Суратал ратана анцIго соналдасан

 
 
АнцIго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букIараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукIарал жидерго суратал.Ралъдал рагIалда гьеб фотоаппарат батун буго немцазул туристасда. Гьесухъа бажарун буго бекараб фотоаппараталъуса, «ракIалдачIеялъул» карта нахъе бахъизе. Гьеб картаялда букIараб цо сураталда туристасда бихьун буго Голландиялъул номерал ругеб автомашина. Гьес полициялда гьарун буго, фотоаппарат ва суратал тIадруссинаризе, автомашиная­лъул бетIергьан валагьизе кумек гьабеян. Полициялъ гьабураб цIех-рехалда рекъон, гьелъул бетIергьан ватун вуго. Голландиялдаса гьеб хъизан цIакъ бохун буго 10 соналдасан гьел суратал тIадруссинариялдаса. Гъоркьиса ноябралдайин абуни батун буго лъагIелалъ цебе алигаторалъ бикъун букIараб крокодилазул фермаялъул хIалтIухъанасул фотокамера. «РакIалдачIеялъул» картаялда цIунун хутIун буго чанго сурат.