Бейруталъул кьвагьиялъ дунялго гьаргьазабуна

Ливаналде рещтIараб балагьалъ

гIаламалъего асар гьабуна

 

 

4 августалъул къаси Ливаналъул тахшагьар Бейруталъул пор­талда ккараб кьвагьиялъ щущазабуна бащдаб шагьар. 135-ялдасаги цIикIкIун чи хвана. Лъукъана 5000-ялдасаги цIикIкIарав чи. Хва­разул сияхI жеги цIилъизе бегьулин хъвалеб буго информалатаз. АнцI-анцI чи жеги минатахъ щущарал къадазда гъоркь ккун вуго.

 

Ливаналъул нухмалъиялъ кьураб баяналда рекъон, Бейруталъул порталда кьвагьана аммиачный селитраялъул 2700 тонна. 2014 соналъ Rhosus абураб гамида тIад батун, нахъе бахъун букIана гьеб кинабго. Гама унеб букIана Грузиялдаса Мозамбик абураб хIукуматалде. Техникиял гIиллабазда бан лъалхъун букIун буго гьеб Бейруталъул порталда. Гамида рукIарал ралъдахъабаз би­цухъе, гамил бетIергьан кколев вуго Хабаровский краялдаса Игорь Гречушкин. Гьанже гьев валагьулев вуго Ливаналъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ.

 

 

5 августалда улкаялда чIегIербан букIана. Больницабазул къуват гIолеб гьечIо лъукъарал гIадамал къабул гьаризе. Балагь рещтIараб хIукуматалъухъе жидерго кумекалъул квер бегьана Катар, Иран, Турция, ОАЭ, Иордания, Сирия, Кувейт, Франция, США, Россия ва ГIизраиль пачалихъаз. Нилъер МЧСалъ Бейруталда кьвагьи кка­раб бакIалда рагьун буго аэромобилияб госпиталь. Гьединго Ли­ваналде ун буго нилъер НИИялъул, лъималазул хирургиялъул ва травмотологиялъул хIалтIухъабазул кIудияб къокъаги.

 

Ливаналъул экономикаялъул министр Рауль Немеца лъазабуна 4 августалда ккараб кьвагьиялъул хIасилал лъугIизаризе пачалихъалъул гIураб гIарац гьечIилан. Ахираб 30 соналъ улкаялъул экономика кризисалъ квешго нахъе кьабунин, гьелда тIадеги исана коронави­русалъги гьабунин гьелъие кIудияб заралин абуна экономикаялъул министрас. Гьесул рагIабазда рекъон, цого цо хутIараб нух буго Хал­къазда гьоркьосеб валютабазул фондалъулгун бухьен гьаби.