Гьабурасе хIалтIи, хIажатасе шартI

 

 

   ТIоцебесеб нухалда дун БежтIе щун вукIана советияб заманалдаго, ай 1979 соналда, Сугъралъ росдал колхозалъул гIиги бачун. Нухда 26 сордо-къоги бан, лъикIаб хIалалда свакан, гIезегIан захIмалъиги бихьун, бежтIадерил ракьалде щведал, цо батIияб дунялалде щвараб хIисаб букIана. Рорхатал мугIрул, балагьун гIорцIулареб берцинлъиялъул ва бер гIунтIулареб гIатIилъиялъул тIабигIат, кирго рихьулел рохьал, гъира базабулеб сасгун дораса-гьанисан чвахулел рацIцIадал лъарал…

   Росулъе щведал, тамашаго бихьана гьелъул гIуцIиги — тIубанго батIияб къагIидаялда рарал цIулал минаби ва тунго лъугIулареб (гIага-шагарго 7 км) хIалалда гIурулмухъ ккун унеб росу. Хадувккун гIезегIан бакIазде щваниги, гьединаб бакI чачаназул ракьалда бугеб магIарулазул Кенхи росулъ гурони тIокIаб кибго дандги чIвачIо.

   Дагъистаналда, хасго магIарухъ гьобол-гьудул хириял гIадамал ру­кIин киназдаго лъала. Амма бежтIадерил гьеб гIамал-хасият буго цIакъго тIадегIанаб даражаялда. Гьел руго тамашаго гIадатиял, ракIал рагьарал, кутакалда гIамал рекъарал гIадамал. Гьел цIакъ разилъула цо лъил бугониги хъулухъ тIубазе, лъие бугониги кумек гьабизе рес щвеялдаса.

   БежтIа участок пачалихъиял идарабазул бербалагьиялда гъоркь бугониги, гьенибе щолеб кумек, квербакъи якъинго бихьулеб бугин абизе кIоларо. Гьелъие гIиллаги батизе бегьула тахшагьаралдаса рикIкIалъи (300-гIан км) ва тIадегIанал хъулухъазда бежтIадерил вакилзаби гIемер гьечIолъи.

    Редакциялъул коллективгун цадахъ гьенибе бухьараб сапаралда, тIоцебесеб иргаялда, щвана росулъа 4-5 километралъ рикIкIад, рорхатал мугIрузул ахада, гIонсол бицатаб гъатаз бакI-бакIаздаса бацараб, АваргIурул байбихьи бугеб авал-майданалде. Риидалил заманалда бежтIадерица гьениб боцIиги хьихьула. Цо бокь батаралъуб лъалхъидал, гьений ятана боцIул тIалабалда йигей социалияб хъулухъалъул хIалтIухъан, ПатIимат ГIабдурахIманова.

 

БЕЖТIАДЕРИЛ ХIАН

— ПатIимат, кин гIуцIун бугеб хIалтIи?

    — ГIагарлъиялъул чагIазул гIачиги данде гьарун, хис-хисун гьаниреги хьвадун, хьихьула боцIи. Гьаниб буго кинабниги 22 гIака. Диде ирга щведал бечIчIараб рахь букIуна дие, гьебго хIалалда цогидазеги.

— Дур буго 1 гIака, цогидалъул – 3, лъабабилелъул жеги цIикIкIун. Дуца 22 гIака бечIчIун гьабураб хIан хутIулеб буго дуе, лъабго бугелъеги гьебго. БитIун бугищ гьеб?

   — Байбихьуда, киналгоги ракIарун, бечIчIула жиде-жидер гIака ва молокомералъ борцуна щибаб гIакдаца кьолеб рахьдал къадар. Мисалалъе, дир гIакдаца кьуна 5 литр, мадугьалалъул гIакдаца — 10 литр. Дун гьание уна цо къоялъ ва гьеб къоялъул рахь-хIанги хутIула дие. Дой цояй уна кIиго къоялъ ва кIиябго къоялъул рахь-хIанги долъие хутIула.

— Дур рос Салман ккола участокалъул росдал магIишаталъул управлениялъул хIалтIухъан. Гьес абуларищ тейин гьеб хIалтIи, чIайин дурго хIалтIудайилан абун?

  — Абуларо. Гьесиеги кутакалда бо­кьула тIабигIат ва гьаб хIалтIи, цо-цо нухалъ живгоги вачIуна кумекалъе. ГьабсагIаталда гьев МахIачхъалаялда вуго, гуребани жакъаги гьанив вукIунаан.

 

СВЕРУЛЕБ ГЬОБО, ХХЕНОЛЕБ ХАНЖУ

   Нилъер умумузе чара гьечIеб жо букIана гьобо, цониги гьеб гьечIеб росуги къанагIат гурони букIун батиларо. Бокьараб нигIмат тукабазда бугеб гьаб заманалда гьеб хIал сверана гIаксалда — къанагIат гурони ратиларо гьабал ругел росаби. БежтIа буго токалъ хIалтIулеб гьобо, буго лъетIа хIалтIулебги, амма гьеб гьабсагIаталда чIун буго. Токалъ хIалтIулелда гьабигьан йиго чIужугIадан — ГIайшат ИсмагIилова. Гьелъулгун букIараб гара-чIвариялда ГIайшатица бицана, жинда рекъараб хIалтIи батизе ккани, гьеб захIматаб иш бугин.

— Дир рокъов вукIана 5-6 бихьинчи. Дир аслияб хIалтIи букIана даран-базар гьаби.

    Могьолал культураби дагь гурони хьаларо нижер гьанир, ругелги хIалтIизарула дица, хIажатаб босула МахIачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса. Жалго гIадамазги бачIуна. Масала, НахIадаса гIемер бачIуна огоб. Нижер росулъ, я сверухълъиялда тIокIаб гьечIо хIалтIулеб гьобо. Гьединлъидал хIалтIи гьечIого киданиги хутIуларо, рачIуна нижерго гьанисаги мадугьалихъ росабалъаги гIадамал.        

   — Дица букIине кколеб хIалалда бацIцIад гьабула кинабго, ракI бацIцIадго бассула, гьелда рекъон гIадамазеги бокьула дир ханжу, тIи, тIех, гIатI, урба ва цогидаб, — ан бицана ПатIиматица. Гьаниб бичизе урба босизе дун хьвадулаан Буйнакск, Гъизилюрт, Хасавюрт шагьаразде. Гьедин, цо бакIалдаса лъелъ босун, цогидаб бакIалде гьеб ххенезе ун, дун щвечIеб бакIго хутIун батиларо. ГIемер захIмат бихьулаан, бизарлъулаан. Гьединлъидал хIукму ккана росулъго гьобо хIалтIизабизе. Гьеб иш лъалей, гьелъул хIалбихьи бугей гIаданги дун йикIинчIо. Амма бала-гъалагьун, гьазда-дозда гьикъун, добаса-гьаниса хIа­жатаб данде гьабун, дицаго гьабуна гьобо ва 18 сон буго гьаний хIалтIулелдаса.

— Гьеб хIалтIи тезе ракIалда бугищ?

  — Дир буго 67 сон. Аллагьас черхалъе сахлъиги, кверазе къуватги кьурабгIан заманалда жаниб дица гьобо хIалтIизабизе буго. Лъабго къоялъул дунял буго гьаб, гIемераб жо къваригIунги гьечIо. Амма пенсиялъул 10 азарго гъурщихъ балагьунги кинха чIелей? Дир буго цо гIачIар, картошка бекьулеб 5 сотыхалъул участок, гьаб гьобогиха.

 

ГУЧАЛ РОХЬАЗУЛ ЧУЧЛЪУЛЕБ КЪИСМАТ

 

    БежтIадерил ракь киса-кибего ккун буго рохьаз. Гьединлъидал хIукму ккана рохьихъан АхIмад Му­ хIамадовгунги дандчIвазе. Гьев рохьил магIишаталда хIалтIулев вуго 28 соналъ. Гьезул жавабчилъиялда буго БежтIа, ХашархотIа ва НахIада росабазул рохьазул 11,4 азарго гектар. 90-абилел соназда гъурана, бокьухъе къотIана рохь. Гьединаб ахIвал-хIал букIаниги, щибаб соналъ 3-5 гектар тIадеги чIун, гьезда кIвана гIаммаб гIатIилъи цIунизе.

   Амма буго гьадинаб масъалаги, — ян бицана А. МухIамадовас, — соналдаса соналде цIикIкIунеб буго гIадамазул къадар, росабалъе бачун гьечIо тIабигIияб газ, гьединлъидал рес гьечIо цIул хIалтIизабичIого. Дагь-дагьккун дагьлъулеб буго рохьил законодательствоялда рекъон къотIизе бегьулеб рохь. Гьадин балагьун бихьулеб гьечIониги, гьеб буго цIакъ кIудияб ва кIвар бугеб масъ- ала. ТIабигIияб газ бачиналъул ва токалъул рахъалъ киналго шартIал чIезариялъул суалал гIагараб заманалда тIурачIони, 10-15 соналдасан гьеб сверизе буго экология ва тIабигIат хвеялда хурхараб балагьалде.

 

БИЦАРАЛЪУЛ ЛЪАЛКI, ГЬАБУРАЛЪУЛ НУХ

   Дагьал церегIан соназдаги бокьараб росдал гIумруялъулъ лъалеб бакI кколаан годекIаналъ. ЦIиял харбалги лъазе, цо-цо кIвар бугел суалалги дандразе гьенире ракIарулаан хараби, къадруял гIадамал. Заманалда рекъон хисана годекIанги. Щивасул рокъобе щвана телевизор-компьютер, бухьеналъе руго бокьарал алатал. Щивас жидерго рокъо-рокъоб гIуцIана гьитIинабго «годекIан». Гьанже дагьал росабалъ гурони дандчIваларо цебесеб мисалалда «хIалтIулел» годекIаби. БежтIе щведал, ниж тIаде ккана рузманалде инегIан кIудияб ригьалъул гIадамал ракIарулеб, КIудияб мажгиталда аскIоб бугеб «КIудияб кьодухъ» годекIаналде. Нижергун хабаркIалалда вукIарав 68 сон барав Шарапудин Шейховас гьадин бицана:

  — Нижер авалалда вуго дидаса кIудияв цо чи. ТIолабго росулъ ватила 20-25 чи. Гьанже годекIабазул цебе гIадаб къимат гьечIониги, гьел хIажалъула. Росдал гIемерисел суалал харабаз росулаан годекIанире дандразе, цоязда лъалареб цогидаз бицунаан гьениб, кколаан пайдаял бухьенал. ГIаммаб куцалда босани, годекIан букIана росдае ва росдал жамагIаталъе чара гьечIеб бакI.

— Мун гIолохъанаб мехалда годекIаниб бицунеб букIарабги гьанже бицунебги цого бугищ?

  — Дагьа-дагьал гIадамал ракIарулел годекIаби гIезегIан руго росулъ, гьанир ниж данделъула рузманалде инегIан. Цебе политикаялъул гIемер бицунароан, хабар кколаан росдал гIумруялъул, гьениб лъалаан дунялалдаго кколетолеб. Гьаб заманалда гIемерисеб бицунеб жо букIуна пенсиязда сверухъ, гIадамазул рукIа-рахъиналда хурхараб. ГIемерисеб хIалтIи-ишги харбиде буссун бугелъул, гьанже дагьаб цIикIкIун буго политикаги.

— БежтIадерида цере чIарал аслиял масъалаби киналлъун рихьулел дуда?

  — Цереялде данде нухал гIемерго лъикIлъун руго, амма пачалихъияб программаялда рекъон 2022 соналда хъил тIураб шагьранух щвезе ккола БежтIа росулъе. ЦIакъ бокьилаан исана гьеб хIалтIуе байбихьи лъезе.

— МагIарухъ ругел цо-цо росаби чIороголъулел руго, гIадамал гочунел руго гIодоблъиялде. Гьеб рахъалъ щиб хIал бугеб бежтIадерил?

— Ахираб 10-15 соналда жаниб 1,5 нухалъ кIодолъана нижер росу. Гьеб жеги кIодолъизе ва цIилъизе букIиналда дир кинабгIаги щаклъи гьечIо.

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ