МагIарухълъи цIунизе бокьун батани

 

«МагIарухълъи цIунизе кколин ахIи балелги рукIун, цо-цо тIадчагIаз магIарухълъиялдехун тIаса-масагояб бербалагьи гьабиялъул магIна щиб?» — абун гьикъулеб букIана ГъазимухIамадица, заводалда жаниб нижее экскурсия гьабулаго.

Сезоналъул лъабго-ункъо моцIида жаниб консервазул 3 млн шартIияб банка къазе кIолеб къуваталда букIараб Харахьи завод ккола гьеб. 12 соналъ чIун хутIиялъги, гьелде щвезегIан пачалихъалъул квер тIаса иналъги, тIатIала ккезе байбихьараб гьелда рухI гъезе лъугьун вуго ГъазимухIамад.

«ХIакъикъат» газеталъ гьесулги заводалъулги хIакъалъулъ цебегIанго хъванги букIана, амма гьелдаса нахъе хисараб жо ккечIо. Гьадабго хIалалда заводалъе гIарац балагьулев, тIадчагIазде ахIи балев ГъазимухIамадги вуго, гъоркьлъалие лъезе шагьаралда мал-мулк букIун гурони, кредиталъул гIарац кьеларин чIун банкиралги руго.

Амма социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIеялъул мурадалда исана 28 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб конференциялда бицунеб хабар батIияб букIана. РФялъул Минэкономразвитиялда цебе гIуцIараб Департаменталъул директор Игорь Храновскияс абуна бизнесменазе кредитал кьолелъул бигьалъаби гьаризе хIаракат бахъизе ккелин. Гьединго Сергей Меликовасги бицун букIана шартIал гьечIолъиялъ къойидаса къойиде гIадамал росабалъа гочунел ругин, гьединлъидал гьениб рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда тIад ургъизе кколилан. Гьайгьай, гьеб мурад тIубалаан ГъазимухIамад гIадал чагIазе квербакъи гьабуни.

— Лъабго нухалъ кагътал хъвана дица Сергей Меликовасухъе, — ян бицана ГъазимухIамадица. — Дир хIисабалда, гьесухъе щвезе течIо гьел. ЧанцIулго хитIабал гьарун, гIемер чиясда кIалъана лъабго млн гъурущниги кьейин кредиталъе. Гьеб жоялъе кумек щолеб гьечIо. Амма руго бащдаб гъоркь тани, гьеб гIарац пачалихъалъухъа щвезабизе рагIи кьолел гIадамал. Гьеб жоялъул дие щиб мунпагIатха букIинеб? 

Цо нухалда Росдал магIишаталъул министерствоялде ракIарун рукIана дунго гIадал, росдал магIишаталда, производствоялда хIалтIулел чагIи. Жив разияв вугин лъагIалие лъабго процентги гъоркь ккун, нужер бокьарасе кредит кьезеян кIалъана гьенив Сбербанкалъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул вакил. Гьеб мехалда цояв вахъана тIаде: лъабнусго гектаралда гIезарурал ахал ругила жиндир, гьезде дару речIчIизабизе кIиго комбайн босизе 30 млн гъурущ къваригIун бугинги абун. Цинги гьесул документазухъги балагьун, банкирас абуна дуца гьеб ракь 49 соналъ ижараялъе босун бугила, гьеб данде кколарин. Гьедин батаниян абуна дица, дунги магIарухъа вачIарав чи вугин, диеги инкар гьабулеб батилинха нужеца. Шагьаралдаса 120 километралъ рикIкIад ругел чагIазе жидеца гIарац кьоларин кьуна диеги жаваб. Гьеб манзилги Лавашиса борцунеб бугоан банкирас. Гьанже магIарухъе нух гендерил тоннелалдасан бугин бичIчIизабизе лъугьаниги, бихьулеб букIана гьесие магIарухъ бугеб халкъалъулгун щибго гьоркьоблъи гьабизе бокьун гьечIолъи.

ГьабсагIаталда ГъазимухIамадие бищунго къваригIараб жо ккола цIорол банкабиги заводалда хIалтIаралъухъ гIадамазе кьезе гIарацги. 

Консервал гьаризе къайи-цIа гьес тIаде цIиябги босун буго, гъоркь букIараб къачIанги буго.

— Сверухъ ругел цогидал росаби малъичIого, цохIо ГIоротIасагицин бачIунаан гьанибе пихъил 800 тонна, — ян ракIалде щвезабуна ГъазимухIамадица. — БакIалъул гIадамазда тIадеги, каникулазул заманалда практикаялъ нус-нус студентги вачIунаан. БачIинахъего пихъ цIулеб аппаратги Дагъистаналда цохIо Харахьи заводалда гурони гьечIо. Амма пихъил консервал гьарулеб кIиго заводги районалда букIаго, чанго миллион гъурщил зарал кколеб буго гьабсагIаталда гIадамазе. Хасго пихъ гIемераб исана гIадаб соналъ. Масала, Гьамущи кутакалда лъикIаб сорталъул гени буго гIадада холеб.

Гьединаб гара-чIвариялда ниж рукIаго, тIаде ячIарай Гъази­му­хIа­мадил лъади ПатIиматица абуна жий йикIунила, гьесда гьебгощинаб бетIерунти дуегоги жиндиегоги гьабичIого, нилъерго рокъоб бугеб мини-цехги хIалтIизабун чIезе ругин нилъилан.

— Росдал ясли-ахалда хIалтIулей йигониги, пихъил сезон бугеб мехалда кумекалъе дунги чIезе ккола гьесда аскIой. Амма гьабсагIаталда гьес гьеб гIадахъ босулеб гьечIо. Гьесие кутакалда бокьун буго гIодоса-эхедего росулъ хIалтIулеб букIараб завод цIи гьабизе. Гьединлъидал бихьулеб къоялдеги вачIунев гьечIо. Данделъараб щибаб гъурущги гьелда тIад харж гьабула. Амма басрияб къачIаялдасаги, цIияб бакI базе лъугьинго бигьа букIунин абухъе, гIе­зегIан захI­ма­лъулеб бу­го нижерго къу­ваталда бо­жун чIезе, — ян бицана ПатIиматица.

Гъазиму­хIа­­мадил мини-цех бихьидал, гIажаиблъана ниж, гьабугьин гьебги хIалтIизабун чIанигицин лъикIго цеветIелаан гьев. Бокьараб пихъилги овощазулги консервал хIадурулеб техникаялдалъун хьезабураб саламатаб цех буго гьесул минаялда аскIоб. Гьелда тIаде, жеги кIкIуйдуца мохмох бакъвазабулеб къайи-цIаги лъун буго гьес гьениб.

— Дида гIемерисез абула тIатIала кколеб заводалъул ургъел гьабун щайилан. Кидаяли тIубараб росуги участокги жаниб хIалтIулеб букIараб гьеб берда бихьулаго чIунтизе тезе бокьун гьечIо, ракIунтулеб буго гьелъухъ балагьун, — илан бицана ГъазимухIамадица.

Росулъе щвараб мехалда технолог хIисабалда ГъазимухIамадие малъа-хъваяздалъун кумекалъе ватула Харахьиса ХIайдар Маликовги. Амма гьев гьабсагIаталда КIикIуни заводалда хIалтIулев вуго.

— Чияр бакIалде инегIан, нусцIул бокьилаан хIалтIулев дирго росулъ чIезе. Пайда щибха. Гьав ГъазимухIамадие дагьабниги кумек щолебани, пачалихъалдаса яги цоги бакIалдаса, жегиги нусго соналъ хIалтIизабизе бегьулеб къайи-цIа бугоан гьаниб. Гъоле, банкротлъунги лъазабун, дагьалъ хутIана КIикIуни заводги къазе. Сергей Меликовас кверги чIван, рухI речIчIизехъин буго гьанже гъолдаги. Гьединабго бербалагьи хIажат бугоан Харахьи заводалъеги, — ян бицана ХIайдарица.

Гьел лъабазухъго гIенеккараб мехалда ракIалде щвана дагьалъ цебе рагIараб цо хабар. Жив диниявги жамгIиявги хIаракатчиян, бечедалги машгьуралги чагIазда аскIов чIун суратал рахъун, интернеталде гьелги рехун, жиндиего цIар гьабулев цо нилъер ракьцояв вуго. Унго-унголъунги гьев кутакав чийилан божиялъищали, Москваялда гьесие рукъ сайгъат гьабун рагIула ни­лъерго гьаниса кутакав цо бизнесменасул гIагарлъиялъ. ГьедигIан хъулухъ гьечIого цояз цогидазда тIад харж гьабулеб гьеб гIарац ГъазимухIамад гIадал патриотазе щайдай щоларебин абураб суал бачIунеб буго.

Дица гьеб суалалда хурхун хитIаб гьабуна республикаялъул хIукуматалъул лъабго идараялде. Жеги жаваб щвечIо. ДРялъул бетIер вищун хадуб министрзабазул кабинетги гьанже цIидасан гIуцIизе кколеб букIиналъ батила, гьезда сверухъ цо чIванкъотIи гьечIеб. Амма гьеб суалалде нилъ цIидасан тIад руссина. Щайин абуни мугIрул ругебгIан мехалъ нилъеца магIарухълъиги нилъерго росабиги цIунизе кколелъул.

Зульфия ХIажиева