МагIарухълъи берцинлъулел ишал

Лъим бугеб бакIалда гьитIинабго бугониги къулгIа балеб гIадат букIана нилъер умумузул. Свакан унев чи, нухда къулгIа батидал, жиндир рукъалъул бокIон батарабгIан вохулаан. Щивасе санагIаталъе бараб бакI гьеб букIинги бичIчIун, гьениб рацIцIалъиги цIунулаан.

Гьениб какги бан лъимги тIад гьекъон, хIангун чедги кванан чучулаан нухлулазул свак. ЦIияб къуват, чIаголъи бачIунаан лъелго унел гьезул махIабалъе. Какие чуризе лъим, маххул банка, как базе хъорщол къачIан гьабураб бокIон — гьединаб букIана къулгIа дир лъимерлъуда.

Сапаралъ чи гIемер вахъунеб, нухазда хьвадулел машинабазул сас къасиги къотIулареб заман буго гьаб. Нухлулал цIикIкIанагIан даран-базарги цебетIуна шагьраялъул рагIа-ракьанда бизнес гIуцIаразул. Гьеб батIияб тема буго, жакъа бицине бокьун буго нухлулазе санагIалъиялъе, Аллагьасе гIоло жидеца харжал гьарулезул хIакъалъулъ.
АлхIамдулиЛлагь, нухда рукIаго какил гIуж щвани гьелъие санагIалъи рекъезабун буго магIаруллъиялда. Мадугьалихъ районазда данде-ккун нухазда мажгит-къулгIабазул къадар гIемерго цIикIкIараб буго Шамил районалда. Гьеб рахъалъ кутакалда нахъе ккарал, какие нухда санагIалъи мукъсаналги бакIал гIемер ратула районазде унаго.
Как базе гуребги, квачарав, вакъарав нухлулав лъалхъизе, гъурущ хвезабичIого кIалдиб рикъзи лъезе, бухIараб чаялъул стакан гьекъезе рес бугел бакIал руго гьаб заманалда. РакI бохулеб, ракьцояздаса чIухIулеб лъугьа-бахъин ккана дагьалъ цебе Гьолокь росдал рагIалда лъалхъидал. Цадахъ рукIана шагьаралдаса Шамил районалде рачIунел гьалбалги.

Вацазе кинигин хIадурараб квен

«Всё бесплатно» абун чIахIиял хIарпаз игIлан хъвараб, берцинго къачIараб беседка гIадаб, 6-7 чи гIодов чIезе бегьулеб бакI батана нухлул рагIалда. Авар гIурул мухъгун Гьолокь росдал басрияб авал цебе тIибитIулеб берцинаб бакIги буго гьеб. Жанире раккун балагьидал, столалда тIад бугоан вацазе, васазе эбелалъгун яцаз къачIараб гIадаб радалквен: рокъоб къанида бежараб чед, хIан, нах, релъун ханал. Чай-кофе гьекъезе бугеб санагIалъиялъул, гьуинал нигIматазул, рацIцIа-ракъалъиялъул хIакъалъулъ бицани, макъала халалъила.
АскIов вихьуда чиги гьечIоан. Нухлул рагIалчIван унел гьакьадерида цIех-рех гьабидал лъана гьеб иш ГъазимухIамад МуртазагIалиев абулев чияс гьабураб букIин. Кванил нигIматал хIадуриги тепси гIуцIиги ГъазимухIамадил яцалъул тIалабалда бугинги бицана.
Гьенибго ракIалде щвана цо чанго соналъ Гьолокье букIараб хIалтIулаб сапарги, росдал хIуби гIадав ГъазимухIамадин цIар бугев гIолохъанчиясулгун лъай-хъвай ккараб къоги. Доб букIана гьакьадерил басрияб авалалде унеб аслияб къотIнобе хъил тIолеб заман. Гьеб къоялъ нижеда ГъазимухIамад ватана кодоб газа-рахангун, гъуждул гурун хIалтIулел росдал гIолохъабазул гурулъ.
«Гьале гьав гIолохъанчиясул баркаталдалъун чанги лъикIал ишал гьарулел руго росулъ», — ин абуна доб къоялъ гьакьадерил бегавул МухIамад ГIалиевас.
Миллионал рикIкIун росулъ хъил тIезе гьес гьарурал харжазда гIажаиблъарал нижее жавабалъе ГъазимухIамадица абуна:
— Нилъеца ракI разиго 10 гъурущ кьуни, Аллагьас 15 нилъееги кьола. Цо гьитIинабниги гIадамазе пайдаяб хIалтIи гьабун рагIалде бахъани, батIияб хIалхьи букIуна ракIалъе, — ян. «Всё бесплатно» беседкаялда аскIобго нухлулазе санагIаталъе саламатаб мажгитги бан буго МуртазагIалиевас.
ГъазимухIамадил сахавалъия-лъул, ресукъав вихьун чиясе гьабулеб лъикIлъиялъул бицен гIемер буго.
Гьанибго тIаде жубала жеги цо-кIиго къулгIаялъул баянги.

Иман бугев чияс квалун буго квер

ГIезегIанго сонал руго Гьидерил кьодул сверулъ къулгIа баралдаса. КъулгIа гуребги, гьеб букIана Гьидерил росабалъа рахъарал исламалъул гIалимзаби, устарзаби ракIалдещвеялъул мемориал гIадаб бакI. Бищунго захIматал 90-абилел соназ гьабун рагIалде бахъараб гьеб хIалтIи тIалаб-агъаз гьабичIого рехун тун букIана гIемерал соназ. Бицунаго хутIун букIана гьенибе ток бачиналъул
хабарги. Исана риидал, сардил гIужалъ шагьаралдаса рачIунаго гвангъун чирахъал рихьана, Авар гIурул квегIаб рахъалдехун бугеб гьеб къулгIаялъуб. Лъалхъизабун машинагун жанире щвана. Иман бугев чияс квер квалун буго гьениб — какие чуризе, как базе бегьулеб санагIалъи гIуцIи гуребги, нухлулазе чай-кофе гьекъезеги рес буго. ЦIех-рех гьабидал лъана ХIебда гIумру гьабун вугев ГIурадаса ГIусбан ГIумаровасул хъизан-рукъалъул хIаракаталдалъун гьеб иш гьабураблъи.
Узухъда, «Гьидалъ» жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун бараб гьеб комплекс буго жеги цIикIкIараб кIвар кьезе кколеб бакI, гьелъиеги ратила сахаватал ракьцоял.
Цоги цIияб, цIакъ санагIатаб мажгит-къулгIа эхетана гьал ахирал соназ Авар гIурул мухъккун унеб нухлул рагIалда. Хъил тIун, гIатIид гьарун гьел нухал къачIай кIудияб рохеллъун ккана лъаратIисезе, бежтIадерие, цIунтIадерие. Гьединабго бигьалъи букIинарищха Шамил районалъул Къелеб, Ракьуб, Дагъбаш росабазеги.
Гьидерица «ГIичил майдан» абулеб, къелдерица «Ахал ХIажиясул кули» абулеб бакI буго эхесан рачIунаго къелдерил кьодухъе щвелалде. Советияб заманалда хIукуматалъул идарабаз, ай районазда гьоркьосел почалъул бухьеналъ, райпоялъул къайи баччулез пайда босулеб саламатаб бакI букIун буго гьеб. Гьелго соназ бараб цо минаги букIана жеги биххичIого хутIун. РагIа-ракьанда саламатаб гIатIилъи бугеб, кIиябго рахъалдаса кьураби ругониги, бакъул хинлъи щолеб гIатIилъи бугоан гьениб.
Ахираб 20-25 соналъ, цогидал гьединалго бакIал гIадин чIунталиде сверун букIана гьеб бакIги. ТIабигIаталъго «ма, яшав гьабе» абун кьураб санагIатаб гьеб сверухълъи лъугьун букIана, гъура-чункарал гIаркъил шушбуз, кьавуялъ кварал маххул банкабаз, пластикалъул цIа-рагI ва цогидаб кьер-кьераб рищни тIибитIараб, маёвка-компаниязул бакIлъун.
Гьал ахирал соназ, къокъабго заманалда жаниб, гьениб нухда эхетана берцинаб мажгит. Как балел рукъзал руго батIа-батIаго руччабазе ва бихьиназе, жаниб хинаб лъим, камилаб рацIцIалъи, тIадехун ругел районазул рикIкIадал росабалъе унел свакарал нухлулазе хIухьбахъизе шартIал, аскIобго иццги. Гьебги Ракьуса Мажидил Мусал МухIамадил васазул хIалтIи букIин лъана. Дол рощнол майдаби сверана тIегьалеб ах-хуралде. Гьениб гIезабураб гIодокари, бахчабахъа бачIин щола сверухъ ругел росабалъе. БитIахъе ракI бохулеб хIалалда гIуцIана гьениб магIишат цо хъизамалъул вацаз. Шагьаралдаса рачIун анкьавго вацас гьоркьобги бикьун хIалтIизабулеб буго ракь. Гьениреги щун хасаб макъала хIадуризе бегьила гьайбатго цIигьабураб умумузул ракьалъул, берцинаб магIишаталъул бицун. Баркала кьезе, мисал босизе мустахIикъаб, ракIги берги бохулеб хIалтIи буго гьеб.