ХъахIал шалазул парад

 

Дагъистаналъул ясал,

Нужеде дир аманат,

— Улбуца нахъе тарал

 Шалазул къимат гьабе.

     Фазу ГIалиева

«Дагъистаналъул васалги ясалги. Жакъа нужеда бараб буго нижер кьералъул къисмат. ХутIизе бугищ нижер кьер хъахIаблъун? ХъахIаб шал – чIужугIаданалъул яхI-намусалъулги, тIадегIанлъиялъулги, борхалъиялъулги гIаламат. ЦIуне нижер хъахIаб кьер!»

Гьадинаб букIана доб къоялда хъахIал шалазул ахIи.

Араб анкьалда МахIачхъалаялъул аслияб майданалда шагьаралъул администрациялъулги авар мацIалъул учительзабазул ассоциациялъулги нухмалъиялдалъун тIобитIана хъахIал шалазул парад. РакIалде щвезаюна халкъияй шагIир Фазу ГIалиева.

— Фазуе кутакалда бокьулаан ватIан. Киб рагъул гъугъай бахъаниги, Афгъанистаналде щвезегIанцин, ана гьей Россиялъул солдатазухъе. Жакъаги ахIи базе букIана гьелъ ватIан цIунизе рахъайилан. ШагIиралъул хъахIал шалаз жакъаги ахIулел руго нилъ ватIаналъул парахалъи цIунизе.

ВатIаналъе хIалуцарал гьал къоязги гьелъул цIаралдасан нилъеде хитIаб гьабулеб буго хъахIал шалаз, хадусел гIелазе улка цIунейин, нилъехъеги гьадинаб талихIаблъун бахIарчиял умумуз кьун букIарабилан. ВатIан нилъее байбихьула рахьдал мацIалдасан. Гьеб гьечIони, билула Дагъистан. Жакъа нижеца, Дагъистаналъул росабазул ва шагьаразул авар мацIалъул учительзабаз, хитIаб гьабулеб буго улбузул хъахIал шалазул къадру цIунейилан. ХъахIаб шал. ХъахIаб кьер.

ТIолабго дуниялалъул руччабазул талихIалъул кьер. Гьеб кьералъул къиса цолъун буго ватIаналъул къисагун. Жакъасеб парадалъул аслияб мурадги буго – ватIаналъул парахалъи цIунун ругел васазде дандчIвай улбузул хъахIал шалаз гьаби, — ян абуна тадбир гIуцIаразул цояй, республикаялъул авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул нухмалъулей Баху МухIидиновалъ.

Гьенир гIахьаллъизе рачIарал учительзабаз ва цIалдохъабаз чIван рукIана хъахIал шалал. Парадалъул гIахьалчагIи щвана шагIиралъул памятникалъухъе. Цо лахIзаталда гьеб сверана тIугьдузул гIидраялде.

Памятникалда цере кIалъазе рахъараз рикIкIана шагIиралъул кучIдул, бицана гьелъул творчествоялъул хIакъалъулъ.

ЦIидасанги тIадруссана майданалде. Шагьаралъул юбилеялде хIадурараб сценаялдасан учительзабаз иргадал цIалана «Эбелалъул хъахIаб шал» абураб поэма. Гьединго Фазул кучIдул цIалана гIурус ва Дагъистаналъул цогидалги мацIазда. КIалъазе вахъарав шагьаралъул бетIер Салман Дадаевас бицана, тахшагьаралъул юбилеялде рачIунаго, гьарулел ругел хIалтIабазулги. Гьес ракIалде щвезаруна шагьаралъул тарихги гьеб тарих кунчIун хутIиялъе цIарал нахъе тарал гIадамалги.

ЛъугIана байрам. Амма лъугIичIо шагIиралъул шигIрабазул ахIи. Гьезул аслияб буго ватIан цIунейилан гьабулеб аманат.

— МагIарул шал, хъахIаб шал,

Эбелалъул махI бугеб,

 Эбелалъул рохелги

 Угьдиги симсалъ лъураб.

ЦIуне улбузул парахалъи. Гьелъие рахIат букIунаро, ватIаналда хIалуцин бугони.

Ш. Хъазанбиева