МагIарул чияли чанги вагъарав, чол кьолода жаниб мусруги жемун

 

 

ГурхIел гьечIеб рагъда, Гъуниб магIарда,

Тушбабаца имам сверун ккун вуго.

Сверун аза-азар чабхъадулалгун,

Черх ругъназул цIурав цо имам вуго.

 

  Гьединаб букIана имам Шамилил тарихияб къеркьеялъул ахир. 25 соналъ гъазаваталъе бахъараб хвалчен гьес лъалиниб лъуна ТIасагъуниб. Гьелдалъун лъугIана Кавказалъул рагъул кIудияб тарих. Амма лъугIичIо къадруяв имамасул бицен. Гьесул рухIияб ирс, бахIарчилъиялъул ва чилъиялъул мисал. Абухъего, «КъотIун гьечIо жегиги кьурабалъ дандерижи, кьварарал муридзабаз Ла-илагьан ахIулеб».

Гьел пикрабаз цIидасан кверде восана дун араб гьатIан къоялъ Гъуниб районалъул Къорода-кьотIа аскIоб бугеб «Каскад» абураб лъималазул лагералде щведал. 10 сентябралда гьениб букIана кIудияб спортивияб тадбир. Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановасул шапакъатазе гIоло чанго батIияб спортивияб тайпаялда къецал тIоритIана гьенир: рекери, кIанцIи, гIужда чIор речIчIи, квар цIай, гиря борхи, рукь бачин, гамачI рехи. Имам Шамилил муридзаби гIадин рукIана гьеб къоялъ гIолохъаби, доре рекерун, гьанире кIанцIун гьунарал рихьизарулел. Амма цин гьелде щвелалде тадбиралъул официалияб бутIаялъул бицинин.

Тадбиралда гIахьаллъизе вачIун вукIана Сайгидпашаги. РачIун рукIана чанго районалъул нухмалъулелги, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевги. Гьездаго гьоркьов вукIана СагIудиязул ГIарабиялъул Жидда шагьаралда Россиялъул генералияв консуллъун вукIарав ЦIумада районалдаса Багьавудин ГIалиевги. РачIун рукIана республикаялъул творческиябгун гIелмияб интеллигенциялъул вакилзабиги.

 

Рачел къанго анин къоло щуго сон

 

  ТIоцебе кIалъазе рагIи кьуна Сайгидпашае. Гьес киназдаго баркана гьеб къо ва абуна:

— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тIубаялда хурхун гIемерал тадбирал тIоритIулел руго исана. Гьел тIоритIиялъе квербакъи гьабулеб буго Шамилил цIаралда бугеб фондалъ. Дандеруссинал жеги рукIина, исана сонго Шамилил лъагIеллъун лъазабун бугелъул. Амма жакъасеб тадбир тIобитIизе нижеца гьаб бакI гIадада гуро тIаса бищараб. Щайин абуни, киназдаго лъала имам, жиндирго муридзабигун гIемерав хьвадана гьал нухаздаса, гьал кьурабазда бихьана гьесул кьвариги, муридзабазул къохIехьейги. Ахирияб рагъги имамасул букIана ТIасагъуниб. Гьебги хIисабалде босун, дир кумекчагIаз тIаса бищана гьаб лагерь бугеб бакIалда ракIалде щвезавизе нилъерго кIудияв имам.

Гьаб тадбир тIобитIиялъул аслияб магIнаги мурадги нилъер киназулго буго гIун бачIунеб гIелалда гьединав бахIарчияв имам вукIаравлъи, тарихалде араб 25 соналъул къеркьейги, бидулъ къалам ччун хъвараб магIарулазул тарихги гьезда кIоченчIого букIин. Гьеб буго жакъа аслияб мурад, — ан.

Гьев кIалъан хадуб, тадбир бачунес абуна республикаялъул жамгIиябгун политикияб гIумруялда жаниб тIокIлъи бихьизабурал цо-цо гIадамазе, имам Шамилил фондалъул цIаралдаса шапакъатал кьезе ругилан. Гьел щвана Гъуниб, Хунзахъ, ЦIумада ва Унсоколо районазул нухмалъулезеги, Багьавудин ГIалиевасеги.

Гьединаб букIана тадбиралъул официалияб бутIаялъул байбихьи. Гьелдаса хадуб байбихьана кечI-бакъаналде.

 

Моздокалъул эрменай,

Ахбердилас хъамурай,

Гьесул хъахIаб чуялда

Даргъоб росулъе щварай.

Шамилил гьей йихьигун,

Дагьаб би гьелегьана.

Ккун бачIараб хIинчIалъул

ЦIар щибилан гьикъана

Габур, бетIер рагьарай,

Гьалъ гьесий жаваб кьуна —

Жинда цIар Анна бугин,

Аваразул цевехъан.

Шамилица абуна,

Гьанже мун Анна гурин,

Имамасе хирияй,

Лъади ШугIайнат йигин.

Ахбердилав виххана,

Имамасухъ валагьун,

Гьай жиндир асиралъе

Асирлъарав имамин.

Шамилица абуна,

Ссунареб кьал гурони,

Цо рокьи бегьиларищ

Аллагь, рарал каказухъ?

 

Лаваша районалъул КъулецIмаса гIоло­хъанчияс цIакъ махщалида ахIана гьеб кечI дандеруссиналда.

 

   Чачаналда гъолода гъазаватал гьарурав

 

Къаде какги бан, гьалбал кваназе ахIана лагералъул столоваялде. ЧIахIиял можрал гьарун белъараб гьанги букIана, данде хинкIалгун гьагIуги букIана. Унго-унгояб куцалъ магIарухъ букIунеб гIадаб квен букIана богогьабаз хIадурун. Сайгидпашада аскIов гIодов чIарав КIуядаса МухIамадхIабибида берги чIвана. КIутIулаго хинкIаздагун гьес РФялъул парламенталъул вакиласе бицунеб букIана хабар. Сундул хIакъалъулъ бицунеб букIарабали лъачIо, амма Сайгидпаша цIакъ кIвар кьун гIенеккун вукIана гьесухъ.

МагIарулал данде ракIарараб бакIалда, хасго Шамил имам ракIалде щвезавулеб тадбиралда чара гьечIого ахIулеб кечI буго КIуядаса МухIамадхIабибил «Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал» абураб, Игьалиса Чупаласул машгьураб назму. Гьеб къоялъги ахIана гьес гьебги «Дур гьитIинаб зани заназул рохьоб» абураб ХIамзатил Расулица Шамилиде гьабураб кечIги. Имамасул заманалъул тарихги, гьалдолел къоязул бухIиги хIасратги гIажаибго махщалида къватIибе кьезе кIола гьесда. Живгоги гьев Шамилил бода гъорлъ вукIарав муридасда релълъун вукIана. Кутакалда хирияб буго гьесие Шамил имамасул заманалъул тарих. Бицен кканщиналъуб гьениса цо щиб букIаниги цIияб бицине жоги батула гьесда.

Хадуб букIана тадбиралъул бищун аслияб бутIа — спортивиял къецал. Ниж кванан рахъиналде, чIорбутI речIчIиялъул, гиря рехиялъул, АРМ-спорталъул (рукь бачиналъул) къецал рагIалде рахъун ругоан. Цо километралъул манзилалда гIолохъаби рекеризе риччазе хIадурлъи гьабулеб батана къватIиб. Лагералъул азбарги бахун, шагьранухлул аххадеги ун, рачIине кколел рукIана гьел рекерун. Гьел рачIунеб нухда кIиябго рахъалъ эхетун, кинав бергьуневали бихьизе шавкъ щун гIадамалги рукIана. АнцIго минуталдасан гIадин бахъана: «РачIунел руго, рачIунел руго» абураб ахIи. Хадур рачIунездаса лъикIаланго манзилалъ цеве ворчIун, тIоцеве чIалде вачIана 18-19 сон барав гIадав гIолохъанчи. Халатккун манзилалъ векераниги, цо кIудияб хIал лъазе течIого, сабургоги вугоан гьев. Амма гьесда хадур рачIунезул лъалаго тату хун бугоан.

Гьелдаса хадуб букIана квар цIай. ХIалуцарал къецал рукIана гьенир Губденалъул, кIуядисезул, хIебдасезул ва МахIачхъалаялъул командабазда гьоркьор.

Бащдаб сагIаталдасаги цIикIкIун заманалъ халатрахъарал къецазда бергьана Губденалъул команда. КIиабилеб бакI щвана кIуядисезе, лъабабилеб — хIебдасезе.

Хадуб тIобитIана Шамил имамасул гIумру лъазабиялда тIасан викторинаги. 12 суал букIана тадбиралъул гIуцIарухъабаз хIадурун. Имамас тIарикъаталъул гIелму лъазабизе тIоцебе щиб росулъ байбихьарабин абураб суал хутIун, хутIарал киназего жаваб кьуна. Бергьаразе щвана тарихчи ХIажимурад Доногъоца Кавказалъул рагъул ва Шамилил заманалъул хIакъалъулъ хъварал тIахьал.

Спортивиял къецазда тIокIлъи бихьизабуразеги щвана шапакъаталги, хIурматиял кубокалги, гIарцулал сайгъаталги. Бакъанидехун гьава-бакъ хисана, хасалихълъиялъул квач тIибитIана сверухъе. ЦIад базе къачIалеб гIадин букIана дунял.

Гьединаб букIана араб гьатIан къоялъ Къородисезул-кьотIа аскIоб тIобитIараб данделъи.

Дие гьаб макъала лъугIизабизе бокьун буго Инхоса ГIалихIажияс Шамилиде хъвараб кочIолъа росарал мухъаздалъун:

 

МагIарул чияли чанги вагъарав,

Чол кьолода жаниб мусруги жемун.

Чанги бахIарзаца рухIал ричарал,

Чорокаб къавмалде дандеги рахъун.

 

Рагъул байданалде тIадеги хьвадун,

КIал гьикъун босана васаца Алжан.

Кьалда бахIарзазул хIухьел къотIидал,

Къана имамасул анкьабго талихI…

 

Ашахан Юсупов