Гьаниб щибаб жоялъ бахIарчилъиялъул хIухьел цIалеб буго

 

      Щамат къоялъ Болъихъ районалъул Шодрода росулъ тIобитIана, 1995 соналъул июнь-август моцIазда, улкаялъул гIорхъаби цIунулаго хварал пограничниказул хIурматалда бараб обелиск рагьиялъул тадбир.

       Обелискалда цIарал хъваразда гьоркьой йигоан росулъе хъачагъал рачIунел ругилан пограничниказда лъазабурай ва гьелъие гIоло гIум­ руялдаса ятIалъарай Зибирхьалиса бахIарчияй магIарулай Жавгьарат СагIадуеваги…

     Ниж Шодроде щвана тадбир байбихьилелде сагIаталъ цере.

     Кьабун цIун бугоан школалъул азбар гIадамаз.

       Хасго бераз росулел ругоан берцинго ретIа-къарал цIалдохъабиги къамартIал рагъухъабиги.

        Гьале шадрадерил кинабго лъикIабщиналъул бетIер ва жакъасеб тадбиралъул аслиял       хIаракатчагIазул цояв Салман ХIасбулаев.

      Дир цевегосев гьудул, гьунар бугев художник, публицист, кутакалда гьалбал хирияв инсан.

        Гьесда аскIор ругоан Дагъистаналъул БетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасухъе обелиск рагьиялда хурхун кагъат хъварав, Ставрополь краялъул Думаялъул депутат подполковник Виктор Лазовой, Россиялъул БахIарчи Гъодобериса ДибирхIажи МухIамадов, гIемерал соназ гIорхъаби цIунулезул аскаразда хъулухъ гьабурав разведротаялъул бахIарчияв командир Зилоса ГIабдула Ордашев, 1995 соналда Зибирхьалив чIварав пограничникасул эбел Валентина Красноглазова ва гIемерал цогидалги.

      Дица гьитIинабго гара-чIвари гьабуна Валентина Федоровнаялъулгун.

    — Дун гIемерай щолаан васас хъулухъ гьабулеб рагъулаб часталде ва лъикIаб, хинаб дандчIваялдаса разиракиго тIадги юссунаан. Гьале гьанже тIоцее щолей йиго, дирго хирияв васас ахирисеб хIухьел цIараб, Дагъистаналъул ракьалде. Дун гьание уней йикIин лъарав дир васасул вас цIакъ рази гьечIого вачIана аскIове ва гьадин абуна:

    — КIодоэбел, унге мун Дагъистаналде, дора руго гIалхулал гIадамал, доз мунги чIвазе йиго, мунги тIагIинайизе йиго,- ян.

    — Йиччанте дунги хвезе дир вас хвараб ракьалдайилан жавабги кьун, бухьана дица нужехъе гьаб сапар,- илан бадиса чвахулел магIил гарал рацIцIине жуяна пашманай эбел.

   Хадуйго хисун, чIаголъун ячIана гьей.

     — Нужер гIадамазул гIаданлъиги, гIадатлъиги, гьоболасдехун бугеб гIорхъолъа борчIараб адабги бихьизе лъикIан дир васасул васасда. Хирияв васасухъе, чIагояв Сережахъе гьоболлъухъ щвараб гIадаб асар лъугьана жакъа дие ва цо гIажаибаб бигьалъиги рещтIана рекIелъе.

      Даимго бетIер къулизе ккола нилъеца ВатIаналъе гIоло, нилъ- ер талихIаб букIинеселъе гIоло бер къапичIого жидерго рухI кьурал бахIарчиял Васазеги гьезул щибаб хIухьелалда хадур угьдулел сабруял Улбузеги!

     …СагIат 10 тIубараб мех.

       Школалъул азбаралда данделъун руго ветеранал-пограничникал, хваразул улбул, районалъул нухмалъулел, батIи-батIиял жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби, цIалдохъаби, Шодрода, АнсалтIа, РахатIа, Болъихъ ва цогидалги росабазул гIадамал.

       Обелискалдаса хъахIаб шаршав бахъизе изну кьуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовасе, погранотрядалъул начальник полковник Валерий Горшковасе, Россиялъул БахIарчи ДибирхIажи МухIамадовасе, Ставрополь краялъул Думаялъул депутат подполковник Виктор Лазовоясе, кIиго болжалалъ районалъул бетIерлъун вукIарав, гьанже Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялде кандидатура лъурав МухIамад ПатхIулаевасе, ватIаналъе гIоло рухI кьурал пограничниказул ва Жавгьарат СагIадуевалъул гIагарлъиялъе.

      Хадур тадбиралъул гIахьалчагIаз лъуна тIугьдузул квацIаби.

        Обелиск школалъул азбаралда лъеялъулъги буго хасаб магIна. ГIемерал соназ Шодрода росдал гьоркьохъеб школалъе нухмалъи гьабурав ва школалъе жиндир цIар кьурав ГIабдула ХIамидовасул гьунар тIолабго улкаялдаго лъана.

         1999 соналъул августалда росдаде тIаде хъачагъал кIанцIидал, тIоцеве гьезде кьвагьдарав чи вукIана росдал учитель, гIумрудул 67 сон барав ГIабдула. Жиндир рахъалдехун вачIунев 16 хъачагъасде, бер къапичIого, автоматалъул ирга биччана бахIарчияв магIарулас. ГIабдула хъачагъаз асир гьавуна, ва хIукму гьабуна гьесие шаргIияб диван къотIизе.

         12 сордо-къоялъ вукIана ГI. ХIамидов асирлъуда…

        Обелиск рагьиялда бан тIобитIараб данделъи лъугIарабго, гьалбадерица сапар бухьана, 26 соналъ цебе рагъ ккараб, Зибирхьали росулъе.

       Россиялъул ва республикаялъул журналистазе 1995 соналъ Зибирхьалир ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицана лъабабилеб къокъаялъул начальник, рагъда бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло Бихьинчилъиялъул орден щварав цIар рагIарав пограничник, запасалда вугев подполковник Иван Иванченкоца.

      Жакъа гIадин ракIалда руго Иванченкода дол балагьал къоязул лъугьа-бахъиналги щивав жиндирго рагъухъанги.

     ГIемераз берал рахчулел рукIана гьев хъахIаб расалъ цебего расен лъурав рагъухъанасул бахIарчияб гьурмада бессараб гъваридаб пашманлъиги бадиб ххулараб магIуги бихьичIого букIине.

     ЦIумада ва Болъихъ районазул гIадамаз гьесда цIарги хисун букIана доб мехалда — МухIамад МухIамадович МухIамадовин абулаан адабалда.

     ГIасруялъул ункъил бутIа ун хадуб хисичIого букIинищха рагъ букIараб ракь, амма ветераназда кIвана, жидерго ахирисеб кьал ккараб ва ефрейтор Ильяс Асадулиница бахIарчияб гьунар гьабураб, хандакъ батизе.

     Ращалъи гьечIеб рагъулъ бащдаб сагIаталъ кьвагьдана, бид вецIцIулаго, Ильяс хъачагъазул лъабго пулеметчикасде данде ва кIвана заставалде хъачагъазе нух къазе. Лъабабилеб, хвалилаб ругъун щварав ефрейтор Ильяс Асадулиница кодоб ярагъгун къанщана берал…

   Нахъе унелъул, гьалбадерица лъабго нухалъ «Гьурраги» ахIун, загьир гьабуна Болъихъ районалъул ва тIолабго Дагъистаналъул гIадамазде жидерго бугеб кIудияб адаб-хIурмат ва рокьи.

   «Гьаниб ганчIица, заз-хъара­ хъалъ, хъинсалъ, кьуруялъ, ме­гIералъ, щобалъ, ай щибаб жоялъ бахIарчилъиялъул хIухьел цIалеб буго. Нужер халкъалъе ВатIан ру­хIалдасаги хирияб буго», — ян абуна гьалбадерида гьоркьоса цояс, сверухъги валагьун.

     Гьелдаса кIудияб къимат щибха букIинеб!

 ГIумахан ГIандийский