Борохь хвасар гьабуна

Малайзиялда цIа свинабулез хвасар гьабуна чахъу къулчIараб анлъго метр халалъи бугеб питон-борохь.

 

Гьелъ цин хIанчIана рехъенгун цадахъ кваналеб букIараб къинаб чахъдада, хадуб гьеб цадахъго къулчIана. Гьедин гIорцIизегIан кванараб бор­хьихъа бажарана ре­хъен кваналеб букIараб авлахъалдаса нахъе хъурщизе, амма шагьранухкъотIун унаго гьелъул къуват лъугIана. Кампунг Джабор росдал гIадамазда гьеб бихьидал, гьез цIа свинабулезул къокъа ахIана хIинкъи бугеб бакIалдаса борохь нахъе бачине. Гьелъ кванараб гIиялъажогун цадахъ борхьил цIайи букIана 90 килограмм. ЦIа свинабулез гьеб зоопаркалде щвезабуна. Гьениб ветеринараз гьеб хвасар гьабуна. Гьелъул администрациялъ хIукму гьабизе буго борохь гьенибгойищ телеб яги эркенлъуде биччанищ телебали. Аслияб къагIидаялъ питоназ кванала гIисинал крокодилал, гIункIкIал, кьинччал. Дандекъараб къагIидаялъ питоназул кванирукъалъу­л диаметр берзулалдаса гьитIинаб буго. Амма хIа­жа­лъи ккани, гьеб цIан ба­чIуна антилопацин жанибе унедухъ. Жиндирго къуваталъул хIисаб гьабичIого кванаялъ цо-цо мехалъ питоназул кванирукъ бихъулеб буго.