Абуге цебего рагъ лъугIанилан…

 

 

     Гитлерил фашизмалда тIад советияб пачалихъалъ Бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубаялда хурхун гIемерал тадбирал тIоритIана тIолабго улкаялдаго гIадин нилъер республикаялдаги. 9 Маялда «Бергьенлъиялъул Парад» тIобитIана Каспийск шагьаралда.

    Жакъа республикаялда рагъул ветераназул чIаго хутIун вуго гIицIго 48 чи. Нахъе ругел рагъул бахIарзазул гIемерисел гIумру гьабун руго шагьаразда ва гIатIиракьазда ругел росабалъ. Гьезул киназухъего щвечIониги, цо-цоязухъе рокъоре ун баркана республикаялъул бетIер С. Меликовас, хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIамирхановас, МахIачхъалаялъул мэр С. Дадаевас.

     Каспийскиялда тIобитIараб Парадалда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасги. Рагъул ветераназда аскIов гIодовги чIун, дагьабго накъитги гьабуна гьес.

   — Дир гIумруялда жаниб 11 Бергьенлъиялъул Парадалда гIахьаллъизе рес щвана дие. Бищунго ракIалда чIараблъун хутIана гьезул кIигояб. 2000 соналда жеги ветеранал лъелго хьвадулел рукIана Москваялъул БагIараб майдан къотIун. Щуго соналдасан, Бергьенлъиялъ 60 сон тIубаялъул Парадалда, 2005 соналда рагъулал машинабаздаги рекIун ана гьел Кремлиялда цересан. Балагьаб рагъул кьогIлъи къулчIарал, 4 соналъ гIакъуба-къварилъиги хIехьон Берлиналде щвезегIан арал гьел рихьидал, батIияб асар гьабула рекIее. Гьезул адаб гьабизе щвей ракIалдаса унареб лъугьа-бахъин буго дие, — ян бицана С. Меликовас Каспийскиялда тIобитIараб Парадалда кIалъалаго.

    МугIрузул гIемерисел районазда рагъул ветераназул нахъе хутIарав чиго гьечIо. Амма гьел ракIалде щвезаруна республикаялъул киналго муниципалитетазда.

 

 

   ГЪУНИБ

     Гъуниб районалдаги жакъа цониги рагъул гIахьалчи хутIун гьечIо.

     Бергьенлъиялъул къоялъул хIурматалда гIемерал тадбирал тIоритIана росабалъ. СалтIа рагъул гIахьалчагIи ракIалде щвезаруна жамагIатги данделъун. Гьединабго тадбир букIана БацIада росулъги ва райцентралдаги.

    Совет Союзалъул БахIарчи КIуядаса СагIаду ГIалиевасул сурат тIад бахъараб машинаялда хадур рукIана бахIарчиял умумузул сураталги кодор ккун гъунисел.

 

 БОЛЪИХЪ

 

     Районалда 9 Май кIодо гьабуна хIурматияб къагIидаялъ. Администрациялъул минаялда цебе бахIарзал ракIалде щвезаризе данделъун вукIана гIемерав чи. Рагъдаса руссинчIел умумузул сураталги кодор ккун, аслияб къватI къотIун ана «Хвел гьечIезул полк» акциялъул гIахьалчагIи. Рагъул гIахьалчагIазул цIарал тIад хъвараб мармаралъул сиялда цере тIугьдулги лъуна.

 

  ЛЪАРАТIА

      Фашизмалда тIад бергьенлъи босаралдаса 76 сон тIубай кIодо гьабуна ЛъаратIаги. Райцентралда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъулез, школалъул цIалдохъабаз ва гьалбадерица. БахIарчиял умумузе бараб монументалда цебе тIугьдузул квацIиги лъуна.

 

   ГУМБЕТ

 

   9 Маялда Бергьенлъиялъул къоялъул хIурматалда Гумбет районалъул МелъелтIа тIоритIана батIи-батIиял тадбирал.

   Рагъул бахIарзазул сураталги кодор ккун, гьезул наслабазул вакилзаби ана аслияб къватI къотIун ва бахIарзазе бараб памятникалда цере лъуна тIугьдул, гьабуна дугIа-алхIам.

Гумбет районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъде ана 1380 чи, нахъвуссинчIо 866-яв.

 

ЧIАРАДА

    9 маялда ЦIуриб, рагъдаса руссинчIел бахIарзазе бараб памятникалда цебе хIурматияб куцалъ кIодо гьабуна Берьенлъиялъ 76 сон тIубай.

    Районалъул лъай кьеялъулгун маданияталъул нухмалъулев Шамил Мустафаевас тадбиралъе байбихьи лъуна, рагъдаса руссинчIел ракIалде щвезарун минуталъулаб сихIкъотIиги лъазабун.

    Райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель МухIамад ГIумаровас гIарцулал сайгъатал кьуна Афгъанистаналда букIараб рагъулъ гIахьаллъарал районцоязе ва гьездаги баркана байрам.

 

 ХЬАРГАБИ

 

    КIудияб Бергьенлъи босаралдаса 76 сон бай кIодо гьабуна Хьаргаби росдал №1 школалъул азбаралда. Гьениб райадминистациялъул бетIер МухIамадгIали ТIагьировас баркана киназдаго рохелгун пашаманлъи жубараб байрам, ракIалде щвезаруна балагьаб рагъдаса нахъруссине хъван батичIел районцоял.

    Хадуб киназго тIугьдул лъуна рагъул майданалда къанщаразул хIурматалда бараб памятникалда цере.

    Жакъа къоялъ Хьаргаби районалдаги цониги чIаго хутIарав рагъул ветеран гьечIо.

 

     ШАМИЛ

 

     Районалъул центр ХIебдаги гьединго цогидал росабалъги кIодо гьабуна Бергьенлъиялъул къо.

    Рагъул бахIарзал ракIалде щвезариялъе ХIебда росулъ бараб мармаралъул сиялда цере тIугьдул лъуна районалъул нухмалъиялъги, ветераназул наслуялъул вакилзабазги.

      Кибго гIадин, ГьентIа росулъги тIобитIана «Хвел гьечIезул полк» акция. Гьединго гьебго къоялъ рагъул гIахьалчи, генерал-полковник МухIамад Танкаевасул цIаралда волейболалъул турнирги тIобитIана ХIебда.