ГIагараб ЧIарада, чIагоял чагIи жеги дагьлъун гьечIо Дагъистаналда (Расул ХIамзатов)

 

 

   Баракат бугев чиясул баракат ралъдалъ бугеб ччугIиеги щолин йикIунаан дир дахIабаба. Гьедин, Рулдаса Ибрагьимил МухIамадил баракаталдалъун щвана некIого бихьизе анищлъун букIараб гьесул умумузул росулъего гIадин, ЦIулдагун Багинуреги.

ЦIулда

    Щаяли лъаларо, амма дун чара гьечIого щвезе кколин кIудияв имамасул секретарь МухIамадтIагьирил росулъеян абураб пикру букIунаан кидаго. БитIараб бицани, дида ккун букIинчIо гIалимчиясул наслуялъул чагIазги росуцоязги гьададигIанго цIакъ гьесул ирс цIунун батилилан – заман баялъ чIегIерлъиялде сверарал гьесул тIахьалги, къайи-сверигицин. Гьелъул хIакъалъулъ Ашаханица гIатIидго хъван буго. Жакъа къоялъги хIалтIулеб буго ЦIулда МухIамадтIагьир хьвадулев вукIараб мажгитги. Амма гьелъул некIсияб тарих бихьизе биччалеб гьечIо къадаздагун мокърукь кьабураб пластикалъ. Цо рахъалъ, гьеб къачIарал росдал гIадамазда гIайибги гьечIо. Бажарараб куцалда гьабун буго гьез гьеб. Гурони, квер хъвачIого тарабани, заманалдасан тIубанго биххун тIатIала ккезеги рес букIана. ГIурччинаб кьералъул пластикги сверун ккун, гьединабго куцалда «къачIан» букIана гIезегIан соназ цебе некIсияб Къорода росдал мажгиталда аскIоб бугеб рукъги.

    Амма къанагIаталлъун кколел гьединал объектазул сипат-сурат букIахъего хутIулеб куцалда гьел рукIалиде рачунеб хасаб къагIида букIуна. Гьелъие гIезегIан гIарацги къваригIуна. Дир хIисабалда, гьеб хIалтIи памятникал цIунулеб пачалихъалъул идараялъ гьабизе ккола.

     АскIо-аскIор гьанжесеб къагIидаялъул цо-цо минабиги ран, ракI судулеб куцалда ругоан гьенир некIсиял минабазул хутIелалги – кIамураби, тIад батIи-батIиял гIаламатал, суратал рикIарал ганчIазул къадал. ЦIулда гурелги, Багинурги, Гьидалъги, ЧIохъги (Мамаласул мина, мисалалъе) рихьана дида гьел янгъизго.

       ТIасахун кумек щвезегIан чIечIого, щивас жидедасаго бажарараб жо гьабунигицин мадар букIина. Гьединал чагIазулцо-цояллъун рихьана МухIамадтIагьирил наслуялъул чи ГIабдуллагь-хIажиги росдал музеялъул директор Темирбудаги. Гьев кIиясго добе-гъобе ккезе биччалеб гьечIоан росдал тарих. ГIабдуллагь-хIажица гIумру гьабулеб буго МухIамадтIагьирил букIараб минаялъуб (тIасияб тIалаялда). Гъоркьияб тIала буго кIинусго соналъ цебего букIараб гIадаб къагIидаялда цIунун (магIида рарал тIимгъалги, хуриб-ахикь хIажалъулеб алат-квараги, жужа-хъухъарал къадалги, МухIамадтIагьирил тIахьалги, гьеб гIодов чIолев вукIараб бакIги, гьес кагъат къотIулеб букIараб алатги). 

     Темирбудацаги музеялде бакIарун буго цогидал бакIазда жеги рихьичIел гIадинал экспонатал. Масала, шашликIал режулел рукIараб алат, хьопал хьухьун гьабураб пулав цIулеб жо, кутакалда интересал документал. Жиндир эбел-эмен данделъулеб мехалда гьабураб къотIи-къайин абунин ккола гьес гьеб. 1953 соналда хъвараб гьелда бихьизабун буго бахIаралъ цадахъ бачIунеб къайи-цIа. Хвани яги ратIалъани, бахIарасда тIадаб бугоан гьеб нахъе кьезе.

        ЦIакъ ракIгъураб хабзалги бугоан ЦIулда. МухIамадтIагьирилги цойги лъикIа-лъикIал гIадамазулги рухIал нилъеда цадахъ хьвадулел ругин кколеб асар лъугьунеб букIана. МухIамадтIагьиридаса чанго галул манзилалъ вукъарав, МахIачхъалаялда нижер мадугьаллъун вукIарав ГIумарасхIабил хабатIе зияратги гьабун, ниж Рулдаре къватIире лъугьана.

Рулдаб

      Нухда чIвараб игIланалдасан Кьесер мухъалда ругел киналго росабазул сияхIалда гъорлъ гьелъул цIар балагьулел рукIана ниж. Киналго росабалъе ЦIуриса кигIан манзил бугебали хъван бугоан гьелда. Рулдаб батичIо гьениб. КIочонищ, яги чIунтараб росу бугиланищ тарабали. Амма росулъ нусидаса цIикIкIун избирателасул хъвай-хъвагIай бугиланги бицана гьениса Ибрагьимил МухIамадица. Росулъе тIаде рахиндал, рищиязул участок жаниб бугеб минаги бихьана.

     Рулдаре уна ГIирисан эхеде, магIарде тIаде. Нухалги ракIалде ккаралгIан квешал гьечIоан. Гьел МухIамадил вац Шамсудиница жинцаго къачIанин бицана росулъ.

    Росдал кIал байбихьулеб бакIалда, нухлул ракьанда лъун бугоан «Япония» абун тIад хъвараб кIудияб гамачI. Цере рулдаселги гIириселги гIемер къацандизе кколел рукIун руго ракьал сабаблъун. Япония гIадаб, малъгIанасеб Рулдаб росу шагьар гIадаб жидер росугун къацандулеб бугилан ракIалде ккеялъ батилаха, гIирисез гьелда гьеб цIар лъураб. Рулдасезулги тIадкIалъай гьечIин ккола гьелда.       

    МаркIачIул бер рукIкIиндал, росулъе жанире лъугьарал нижеда дандчIвазе вачIана гIурусасул сипат бугев, гьоркьохъеб ригьалдаса арав чи. Жинда тIад цо кIвар бугеб иш къараб гIадаб хасиятги букIана гьесул.

  «Познакомьтесь, это комендант нашего села», — ян махсара гьабуна Ибрагьимил МухIамадица. Хъваш-баш гьабидал, гьес бицана жив вугила Омскалдаса Олег Коваленко. Къогоялдаса цIикIкIун сонал ран ругоан гьес Дагъистаналда. Дагьаб мех батиларо гьев Рулдав чIаралдасаги. Хъизаналъул иш битIичIолъиялъ, жив рокъове тIадвуссинарин, бегьулеб батани, нужеда цадахъ теян гьарун бугоан гIурусас МухIамадил вац Шамсудинида. Гьедин гьев гIезегIан авадангоги, ракI разигоги нижее Рулдаб росдал магIишаталъул бицунев вукIана. Жакъа къоялъ шагьаралда рукIунел чагIи ричIчIуларила жинда, бихьуларищдила Рулдаб бугеб сихIкъотIиги, гIодобиччараб гIумруги. Жив гьанив гIицIго боцIи-панзалъулги росдае къваригIараб-катIалъулги тохал-халалда вукIунила. ГIурусалъ гьес бицунеб каламалъулъ «хабар» абураб рагIи, борчIидал, дуда магIарул рагIабигийищ лъалел абун гьикъана дица. «ГIандадерил цIикIкIун лъала, цеве дун Бабаюрт районалда гIандадерил Бутуш хъутаналъул школалда хIалтIулев вукIана. Хадув 1999 соналда «ХIамил гIин» магIарда рагъ байбихьидал, ополчениялде ккана», — ян жаваб кьуна Олегица. Гьесул хадусеб къисматалъул цIех-рех гьабизе ниж лъугьинчIо, сапаралъул мурадги гьеб букIинчIелъул.      

   Рулдаб гьабсагIаталда буго лъабго цIараки. Шагьараздаса гIадамалги рачIун, рии-риидал байбихьула росу чIаголъизе.

   «Рулдаб чIунтизе байбихьана 1985 соналда нахъе. 2000 абилеб соналдаса хадур гьанир гIадамал цIакъго дагьлъана. Гьезул гIемерисел гочана Шамхалалде, Гъизилюрталде, Гъизляралде.

   Цо талихIалъ, гьанже росуцоязда ракIалде ккун буго Рулдаб цIи гьабизе. Рес кканщинахъе рачIун, къачIалел руго умумузул минаби, яги санагIатаб бакIалда цIидасан ралел руго гьел. БетIергьанлъи гьабичIого рехун таралин ракIалде кканиги, щибаб мина-карталъул, ракьалъул хважаинги ватула гьанив – гьаб жидер вац-васасе, имгIаласе, инсуе лъидасаялиго ирсалъе щвараб бакI бугин абула», — ян бицана профессор Ибрагьимил МухIамадица росдал чIвадназухъги чIун. Гьединги абун, гьес ниж рачана вац Шамсудиница данде гьабураб жидерго хъизаналъул музей бихьизе. ТIасан гIурччинаб маххги ккун къачIан бугоан некIсияб гьеб мина. Лъималги гьечIей гьезул ункъгIалалъул букIараб бакI ккола гьеб. 

           ЦIулалги, маххулги, ганчIилги гьарурал гьел гIадатиял тIагIалабазда гъорлъ ругоан Сталинил, Ленинил, Дзержинскиясул суратал, унго-унгояб бацIил муляж, магIарул пандур, мандолина.

      Гьенисан ниж къокъана росдада нахъа бугеб магIардехун. Гьаваялъул бацIцIалъиялъул кутакалъищ, яги борхалъиялъул магIнайищали, цо параялдасан бетIер сверун, тартадизецин лъугьана дун. Археологалгун цадахъ вачIиндал, нижер гьудул-гьалмагъ, цеве «ХIакъикъаталда» жавабияв секретарьлъун хIалтIулев вукIарав ДибиргIали Хазамовас хасаб алаталъ борцун бугоан гьеб борхалъи. Ибрагьимил МухIамадил рокъоб жаниб гьеб борхалъи 2 280 метра абун бихьизабун бугоан. МагIарда тIадегIан борцани, 3000 метра кколеб батила.

        Гьединал пикрабазда ниж рачIунел рукIана биххараб росулъ нижее экскурсия гьабулев Ибрагьимил МухIамадида хадур: «Гьаниб цониги букIинчIо чIунтараб рукъ, гьитIинаб мехалда кколаан тIубараб дунял гьаниб бугилан; гьале ниж цIалараб байбихьул школалъул хутIарал чIваднал (хадур рулдасезул лъимал ГIириб интернаталда цIалун руго – авт.); гьале рехъалъа боцIи бачIиналъухъ балагьун, дир кIудияй эбел гъоркь гIодой чIолей йикIараб кIудияб гамачI; гьагъале нижеца рекьулел рукIарал, гьанже гIуру къарал хурзал. Ролъ гIемер бижулеб букIиналъ, имам Шамилил аскаразе ролъ гьаниса баччулеб букIун буго…».

   Гьедин щун ратана Нукъуш росда тIаде балагьараб бакIалде — МухIамадил вац Шамсудиница хIамида лъун баччараб ганчIица бараб кIитIалаяб гьитIинаб рукъалда цере. Даруяб лъим чвахулеб бакI ккола гьеб. МагIарде рахиндал рулдасезул умумул кидаго гьениреги  щолел рукIун руго. Гьанжеги мегIер-гIалахалде щварав чиясул рес буго гьениб хIухьбахъизе, чай гьекъезе (гьелъие хIажатаб алат-квараги токги буго чIезабун).           

     МегIер сверун рачIунаго, ниж росдал годекIанире, мажгиталде цере щун ратана.

       Мажгит цIи гьабуни, росдадеги лъалаго нур бачIинаан абураб хьул буго Ибрагьимил МухIамадил. Цебеги мажгит букIараб бакIалда бан буго гьеб гIезегIан берцинго — цокIалаб ганчIил къадалги, жаниб — бухIараб/цIорораб лъимги, гьанжесеб къагIидаялда ккураб плиткаги цогидабги. Гьелда тIад харж гьабун буго сверухъ росабалъагицин бечедал ракьцояз ва жалго рулдасез садакъадуй кьураб гIарац, къадал разе, жанисан хIалтIаби гьаризе рахъун руго росдал гIолохъаби.

   Гьедин бицана рузман базе ГIириб росулъе ине нухда чIарав Абакарица.

     «Мунагьал чураяв АхIматIиловас босана нижер колхозалъул ракьалги гIи-боцIиги. Гьелъухъ кIиго млн-гун бащадаб кьун букIана гьес росдае. Щибдай гьелда малъилебилан рукIаго, ракIалде ккана гьеб гIарцухъ мажгит базе. Цебе мажгит букIараб кколаан гьаб.  Амма цо заманалда росдал склад, хадуб клуб рагьун букIана гьениб.  

   Росдал гIолохъабазги кутакалда яхI бахъана: рачIун эхедегун, лъарас лъараб гьабуна. Гьелда тIадеги росда тIаса бугеб рохьосан 2,5 километралъул манзилалда лъабго къоялда жаниб росулъе лъимги бачана. Нижер умумуз кидаго бицунеб жо букIунаан гьеб»,- илан бицана Абакарица.

     ГьабсагIаталда гьев хIалтIулев вуго росабалъ ругел хъулухъчагIазул махщел камил гьабиялъе МахIачхъалаялда рагьараб институталъул ректорасул кумекчилъун.     

 Ибрагьимил МухIамадги Шамсудинги гIадин, Рулдаб цIи гьабизе ракIалде ккаразул цояв вуго Абакар Закариевги. ЦIи бараб жиндирго рокъоре гьеб къоялъул радал кофе гьекъезеги ахIун рукIана гьес ниж.  

      Абакарица Рулдаб мина баралдаса анкьго-микьгониги сон буго.

         «Цеве дун гIемер вачIунаан гьаниве кIудияй яцалъухъе. Хадуб хъизаналъулги дирги пикру ккана гьаниб нижеегоги мина базе. Гъойги гьаний гIурай гIадан ккола. Цин ургъана кибдай гьеб балаян. Лъицаниги ричулел рукIинчIо жидерго бакIал, амма гьезда гьел цIи гьаризеги ракIалде кколеб букIинчIо. Росдал администрациялъул бетIерас гIакълу кьуна I960 соназда ясли-ах букIараб бакI лъикIилан. Районалъул администрациялде гIарацги кьун,дица босана гьеб бакI. Гьедин байбихьана гъоркь рукIарал къадалги тун, тIасан гьеб бакI къачIазе. Амма къадахъан валагьизе захIмат букIана. Гьеб мехалда Ибрагьимил МухIамадил вац Шамсудиницаги байбихьана жидерго инсул мина къачIазе, цинги росда гъоркьа ферма бана гьес. Гьедин нижедаса мисал босизе байбихьана цогидазги.

     Гьале санайилго хIухьбахъизе росулъе вачIуна дун. Гьелъ гьабулеб асар бицун бичIчIизабизе кIоларо дида. Рохьдоде, гIияде араб мехалда лъимерлъуда дица хIетIе чIечIеб бакI гьечIелъул гьаниб.

      Шагьаралда гIадаб багIариги хIалкъайги гьаниб букIунаро. Къаси-къаси кIи-кIи юргъан базе ккола тIад», — илан бицана Абакарица.

  Абакарихъеги Ибрагьимил МухIамадихъеги гьоболлъухъ Рулдаве вачIун вукIана ГIириса Рамазан АхIмадов. Республикаялда машгьурав уролог ккола гьев. Рулдаб цIи гьабулеб букIиналдаса кутакалда вохун вугоан Рамазанги:

      «Ахир-къадги нилъ руссунеб бакI ккола умумузул росу. Нужеца цIи гьабунагIан, лъималазги цIи гьабула гьеб, биххизе танагIан, лъималазги ургъел гьабуларо ян абула дица ракьцоязда. Дие цIакъ бокьана Абакар дове тIадвуссин, дир яцгIалалъул вас ккола гьев. Гьединго рекIее гIуна Ибрагьимил МухIамадицаги, Шамсудиницаги, гьезул вацгIал Шамилицаги, МКХялда вугев администрациялъул бетIерасги Рулдаб минаби цIи гьари. Хасго росу берцин гьабизехъин буго цIи бараб мажгиталъги».

     Гьеле гьединал, рекIелъа берцинал гIадамазулгун къо-лъикIги гьабун, хадуб балагьун «Японияги» тун, цоялдаса цоял мугIрулги, чIагоял росабиги къотIун, нижеца нух босана Багинубехун, ШугIайб-афандил зияраталде.

        Гьелъул хIакъалъулъ Ашаханица хъван бугелъул, тIадежубай гьабичIого толеб буго.

         Амма дунял цIураб хасияталъул чIарадисезги жалго гIадаб баркат-рахIматаб гьезул тIабигIаталъги нижер щивасул рекIелъ гьабуна цо гьайбатаб бусен…

Зульфия ХIажиева