Иххица бащдаб росдада «михир бачана»

 

 

      29 июлалда кутакаб чвахунцIадги бан, кIудияб зарал ккана ЧIарада районалъул Арчиб администрациялде гъорлъе унеб Хилихъ росдае. Гьебги малъун, кинабниги анкьго росу буго арчисезул администрациял­де гъорлъе унеб. Гьезда гьоркьоб, 62 цIараки бугеб Хилихъ ккола бищун кIудияб. Араб хамиз къоялъ гьезул 34-ялъе кIудияб къварилъи ккана.

Анлъго мина-рукъ тIубанго биххизабуна. АнцIгоялдасаги цIикIкIун минаялъул рукъзабахъе лъим кIанцIун, жаниб бугеб къайи-цIа хвезабун, хIаталдаса араб зарал ккана гIадамазе. Жанире руссине бакI гьечIого хутIарал гьел, гьанже гIага-божараз жидерго гъоре рачун хIебтIун руго.

Бищунго цIикIкIун зарал ккаразул цояв вуго ГIабдула Пайзудинов­ги. Цевеккун кIигониги болжалалъ Хилихъ росдал администрациялъул нухмалъулевлъун вукIарав чиги ккола гьев.

 

ХIарщулъ къан хутIарал хьулал, иххица босун араб магIишат

    «ТIубанго мина-рукъги биххун, дунго гIадин, хутIана дир вацгIалги. ГьабсагIат гьев гIага-божаразул дове вахъун вуго, дун якьадалъ­ул дове вахъине ккана. Гьединго руго цогидалги. Амма жибго за­ралалъул бицани, валлагь ккана­ха. Нижер росдал тарихалда жаниб жеги гьединаб гьалагаб цIадги бан, гIадамазул рукъзал риххизарураб хIужжа ккун букIинчIилан бицана херал чагIазцин. Гьединаб ракIалда гьечIеб жо ккана араб хамиз къоялъ. Щиб гьабилеб, тIабигIияб балагьал­да цебе хIетIе ккун нилъехъа бажа­рулеб гьечIелъул.

— Нужехъе щал рачIарал къва­рилъи ккун хадуб? Республика­ялъул тIалъиялъ кумек гьабизе рагIи кьечIищ?

   — РачIана, валлагь. ТIоцебесеб къоялъго Арчиб росдал администра­циялъул бетIер вачIана, районалъул бетIерасул нухмалъулесул замести­тель МухIамад ГIумаровасухъе ди­цаго ахIун, гьев вачIана нижехъе. Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад СагIадулаевасул ва­кил хIисабалда, ЦIуриб росдал администрациялъул нухмалъу­лей МуртазагIалиева Муслиматги ячIана. МЧСалъул вакилзабаз абу­на жидехъа нужее кумек щоларин, щайин абуни, цIадаца риххизарурал минабазул цонигиялъул «зеленка» гьечIилан багьана бачана гьез.

   Дир буго 1966 соналъго мунагьал чураяв инсуца кьураб участокалда бараб мина, доб мехалъ «зеленка­дул» тIалаб гьабулев чиги вукIинчIо. Исана гьеб документ гьабизе бокьун­ги вукIана дун, амма гьелъие квер­бакъизехъин вукIарав лъалев вас (гIолохъанчи), машинаялъ аварияги гьабун, чIвана. ЧвахунцIадал ралелде чанго къоялъ цебе гIадин ккана гьеб ишги. Гьедин хутIун букIана «зеленка» гьабичIого.

Гьале анлъабго къо буго росулъе ма­шинадул нух гьечIелдасаги. Росулъе вачIунев чи вугони, гъоба ахада, щуго километралъ рикIкIадегIан машинаги тун, лъелго вачIине ккола. Къокъго абуни, ниж лъиениги хIажат гьечIилан абураб гIадаб асар буго дирги цогида­зулги рекIелъ рещтIун. Гьале анлъабго къо буго росулъе нух къотIун бугелда­са, токги гьечIо цо-цо минабахъ, амма гьавилан абун хIукуматалъул рахъал­даса нижехъе вачIарав чи ккечIо», — ян бицана ГI. Пайзудиновас.

   Ккараб заралалъул бицине лъугьа­ни, сордоги къоги гIеларилан вугоан ГIабдула Пайзудинов. 1979 соналда­са нахъе хъизаналъги гьесги данде гьабураб магIишат тIири течIого ана иххица. ЦохIого цо, къватIисел улкабазде унелъул хIажалъулеб па­спорт гурони, тIокIаб документги кодобе щун гьечIо. 500000 гъурущ гIарацги рокъоб букIараб къайи- цIаги — кинабго ун буго гьесул бо­сун. Гьединабго зарал ккун буго вацгIаласеги. Ихх жанибе кIанцIун, хIарщул цIун ругел рукъзабахъе нухги щвечIого, кIиго къоялъ чия­ца кьураб ретIелги ретIун вукIанин гьевин бицана ГIабдулаца. Ахирги, тIохде щула гьабураб квариде жив­гоги вухьун, рокъобе жанибе нух бахъизе кIун буго ГI. Пайзудинова­сул вацгIаласда.

Бекараб ракI нахъойги чIунтизабуна, цIадги бан

    1992 соналъго рукъалъул бетIергьанчиги хун, къороллъуда хутIарай Рамазанова ГIарцулалъулги кIитIалаяб мина биххизабуна гьа­лагаб чвахунцIадалъ. КIиго лъи­мерги тIубан, лъабабилей ясалъе ригьнаде унеб мехалъ кьезе данде гьабун букIараб кинабго къайи- цIаги гIарац-меседги рас течIого ун буго иххица. Гьелда кутакалда ракI гурхIанин, бадиб магIу ккун бица­на нижее лъабабилеб августалда Хилихъ росулъе щвезе ун йикIарай «ЧIарада» райгазеталъул редактор Аминат МухIамадовалъ.

   — Дидаго, битIараб бицани, гьелда аскIое инецин кIвечIо. Гъоркьгоги къороллъудаги йикIун, захIмат ба- ччун данде гьабураб магIишаталдаса циндаго ятIалъарай гьелда щиб рагIи дица бицинебин абураб пикруялъ ккун чIезаюна дун, — ан абуна Ами­натица. Гьанже жиндирго херай эбе­лалъул дое яхъун йиго гъаримай гьей пулан.

Хасало боцIи-панз хутIила къварид

   Мина рукъ биххизабичIониги, ха­салоде боцIуе данде гьабун букIараб рагIи-хер иххица ун, зарал ккарал гIадамалги дагьал гьечIо Хилихъ росулъ. 45 азарго гъурщиде ком­бикормаги, гьединго 350 танг ха­рилги кIиго къоялъ цебе босун, гьороб гьебги сокIкIун вукIарав цо гIолохъанчиясул магIишатги кинаб­го щущазабун буго тIабигIияб бала­гьалъ.

   Хилихъ росулъ къварилъи ккарал гIадамазе кумек гьабизе бокьарал гIадамаз гIарац рехизе бегьула гьебго росулъа, ХIайдаров МухIамаднабил цIаралда бугеб гьаб номералде: 8964-019-85-10.

 

Ашахан ЮСУПОВ