Мовчанил экспедицияги ГIашуратил музейги  

     БежтIе щвезегIан, кутакаб берцинлъиялъул бакIлъун рикIкIунаан дица ЛъаратIа район. Чанго соналъ цере ЦIамагIурухъе щун рукIана ниж. Гьелдаса нахъе таманаб заман аниги, щибаб нухалда тIун унаан ракI, сверухълъиялда нур базабулеб гIурччинлъиги, сураталда гурони рихьичIел, керчал рохьаз рацарал мугIрулги, гъора кирали, гъварилъуда кенчIолел тIокIкIарал лъаралги цере рачIиндал.

    Амма бежтIадерил сверухълъи жеги гьайбатаб батана.

   Анцухъ росу нахъа тарабго, загьирлъулебги букIана гьеб. Нилъ цо батIияб Дагъистаналдецин унел гьечIодайин абураб пикру щулалъулеб букIана, щибаб свери танщинахъе.

Бакъва-кIасарал мугIруздаса хадуб буччараб тIабигIаталъул БежтIа бакI бихьидал загьир гьабураб гIажаиблъи буго Геннадий Мовчанил «Старый аварский дом» абулеб тIехьалдаги. 1940-1950-абилел соназда магIарухъе нилъер архитектураялъул тарих бакIаризе вачIун вукIарав машгьурав архитектор ккола гьев.

      МагIарулазул росабазде дандеккун, бежтIадерил мухъалда щулалъиялъе рарал сиял гьечIолъиялде кIвар буссинабулеб буго Мовчаница. Гуржиязулгун гIорхъода цунги ругелъул, батIаго рагъ-кьал къваригIараб хIал букIун батиларо бежтIадерил.

     Абухъего, гуржиязулгун гьезул гьоркьоблъи загьирлъулеб буго гIезегIан жалаздасан: масала, мацIалдасан. БежтIадерица бицухъе, гьезул умумул бетIербахъиялъе Гуржиялъе унел рукIун руго. Гьедин лъалеб букIун буго гуржи мацIги. ХIатта, гьанже гьез хIалтIизарулел гIаммал рагIабигицин рагIула. Мовчаницаги хъвалеб буго, жив гьениве щвараб мехалда, гIурус мацI лъалездасаги цIикIкIун рукIанила БежтIа мухъалда гуржи мацIалда кIалъалел гIадамал.

     Гьединго минабазул рагъабиги руго гуржиязул къагIидаялда къачIарал – цIулада тIад накъишал рикIун гьарурал. ЦIул гьарзаяб бакIалда рукIиналъ, жалго минаби руго цIулал гьарурал. ГанчIил гьариялдасаги гьедин учуз чIолин жидее гьелин бицана бежтIадерица.

     Нахъеги тIад руссинин довго Мовчаниде. Гьев гIажаиблъизавун вугоан бежтIадерица бакъвараб хер доб мехалда рокъоб цIунулеб букIиналда. ЦIа ккеялдасанигийищдила гьел хIинкъулел рукIинчIел.

    Мовчаница дандекколел руго Кьадалги БежтIаги ругел минаби. Цого бакIги, цого чагIиги ругониги, тIубан батIи-батIиял минаби ругила гьенир: Кьадал дагьал тIуцал, цо яги кIиго тIалаялъул. БежтIа – рорхатал, кIиго-лъабго тIалаялъул, нухде тIаде ралагьарал рагъабиги ругел.

    Гьединал пикрабазде машгъуллъарай дун БежтIе щун ятана. Гьениб бараб кIиябго къоялда жаниб ниж асир гьарурал бежтIадерил хIакъалъулъ бицун хIалкIоларо. Гьединлъидал цохIо ГIашуратил бицун тела.

    Жакъа Дагъистаналъулги гьелъул гIадамазулги хаслъи цIунарай гIадан хIисабалда бокьараб пачалихъалдаса рачIарал гьалбадерида йихьизаюни, нилъ нечоларей гIадай гIадан йигоан гьей. Бицунеб харбихъ балагьун, дида ккун букIана гьей цо кIудияб музеялъул хIалтIуда яги администрациялда жавабияб хъулухъ-ишалда ятилин абун. Щайгурелъул гьелда кутакалда лъикI лъалеб бугоан республикаялда ва гьеб тун къватIиб лъугьа-бахъунебги, гIадамалги, гIумруги, динги.

    ЛъикI лъалеб бугоан магIарул мацIги, адабиятги, тарихги. Цонигиял гIурус мацI бицине журани, «магIарулалъ кIалъай» абун малъа-хъваялги гьарулаан.

     БежтIа росасда нижехъа Сапират йигин нужер гьаниян бицине байбихьарабго, мун Харахьисайищ абун, чIваркьун ялагьана ГIашурат дихъ. «У, дир эбелалъул росу ккола гьеб», — ан жаваб кьуна дица.

   «Питералда цо чIухIараб мажгиталда жание щведал, гьеб Харахьиса ГIисахIажияс банилан бицана дида. Гьелдаса дир букIараб чIухIи лъалебаниха дуда — нилъер магIарул чи гьединаб кIудияб къуваталда ватиялдаса.

   Сапиратил васги ккола Россиялдаги цоги бакIаздаги бергьарав чемпион. Цо-цо мехалда цIар абун лъаларо гьев гьанив, «Харахи» абуни, киназдаго лъала», — ян бицана ГIашуратица.

  Сапират ккола Россиялъул БахIарчи, Чачаналда ГIурус-Мартаналъул рагъулав комендантлъун вукIарав ХIайдархан ХIажиевасул яцалъул яс.

   Сапиратил мина ниж чIараб бакIалдаса цIакъго рикIкIад бугилан абидал, дунги цогидалги ГIашуратихъе ана сордо базе.

    Дида байбихьуда гIадада ккун букIун гьечIо гьей музеялъул хIалтIухъанилан. Жинцаго гIумру гьабулеб минаялъул кIиго рокъоб жаниб музей гьабун буго ГIашуратица.

   «Магъакьги рищни-къулги бакIарулей йигилан гIайибгъвел гьабула диде лъималазги гIагарлъиялъги. Гьеб бихьизе бокьулеб батичIони, бох бахъуге дир гьанибеян абула дица гьезда», — ян бицана ГIашуратица.

   Музеялда бихьизабун буго бежтIадерил цебесеб гIумру, гьединго руго Россиялдаса экспонаталги. Масала, кутакалда берцинаб некIсияб турка бугоан гьениб.

   «Дун милицасул яслъидал, гьединлъидал дида лъала гIадамазул гIамал-хасият. Цо нухалда СанктПетербургалда йикIана дун. Гьенир рищни-къул балел къалазда жанир хъирщадулел ругоан гьардухъаби. «Ворея, цо! Дир участокалда квалквадулел чагIийищ нуж?! ЧIехьея гIодоре гьел тургьби, нужер гьениб щиб бугебали лъазе кколин дида!» — ян лъугьана дун гьезде, кутакай мафиозиялъул ххвелалги гьарун. Гьел божана гьеб бакIалда тIад дир кверщел бугин абураб жоялда. Гъоз чIехьараб рищни-къулалда гъорлъ батана гьеб турка. КIутIун нахъе босун гьебгун, гьа, гьанже бокьараб гьабе нужецаян, хазабуна дица гьениса», — ян елъана ГIашурат.

   Умумузул къайи-цIаялдехун гьелъул рокьи бижун бугоан кIудияй эбелалдасан. ГIашуратил эмен райцентралда милициялда хIалтIулев вукIун, гьей, эбел хун хадуй, кIудияй эбелалда аскIой колотIа гIун йиго.

    «КIодоца бицунаан жалги жидер умумулги кванихъ гуржиязда цере хIалтIун, кутакалда захIматаб бетIербахъиялда рукIанилан. Гьединлъидал гьединаб гъинги тIун, гьез данде гьабураб мукъсанабго магIишатги, гьез квер квалулел рукIарал тIагIалабиги, ретIел-кунги кин гIодобе рехулеб? Жакъаги гIорцIизегIан кваназе кIоларо дида, дозда ракIгурхIун», — илан бицана ГIашуратица, ракIги тамахлъун.

   Гьелъ жиндирго музеялде къайи бакIарула риххизаризехъин ругел басриял минабахъе хьвадун, гIадамаз къватIибе бараб рощногохIаздаса. Гьединго цо-цоял жалгоги рачIуна гьелъухъе церегосел тIагIалабиги росун. КIи-кIи ругел жал, гьелъ музеялде рачIарал чагIазе сайгъатги гьарула. Гьедин диеги щвана хьухьун гьарурал бежтIадерил щватаби. Амма жинца гьеб тIагIел-гIучIги, ретIел-кунги цин чурулин бицана ГIашуратица. Гьединлъидал цо-цо мехалда гьелъ жинцагоги ретIуна музеялда лъураб партал-хьит, чIвала кIазал.

   Музей гуребги, «Инсан» фондалъул БежтIа бугеб филиалалъул нухмалъулесул заместительги ккола ГIашурат.

    ПалхIасил, жиндир хIакъалъулъ бицине жо гIемерай ва, кигIан мехалъ аскIой йикIаниги, чIалгIунарей гIадан йиго гьей.

    … БежтIе гьабураб сапар ахиралде щванин ккараб мехалда, гIорхъаби цIунулезул заставаялда аскIоса Ганжа-гIурухъехун нух босана нижеца. Даруял иццал ралагьулаго, гуржиязулгун гIорхъоде щвезегIан ун ратана. Гьелдаса рохун нижги рукIана. Ганжа-гIурухъа масакI-ччугIадай кквела, кваназе гIодор чIезе бакIдай хIадурилаян ругеб мехалда тIаде гIунтIана басрияб «Урал» машина. Вабабай, гIорхъадул низамги хвезабун нижеда хадур рачIунел аскариялдай гьалилан, ракIго лъикI букIинчIо. Ахирги гьел ратана гуржиязулгун гIорхъода бугеб бежтIадерил колотIе гIачи речIчIизе унел руччабиги, гIезегIан соназ БежтIа ветеринарлъи гьабурав Шарапудин абулев чиги, жеги чанго гIолохъанчиги.

   Рилълъаралани, ниж колотIе цадахъ рачунел рукIана гьез. Цинги, ралъдада тIад чайка киннигин, Ганжа-гIурухъан хъамизабун «Уралгун», нухлулал цереса тIерхьана. Гьезда хIайранлъун хадур балагьарал нижее абуни, цо-кIиго масакI кквезегIан гурони заманги хутIун батичIо нахъруссун ине.

     МаркIачIул бер рукIкIараб ригь букIана. Къадгицин чи къанагIатаб гьеб сверухълъиялда лъугьараб сихIкъотIи гьоркьоб къотIизабуна нижер машинаялда хадуб бахъараб пещтIеялъ. ЦIидасан хIинкъи рещтIана рекIелъе. Цо талихIалъ, гьев ватана, магIарде гIиги щвезабун, лъелго Кьадаливе щвезегIан вачIунев Шахбулат.

    Россиялъул политикаялде гIунтIун азарго батIияб хабарги бицун, Кьадаливе щвезегIан кутакалда ракIгъезабуна гьесги.

   Гьедин, берцинаб тIабигIаталъги, тIабигIаталдаса берцинал бежтIадерицаги асир гьарурал ниж МахIачил шагьаралде щвана рогьалилъ.

   З. ХIАЖИЕВА