Хаслихълъиялъул пашманал бакънал

 

 

«Хасалихълъи рещтIун буго рекIелъе», — абун хъвана БакьагьечIиса шагIир-классик Тажудин ЧIанкIаца. Щибаб соналъ хаслихълъиялъ мугIрузда гьоболлъи балаго гьел мухъал рачIуна ракIалде. Рииялъ къо лъикIги гьабулеб, гьанжего гьанже хасалихълъи рещтIунеб гIуж бокьу­ла бищунго. Буго гьелда жаниб цо балъголъиги, бахчараб цо берцинаб асарги, пашманлъигун рохелги — кинабго гьелда жаниб бессун буго. ГIажаибго берцинго букIуна гьеб мехалда магIарухъги. Гьелъ ракIалде щвезабула гьитIинаб заман. Хуриса хIалухъин бакIарулел къояз хурза­бахъ букIунеб букIараб чIаголъи, гьарудулел гIадамал. Хурул ракьанда бакараб цIадуда тIад гьалулеб хьаг, гьениб белъунеб картошка. Хасго батIияб тIагIам букIунаан рохъдолъе рехун бежараб картошкаялдаги, гьединго жеги рахьдалъго бугеб цIоросаролъалдаги. Хас гьабун гьел къояз эбел-инсуе кумек гьабизе гIодоркъоялги кьолаан школалъ. Гьеб мехалъ нижер рекIелъе рещтIунеб рохалие гIурхъиго букIунароан.

РакIалда бугищ нужеда Муса МухIамадовасул «Къисасалда» гьелъул хIакъалъулъ хъван букIараб куц. «1916 соналъул хасалихълъи тIаде щвана. Кибалиго рикIкIада рагъул гъугъайги, гъурулел туш­бабиги, туманкIул харилги махI буго. Рагъдаса рикIкIадаб магIарул росулъ абуни гIадатаб ракълилаб гIумру букIана. Хурзабахъ гьарулел хIалтIаби ахиралде ракIарун рукIана. БугIа ва ролъ лъилъун, гIарабазде буссинабуна: цIоросаролъ къотIун, санагIат ккарабго чехъезе хачIал гьарун сокIкIун лъуна. Рагъабазул хIубазда дал-далун рукIана хасало­ялде хIадур гьабураб ражипералъул ва порол гъалал. Ахазукьа пихъал тIагIана. Ахбазан, курак бакъвазабу­на, чIахIиял къандалъабахъе бан на­хъе лъуна гени-гIеч. КъотIнобегицин чIвалеб берцинаб махIги бахъина­бун, рукъзабахъ тIибитIун букIана. Резил шагьаби гIадал тIанхалги гьо­роца тIу-тIун, хъахIаб кьер чIвараб ракьалде гъенезарун, гъутIбиги чIегIерлъун гIаркьалабигун бесдал­лъулел рукIана. Ахил музыкантал -хIасратал бакъназул роол хIанчIиги араб бакI лъачIого тIагIана. Хинал рахъаздехун унел нухда ратила гьел.

Хурзабахъ, ахазукь сихIкъотIи букIана, амма росулъин абу­ни, ахIи-хIур гIемерлъун букIана. Лал тIамулел, тIорщел баччулел, мугIруздаса гIи-боцIи лъарагIлъиялде гочинабулел -рекьарухъабазул «цIадабе бегьаниги квер бухIуларел», хIалтIи щокъробе бахарал къоял рукIана. «Гьанже цодагьабги жигар, цодагьабги яхI бахъе -цинги кинабго жо рукъалде буссина, магIишаталъул сон лъугIила, гьеб мехалъ бугелда гIейги гьабун, хIалхьуда рещтIине бегьила», -ян абухъего хIалтIулел рукIана гIадамал».

Гьедин букIана цебе магIарухъ. Аваразул классик, бергьараб гьунаралъул хъвадарухъан Муса МухIамадовас цIакъ махщалида цебечIезабулеб буго некIсияб магIаруллъиялъул сурат.

Берцинаб яшав букIана нилъер умумузул.

  Къо бихьун, черхалдаса анкь­го гIетIги тIун гьабизе кканиги, хIалалаб магIишат букIана гьезул. Гьанжеги битIахъе гIашикълъула дун доб заманалъухъ. ЦохIо къоги гьезухъ «гьоболлъухъ базе» бокьу­лаанин хIайранлъун хутIула гьезул пикраби гьарунагIан.

  Гьеб гьайбатаб заманалъул цо гьитIинабго тIири щвана дир лъи­мерлъиялъеги. Дида ракIалда буго кинабго. РакIалда буго щуго сон ба­рав чиясда тIоцебе хур бекьулеб би­хьараб куц. ЧIегIераб ракьги бихъи­забун, пуруц хадуб цIалел оцазул дие букIараб интерес. Рекьарухъабазул разиял гьурмал, оцал нахъ сверизари­зе: «гьо бусса, гьой» -йилан ахIулеб гьаракь. РакIалда буго эбелалъ иц­цухъе лъел цIезе витIарав куц. Ссан­даса гIодобе унеб берцинаб сухъ­махънухги бихьизабун, ссанул ахада бугеб ицц бихьизабуна эбелалъ дида.

Гьеб къоялъ тIоцебе хIалбихьана мугIрул иццул гIансигIан цIорораб лъел тIагIамалъул. Дида гьеб лахIзат киданиги кIочон теларо. Росулъе щванщинахъе гьанжеги уна дун дир­го лъимерлъиялъул иццухъе. Добго ссандаса гIодобе бекерун унеб нух­ги, аскIорго долго гъутIбиги, иццда тIаса эхетун добго кIудияб гамачIги буго. Амма мугIрул тIабигIаталъе рагьараб горду гIадин, гъадароялда релълъун дида бихьулеб букIараб иццул цебесеб сурат гьечIо. Све­рун цементги чIван, тIаде маххул тIалъелги къан бахчизабун буго гьеб. Дун жакъаги урхъула гьелъул цебе букIараб жиндирго сураталъухъ. МатIу гIадин тIокIкIараб, гъорлъан гIисинал чIинхалги рихьуледухъ кIул-кIулиялда чвахулеб гьелъул гьаракьалъ пана гьавулаан. Гьанже гьеб кIул-кIули рагIулеб гьечIо…

   Гьединго хисун буго магъил су­ратги. Дун гьитIинаб мехалъ гIадин аваданго хурзабахъ гьарудулел ру­гел гIадамазда бер чIваларо. Риидал херги, хасалихъе тIорщелги мугъалъ баччулел рукIарал хIамузул рехьед­ги мигьлъун буго. РикIкIине цо чан­го хIама хутIун буго росулъ. Маши­наялдаги рекIун уна гьанже хурире, машинаялда нахъ руссунги рачIуна, хуриса тIорщелги гьелъ баччула. Би­гьалъи щун буго халкъалъе, бигьалъи бокьулебги буго кинавго чиясе. Амма бигьалъи щваниги, хIалтIизе бокьарал цIакъ къанагIалъун руго. Мигьлъулел руго магIарухъ ракьал. Гьелдаго цадахъ мигьлъулел руго гIадамазул ракIалги. Нусго къали жаниса бакIарулел рукIарал, бече­даб бачIиналъул умумузул хурзал гIурдаде сверун, раккуриги чIван пуланго руго. Бесдаллъулеб буго магIарул мегъ.

  «Нилъ киредай рачина гьаб нух­дасан анани», -ян хъвана магIарул шагIирас. Гьелъухъего, нилъ киредай рачина гьеб нухалъ. Гьадин ракIалги хъарцинлъун, иманги загIиплъун, умумузул захIматги кIочон чIани, кинаб ахирдай нилъер букIина?

ХадурагIи

«ХIакъикъаталъул» жакъасеб номералда кьолел руго магIарул роса­балъ хаслихълъиялъул темаялдаса чанго сурат. Щибаб росдал жиндирго буго хур бецулебги, тIорщел бакIарулебги, лал тIамулебги гIадатги къагIидаги. Гьениса цоцо лахIзатал кьолел руго гьал гьурмазда.

 

Ашахан ЮСУПОВ