Салам, гIагараб тIалъи! Салам, дир Хунзахъ район!

    Гьале гIедегIулей йиго нахъеги магIарухъе, гIагараб Хунзахъе. Гьаб нухалдаги- гIажаибго берцинаб байрамалде, умумузул гIадатал тIад руссунел талихIал лахIзатазухъе гьоболлъухъ. Хъил тIун цIвакизарурал кIичIарал нухалги нахъа толаго, яхуней йиго хунздерил тIалъуде.

    Хунзахъ «шагьаралде» гIагарлъулелъул, дандего бачIана гьелъул тарих.

    НекIсияб Хунзахъ. Дуца ракьалда бекьанщинаб гьунар, наслабазе тарабщинаб гIакълу.

    Гьаб баракатаб ракьалда бижанщинаб гьунар. Гьале жакъаги гьалъул гъасде тIад руссунел руго умумузул гIадатал. Жакъаги гьез магIарул гъасда бакулеб буго цIияб цIа…

    Салам, гIагараб тIалъи. Салам, дир Хунзахъ район.

 

 

    УЛБУЗУЛ ХЪАХIАЛ ШАЛАЛ

 

 

 — МагIарул шал — хъахIаб шал,

Эбелалъул махI бугеб,

Эбелалъул рохелги

 Угьдиги симсалъ лъураб

 БотIрода чIванщинахъе,

Дилъ пашманлъи рещтIунеб,

Пашманлъиялъ кверги цIан,

Лъимерлъуде ячунеб…

 

        Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул поэмаялдаса гьал мухъалги рукIана дир пикрабазда цадахъ — гьабсагIаталда байбихьизехъин буго шалазул «парад».

       Гьалеха хъахIал гормендабиги шалалги чIварал магIарул ясаз берцин гьабураб горсвериялда гIажаибаб чIаголъи лъугьана. Кавказалъул рагъул бахIарчи ХIажимурадил цIаралда бугеб аллеялдаса тIаде рачIунел руго магIарул руччаби. Гьеб сипаталъулъ букIанщинаб нур. АхIулаго кечIгун, гьел цересан унелъул, цере рачIунел рукIана гьеб берцинлъи нилъее ирсалъе тарал, мугIрул согIаб тарбиялъул карачелалъ лъадарарал, жидер къвакIинедегьлъиялъе мугIрузгицин бутIрул къуларал руччаби. НекIогоялдаса рагIун букIинчIо магIарул булбул Парихан Мусаевалъул гьаракьги. Жакъа гьей йикIана парадалъул цеехъанлъунги. Районалъул администрациялъул минаялде цере гьел щведал, яхIго гьабизе кIвечIого, дунги цолъана хъахIмаккалгун. Дидаги букIиндалха симсалги халатаб, нахъасаги угьараб, черхго бахчараб хъахIаб шал:

 

— МагIарул шал, хъахIаб шал,

Нахъа терек угьараб,

 Расен бухьун сверухъе

 Симис рекъезабураб.

Кодоб босанщинахъе

Нилъер бидулъе унеб,

Даим гьелда букIуна

Эбелалъул хасаб махI…

 

     Гьеб руккелалъулъ парпалел рукIарал хъахIал шалазул щибалъул букIана жиндирго къисмат. Щибалъ гьурщулеб букIана магIарул чIужугIаданалъул багьа тIадегIанаб намусалъул къиса. РекIелъ бессун чIолеб татуяб махIги чIвалеб букIана гьездаса:

 

— Эбелалъ дие кьураб,

Дица жеги цIунараб

Дирги буго хъахIаб шал,

 

Щулияб къисмат бугеб.

 

 МагIарул шал щибалъулъ

Жиндирго къисмат бугеб,

Къварилъиги рохелги

Биххун куназда лъураб…

 

    Районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиевасул кIалъаялъулъги бихьулеб букIана бахчараб чIухIи — шалал чIварал магIарул руччабаздехун гьабураб гьесул кIалъай рохеллъун чвахулеб букIана сверухълъиялде. Ва дида цIидасанги рагIулеб букIана шагIиралъул гьаракь:

— Даим гьелъулъ букIуна

 Эбелалъул канаб нур,

Кодоб босанщинахъе,

 Нилъер бидулъе унеб.

 Дагъистаналъул ясал!

 Нужеде дир аманат –

Улбуца нахъе тарал

 Шалазул къимат гьабе…

 

 

     МАГIАРУЛ ГЪАСДА БАКАРАБ ДАИМАБ ЦIАДУХЪЕ

 

     Тадбиралъул кIиабилеб бутIалъун букIана магIарул гъасда бакараб цIа. Гьеб цIадухъе гIедегIулел рукIана байрамалъул гьалбалги гIахьалчагIиги.

     Гьале магIарул печь. Гьениб беролеб цIа. ЦIадул сариназухъе печалда тIад гьалдолеб бугеб магIарул могьол хьагги, корониб бежулеб чадил махIги.

     Гьелъул хIалбихьизе иргаялда чIарал гIемерлъулел рукIана, хасго беччараб чадил. ЦIурачадал-пурщабазулги, белъараб-бежараб бакь-гьаналъулги, могьолги, магIарул ролъулги, цIоросаролъулги, гьолочIвараб гIатIалги хинкIазулги, тIехалъулги, тIидукарщилги махIаз ахIулел рукIана магIарул кванил хIалбихьизе.

    Дагьаб добегIан магIарул гIертIалги, гулгуналги, щар чIвалел дадалги. Гьенир данделъарал гIолил ясаз хIалбихьулеб букIана, къвалги бан, гIеретI баччизе.

     Гьенибго — кечI-бакъанги. Гьалеха гIенеккарал жиндир гьаракьалъ асир гьарулей ГIайшат Тажудинова. Умумузул бакъназда гьелъ ахIулел кучIдуз дагьабги хинлъи кьолеб букIана гъанситоялъе.

    Гьале гьаб цояб рахъалда ПатIимат СултIановаги. Жергъада килщалги кIутIун, гьелъ щобил бакъан биччайдал, кьурдул сверуде гIедегIарал гIемерлъулел рукIана…

    Гьалеха байрамалъул гьалбалги — Шамил, Болъихъ, ЧIарада, Гъуниб районаздаса руччабазул советазул нухмалъулелги. Гьез щиялъги бицана жидерго районазда руччабазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ.

     Махсара-хочIги, ихтилат-кепги, адаб-хIурматги — гьеб кинабго букIана гьудуллъиялъул гIаламатлъун. Гьеб тадбиралъ цолъизарурал магIарулазул ракIазулъ букIараб чIухIиялъги берцин гьабун букIана горсвери. ЧIухIун рукIана гьел тIад руссун рачIунел ругел умумузул гIадатал къабул гьаризе рес щвеялдаса.

    Байрамалъул лъабабилеб бутIаялда шапакъатал кьуна районалъул гIумру цебетIезабиялъулъ бутIа лъолеб бугел цо-цо руччабазе. Гьезие ва районалъул тIолалго руччабазе сайгъат гьабураб байрамалъул музыкалияб бутIа нухда бачана культураялъул отделалъул нухмалъулей Жапарат Хъайтмазовалъ. Ихдалил байрамги руччабазда баркулаго, районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиевас тIадегIанаб къимат кьуна жакъа районалъул гIумру цебетIеялъулъ руччабаз кколеб бакIалъе. ГIумруялъул тIугьдуллъун кколел руччабазда ихдалил рогьелгун, гьогьенгун бачIараб байрам баркана районалъул батIи-батIиял идарабазда хIалтIулел ругел бихьиназги.

    Районалъул «ГIакаро» кьурдул ансамблялъ гьарурал кьурдабазги бицунеб букIана хунздерил тарихалъулги. Ва ахиралдаги – улбузги кIудиял улбузги ясазе ирсалъе толеб бугеб насихIатазул гъамас рагьулеб лахIзат. Гьениса кIодоэбелалъ жиндирго ясалъул яги васасул ясалъухъе кьолеб буго цIа. Гьеб цIа цIунизе ккола хъизамалъул гъасда чIужугIаданалъ. Гьединабго байбихьиги букIана: кьурдухъаби-ясал ва щиялда аскIоб бакараб чирахъ. Хъизамалъул канлъиги буго чIужугIаданалъул кодоб…

    ЛъугIана байрам, щивав гIахьалчиясул рекIелъ хасаб бакIги тун.

   ЦIидасанги тIад юссуней йиго тахшагьаралде. Къо-лъикI гьабулеб буго гIагараб тIалъиялъулгун. ЧанцIулго нахъги юссун, цIидасанги салам кьолеб буго: — Салам, гIагараб тIалъи! Салам, дир Хунзахъ район!…

 

     Шамай ХЪАЗАНБИЕВА