АхIи базе ккараб хIал

Коронавирусалъул унтудаса цIуниялъе гIадамаз щиб гьабулеб буге­бали бихьизе росабалъе унев Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун цадахъ ниж щвана Кудалиб росдал участкаялъулаб больницаялде.

 

Ниж рачIиндал, больницаялъул хIалтIухъабаз бицана жидер гьа­ниб гьалбал гIодор чIезаризе сах-саламатал бакIалцин гьечIин абун. Хъваш-баш гьабун хадуб, районалъул бетIерас, больницаялъул хIалтIул, гьенир гIолел-гIоларел рахъазул, цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицун, медицинаялъул хIалтIухъабазулгун данделъи тIобитIана. Районалде ахIун анин абун, гьеб къоялъ больницаялъул заведующая Басират АхIмадова хIалтIуда ятичIо. Гьединлъидал ни­жер гара-чIвари ккана кIудияй медсестра ГIабдурахIимова Умараши­датилгун.

 

Кавказалъул рагъул соназда ви­хьун вуго цересел кудалисезда тIоцебе хъахIаб халгIат ретIарав чи ва рагIун буго гIурусазул цIар рагIарав тохтур Пироговас авлахъ­алъулал шартIазда операция гьаби­ялъул хабар. Гьесул кумекчилъун вукIун вуго Кудалиса Къадиев Къа­ди. Пироговас гьесие сайгъатги кьун букIун буго.

Машгьурав хирургасе операци­язда кумек гьабулеб букIун буго Ку­далиса Арцулаев МуртазагIалица. Гьесул пагьму-гьунаралдасаги лъукъарал сах гьаризе бугеб махщалидасаги разилъарав Пироговас гьесие сайгъаталъе хирургиялъул алатазул наборги кьун буго. Гьелги хIалтIизарун, гвангвараялъул ра­кьаги борлъун, МуртазагIалица цо лъукъарав рагъухъанасе операция гьабиялъул хIакъалъулъ кудалисез жакъаги бицуна.

 

ГIадамал сах гьариялъе Аллагьас гьединаб махщел кьурал чагIазул ро­сулъ буго цIакъго цебе бараб гIадаб, пуланав чиясул минаялъуб хIебтIун бугеб, 11 койка-бакI бугеб больница. Гьенив вуго 16 хIалтIухъанги.

Руго цаби-гIусазул ва гIаммаб ка­бинетал, руччабазул ва бихьиназул палатаби.

Ахираб нухалда больницаялда капиталияб ремонт гьабураб мех лъалеб гьечIо. Больницаялда гьечIо сах-саламатаб мебель, бугебги буго басрияб, мукъсанлъи буго бу­сен-къайиялъул рахъалъ. Дараба­зул рахъги расги лъикIаб хIалалда гьечIо. Газеталда лъезе больница­ялъул минаялъул сурат бахъулев дида медсестраялъ абулеб рагIана: «Суратал рахъичIого, нижее да­рабаздалъун кумек гьабуни лъикI букIина», — ян.

 

Гьел шартIазда хIалтIулел боль­ницаялъул хIалтIухъабаз бицана гIадамазда гьоркьор тIиритIун ру­гин рекIел ва бидурихьазул, гьуъразул, ургьисалабазул унтаби, хаслихъе ва хасало — гриппалъул унтаби, гIемерлъун ругин бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIи.

Диспансеризациялъ бихьизабу­ла халкъалъул сахлъиялъул бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал. Гьединал хал гьабияз чIезабуна туберкуле­залъ унтарав чи къанагIат вукIин, щуго чи вуго чакрил унти бугев, анлъго чи — ракалъ унтарав.

Жакъа больницаялда къваригIинчIеб жого гьечIин абуни, мекъи букIинаро. Амма гьелъул хIалтIухъабаз районалъул бетIерасда гьарана жидее ксероксги, компьютерги, хехаб кумекалъул цIияб машинаги щвезе кумек гьабейилан.

М. Къадировасги рагIи кьу­на, кватIизе течIого, гьезул гьари тIубазабизе.

 

Гъоркьиса хIукму гьабун букIун буго росдал больница къазе, амма районалъул бетIерас биччан гьечIо. Жакъа бугеб гIадаб хIалалда боль­ница тани, медиказе хIалтIи букIин гурони, унтаразе гьелдаса мукъса­наб гурони пайда букIинаро.

Кинго бичIчIуларо, «Земский тохтуриланги» абун, миллион гъу­рущги босун, хIалтIизе ячIарай больницаялъул заведующая Баси­рат АхIмадовалъ, кумек гьарун, щай ахIи баларебали. ЦIакъго ракI бухIун гIодани, беццаб бадисаги магIу бачIунин гурищ абулеб.

 

ХIалтIуе гьечIел шартIазул ва ресазул рахъалъ больницаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал- хIалалъул бицун щай Басират ку­мек гьарун райадминистрациялде унарей, райбольницаялъул бетIерав тохтурасухъе щай яккуларей, Сах­лъи цIуниялъул министерствоялде ун, щай гIарз гьабулареб, сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазул реско­малда щай лъазабулареб?!

Гьел ва цогидалги суалазе жаваб балагьизелъун телефоналдасан бу­хьен ккуна Б. АхIмадовалъулгун. Цо чанго суалалъе жаваб кьейин чанцIул гьараниги, «дир заман гьечIинги» абун, гьелъ кIалъазе инкар гьабуна.