АнсалтIа чуял тIамуна

 

ЖамгIиявгун политикияв хIаракатчи, Хелекьуриса МухIамадтIагьир ГIабдулбасировасул хIурматалда, 15 маялда Болъихъ районалъул АнсалтIа тIобитIана чуял тIамиялъул тадбир.

 

Гьелда гIахьаллъана ДРялъул физкультураялъулгун спорталъул министр Сажид Сажидовги, ГIабдулбасировасул гIагарлъиги, районалъул нухмалъулелги, республикаялдасаго гьалбалги.

Чуял рукIана мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса рачIа­ ралги.

ЧIалде щварал чуязул бетIер­ гьабазе кьолеб гIарцул фондалъе биччан букIана кинабниги 320 азарго гъурущ.

ХIасилал гьаридал бергьараллъун рикIкIана АнсалтIаса Нажмудин КъурбанхIажиевасулги, Рамазан ГIубайдулаевасулги, Щодродаса ГIали ШагIбановасулги чуял.