Дир Дагъистан — дир нухал

ЦIумада районалъул администрациялъ гьабун букIараб къотIи- къаялда рекъон, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъ байбихьана районалъул росабалъе нухал къачIазе. Гьел къачIаялъе биччан букIана 5 миллионгун 464 азарго гъурущ.

 

 

«Дир Дагъистан – дир нухал» абураб республикаялъулаб про­граммаялда рекъон, гьал къояз­да районалъул Хуштада росулъе бачIунеб нух къачIан лъугIана.

 

 

Гьеб нух рагьиялъул тад­биралда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас, гьесул заместитель МухIамад ГIисаевас, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъул вакил МухIамадкамил ХIусеновас ва Хуштада росдал бегавул Асадула ИсмагIиловас.

 

Гьениб районалъул бетIерас рос­дал жамагIаталда баркана цIияб нух рагьи ва баркала загьир гьа­буна ОООялъул хIалтIухъабазеги нух къачIаялда гIахьаллъи гьабун­щиназеги.

 

 

Хадуб А. Вечедовас бицана гьал къоязда байбихьизе бугин ТIинди ва КIочали росабалъе нухалъ къачIазегиян.

 

Росдал бегавул А. ИсмагIиловасги баркала кьуна районалъул нухмалъулезе ва ОООялъул хIалтIухъабазе.

 

Хуштадерил жамагIаталъул рахъалдасан кIалъазе вахъарав МухIамадсагIид Мусаловасги загьир гьабуна жидерго разилъи.