиялъул Севералда ва Дальний Востокалда ругел росабалъе. Нилъер республикаялдайин абуни, автономияб къагIидаялъ газ бачараб росу гьечIо.

  ХIисаб гьабеха, жалго бетIер­гьа­нал минабазул хважаинзабазе автономияб къагIидаялъ газ бачиналъул ругел квегIенлъабазул:

  1. РикIкIадасан рогIралги лъун, чIахIиял харжал гьаризе кколаро;
  2. Газ бачунаго, гIемераб гIарацги, заманги, нервабиги хвезаризе кколаро;
  3. Дагьал харжал унел рукIиналъ, щивав чиясул рес букIуна газ бачине;
  4. Рес буго 7-14 къоялда жаниб кинабго хIалтIи гьабун бахъинабизе;
  5. Лъамияб газ, гьеб цIунулел къалазухъе чIехьола газ баччулел хасал машинабаз;
  6. Автономияб къагIидаялъ бачараб газалъ хинлъизабула мина, кидаго букIуна бухIараб лъим, газогенераторги хIалтIизабун, гьабизе бегьула токги.

   Автономияб къагIидаялъ газ бачин учузаб хIалтIи кколаро, амма гьелда тIад арал харжал кIиго-лъабго соналдасан рецIула.

   Газ бугони, росабалъ разе бегьула теплицаби, рес буго фермеразул магIишатал гIатIид гьаризе, промышленниял цехал рагьизе.

   Нури Нуриев.