ГIемеразда релълъараб… ва лъидаго релълъинчIеб

 

Гьал къоязда Дагъистаналда букIана «Россия — жакъа» абураб федералияб каналалъул ункъо журналистгун операторасдаса гIуцIараб къокъа. Гьел ккола Эрик Фонсека, Илья Енин, Эдуард Горборуков, Анна Куропатова. Гьезул мурад букIана Испаниялъул ва испан мацIалъул телезрителазе Дагъистаналъул хIакъалъулъ документалияб фильм (26 минут) хIадур гьаби. Гьеб мурадгун гьел щвана Гъуниб районалде, Сулахъ къварилъухъе, Кубачиялде, Дербенталде ва данде гьабуна гIураб материал. Сапаралдаса хадуб нижеца программаялъул автор, каналалъул ведущий, Мексикаялдаса Эрик Фонсе-калгун гара-чIвариги гьабуна.

 

— Эрик, 10-гIанасеб соналъ мун гIумру гьабун вуго Москваялда. Кин ккарав Россиялде?

— Актерлъиялъул махщалие цIалулев вукIана Мексикаялда. КIиябго улкаялда гьоркьор рукIарал къотIи-къоязда рекъон, дун витIана Москваялде ва лъугIизабуна Щукинил цIаралда бугеб училище. Гьеб лъугIидал цо сериалалда хIана ва, гьенив вихьун дун, испан мацI лъалел хIалтIухъаби гIоларого рукIун, ахIана рехсараб каналалде хIалтIизе.

— Мексикаялда вукIаго, Россиялъул хIакъалъулъ лъалеб жого букIанищ?

— Дир гъира букIунаан Россиялъул тарих ва жакъасеб гIумру лъазабизе. Гьединлъидал дагьа-макъаб бугониги, лъалаан. ГIаммаб куцалда босани, Мексикаялда ругезда цIакъго мукъсанго гурони лъала- ро Россиялъул хIакъалъулъ. Дора гIемер руго Россиялъул хIакъалъулъ рицунел батIи-батIиял харбал, мифал. Гьезул хIакъикъат баян гьаби буго дир аслияб хIалтIиги.

Байбихьуда гIезегIан захI­ матгоги букIана, хасго мацI лъалареб заманалда. Гьанже гIемерго бигьалъана. Амма гьелда цадахъго букIана цо масъалаги, ай культурияб. Нилъер буго тIубанго батIияб гIамал-хасият, рукIарахъин ва цогидабги. Кин батаниги, Россия дие лъугьана кIиабилеб ватIанлъун.

— Хадубккун Мексикаялдайищ яги Россиялдайищ гIумру гьабизе ракIалда бугеб?

— Гьеб суалалъе жаваб кьезе кIоларо. Дун ругьунлъун вуго Россиялде, дир лъадиги йиго гIурусай, вуго нижер васги. Гьездаги лъикIго лъала испан мацI. Амма гьанже Мексикаялда гIумру гьабизе нижее захIмалъизе буго.

— Мун щвана 15 батIияб пачалихъалде, Россиялъул гIемерал регионазде. Дагъистаналде гьабураб сапаралъ кинаб асар гьабураб?

— Дида рагIун букIана Дагъистаналъул хIакъалъулъ. Амма ракIалде ккунго букIинчIо гьадинаб гьайбатлъи батилин абун. Тамашалъизавуна Сулахъ къварилъиялъ. ХIакъикъаталдаги гьеб буго тIабигIияб хIикмалъи, балагьун бер гIорцIулареб берцинлъи. Гъамсукь росдахъги валагьун гIемер ургъана сунда релълъарабдай гьеб бугебилан? Дун вачIана гьадинаб пикруялде: гьеб буго Грециялъул Санторини чIинкIиллъиги Турциялъул Каппадокия авалги жубазабун гьабураб гIадаб тIабигIияб памятник. Гьениб дида цебеса инчIо дирго ВатIан, тIабигIат, гIадамазул хасияталъулъ буго цоцада релълъин. ГIадамазул сипаталъулъги буго пархен – мех-мехалда цо-цо чагIи цIакъ релълъун рихьула дидаго лъалел мексикаялъулазда. Дидаго лъалел чагIи ругинги ккун, гьезул квер бачине инехъинцин ватула. Дие цIакъ бокьула кваназе ва дун гIажаиблъизе гьавуна нужер кваница, гьелъул гьарзалъиялъ. ХIасил гьабун абуни, Дагъистан буго цо гIажаибаб хаслъи жиндилъ бугеб, гIемеразда релълъараб ва гьебго заманалда лъиданиги релълъинчIеб, тIубанго жеги лъалареб, амма бихьичIого гIолареб республика.

— Дуца рехсарал Санторини, Каппадокия гIадал бакIазда ругел шартIал гьечIо Дагъистаналде рачIунел туристазе чIезарун…

— БитIараб буго, туристал рачIине ккани, шартIал чIезаризе ккола.

 Бихьулеб буго МахIачхъалаялда гьеб рахъалъ хIалтIи гьабулеб букIин. ГIадада биччазе бегьуларо заман. ШартIал гьечIониги, масала, Гьамсукье рачIунел руго гIемерал туристал. Гьеб лъикIги буго. Амма жакъа нижеда дандчIвана цоги хIужа — къадазда щиб бугониги хъвалел, кьищни гIодобе реху- лел. Гьеб рахъалъ чIезабизе ккола къвакIараб низам. Гьаб кинабго буго нужер миллияб бечелъи ва гьеб цIунизе ккани, гьабизе ккола кIудияб хIалтIи, гIуцIизе ккола хасаб программа. Гурони, бугебги дагь-дагьккун тIубанго чIунтизе рес буго.

— Нужеца гьаниб гьабураб хIал­ тIул тIалаб букIине бугищ Испаниялда, Латиназул Америкаялда?

— Буго. Дихъе гIемер хъвала Кубаялдаса, Венесуэлаялдаса, Аргентинаялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гIадамаз. Гьел гъираялда балагьула Россиялъул регионазул хIакъалъулъ дица хIадур гьарурал программабазухъ ва ракIалде ккола жеги цIикIкIараб гъирагун балагьилин дозда лъазего лъалареб Дагъистаналъухъги.

Нижеца цо чанго суал кьуна Анна Куропатовалъеги.

— Дагъистаналъ кинаб асарха дуе гьабураб, Анна?

 — Нужер гьаниб буго кутакалда берцинаб тIабигIат. СШАялда бугеб Гранд-каньоналде дун щвечIо, амма Сулахъ къварилъиялда бащалъулеб тIабигIияб гIаламат дида кибго бихьичIо. КигIан бицаниги чIалгIунаребгIан бакI буго Гъамсукь. КигIан ургъаниги, дида лъазе кIвечIо кин базе кIолеб гьал мугIрузулгун кьурабазул рагIаллъуда росу, кин гIадамаз гье- ниб гIумру гьабулеб букIарабали. Гьеб буго божизе захIматаб, тIабигIаталъгун инсанасул квералъ гIуцIараб гIажаибаб бакI. Гьобол къабул гьавизе нужер бугеб гьунаралъул рагIун букIана, гьанже нижедагоги бихьана. ЦIакъ ракI рагьарал гIадамал руго нужер.

— Дур ракI рекъечIеб, бокьичIеб жо щибха ккараб?

— Турист хIисабалда ячIун йикIарайани букIинеги бегьилаан гьеб рахъалъ абизе жо. Хириял гьалбал хIисабалда къабулги гьа- рун, лъикIал шартIалги чIезарун, кIвар бугеб хIалтIуда ругеб заманалда дида рихьуларо гьединал жал. Нагагь рихьани, кIварги кьоларо. ХIалтIи лъугIидал гьаниса нахъе ине йиго цоги нухалда, ай хъизамгун цадахъ, тIад юссинин абураб хьулгун.

 

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ