Нургьудаевасул хIаракатги грантазул баракатги

 

 

  Араб шамат къоялъ, ай 27 августалда, нижеца -ДРялъул батIи-батIиял басмабаздаса, радио-телевидениялдаса журналистазги машгьурал блогеразги — гIахьаллъи гьабуна Буйнакск шагьаралъул бетIер Исламудин Нургъудаевас гIуцIараб пресс-туралда.

КъогогIан чи вукIана нижеда цадахъ. Гьезда гьоркьор рукIана ЦУРалъул нухмалъулев СултIан ГIабдуралимов, «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадов, блоггерал ва жамгIиял хIаракатчагIи Шамиль Хадулаев, Рамазан Рабаданов, Яна Ваймер ва цогидал.

 

Сталин, Ермолов ва «Кавалер-Батарея»

    Пресс-туралъул тIоцебесеб бутIаялда мэрас нижее шагьаралъул цо-цо бакIазде экскурсия гьабуна.

ТIоцере ниж щвана шагьаралъул краеведениялъул музеялде. Гьеб ккола ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб ДРялъул Миллияб музеялъул филиал. 1920 соналъул 13 ноябралда гьеб минаялъуб И. В. Сталиница Дагъистаналъе автономиялъул статус кьунин абураб игIланги бугоан гьениб чIван. Гьенибго цо заманалда Авар театрги букIана.

   Жибго музей гIемер кIудияб гьечIониги, гIемерал интересал тарихиял тIагIалабигун баянал ругоан гьенире ракIарун. Сталиница нахъа хIукму къотIараб столгицин бугоан цIунун. РукIана гьединго революционеразул гIумруялда хурхарал баянал, гьезул рукIарал тIагIалаби ва ярагъ.

Хадур ниж рачана цIар рагIарал революционерал МахIач ДахIадаев, Уллубий Буйнакский ва цогидал рукъараб паркалде. Гьениб нахъа бугоан Ермоловас жаниб гIумру гьабун вукIараб минаги. Гьенисанго бихьана «Кавалер-Батарея» абулеб кьуруги.

 

80 млн гъурущ

   Щвана цебе сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазе сайигъат гьабураб паркалдеги. Цебе гIала-гъважаялъул цIун букIараб бакIалда гIадамазе тира-сверизе ва хIухьбахъиялъе саламатаб бакI лъугьинабун буго Исламудин Нургьудаевас гьениб.

Экскурсия гьабулаго, бетIерас ва гьесул заместителас бицана шагьаралда регионалиял федералиял проектал кинаб къагIидаялда гIумруялде рахъинарулел ругелали.

   Исана Буйнакск шагьар бергьун буго «ГьитIинал шагьарал ва тарихиял росаби» абураб ТIолгороссиялъул конкурсалда. Гьениса щвараб 80 млн гъурущ шагьаралъул архитектурияб рахъ лъикIлъизабиялде биччазе бугин бицана мэрас.

   «Дагъистаналъул цогидал шагьараздасагун районазда гьоркьоса тIоцере ниж бергьана РФялъул строительствоялъул министерствоялъ тIобитIулеб гьеб конкурсалда. Гьениб нижеца бихьизабуна шагьаралъул ах къачIазе бугин. Конкурсалда гIахьаллъарал РФялъул 73 субъекталдаса 300 муниципалитеталда гьоркьоб нижер проект лъикIаблъун рикIкIиналдаса ниж цIакъ рохарал руго. Гьенисан щвараб гIарцуца нижее шагьаралъул архитетурияб сипат лъикIлъизабиялъе лъикIаланго кумек гьабизе буго. Ах къачIаялъул хIалтIаби гьанжеялдего байбихьун руго. Дир ракIчIола, шагьаралда ругел гIадамазе гьенире хIухьбахъи гьабизе рачIине бокьизе букIиналда», — ян бицана Нургьудаевас.

  Сапаралъул ахирияб ва аслияб бутIа букIана «ЧIикIаб-Буйнакск» лъелмухъ бачунеб бакIалде щвей.

   Шагьаралъул гIадамазул гIемерал соназ цIакъ рахIат хвезабулеб буго лъел суалалъ. ГIаммаб къадаралда, тIолабго шагьаралъе букIине кколеб хIалалда лъим щвезелъун цо сордо-къоялда жаниб кьабизе ккола 24-25 азарго куб.м. лъел. ЦIакъго гьеб иш хIалуцуна лъалъадулеб ригь щведал — ихдал ва риидал. Гьеб заманалда чIикIасез тIадран жидерго ахал лъалъазе байбихьула.

   ГIемераб бакIалде изну гьечIого лъим бачиналъ ва лъим жанисан унеб рогIоро тIубан чIунтIун букIиналъ, шагьаралде бачIунеб гьекъолеб лъел къадар циндаго гIодобе кколеб буго Буйнакскиялда. Лъел мухъ 80 проценталъ басралъун, чIунтIун буго.

Щулиял, хъазмил рогIралги ругеб лъел мухъалъул гIаркьел гьабуни, гьеб иш тIубанго рукIалиде бачIине бугин абуна И. Нургьудаевас. Гьелъул халалъи букIине буго 32 км.

   «ГIуцIун буго проекталъул смета ва рагIалде бахъана пачалихъияб экспертизаялъул хIалтIиги», — ян абуна мэрас.

   Проект босун буго «БацIцIадаб лъим» абураб федералияб программаялде гъорлъе. Жакъасеб къоялде рагIалде рахъун ругин абизе бегьула лъим бачиналда цебе шагьранух хасал къот1елазде бикьиялда хурхарал геодезиял хIалтIаби.

 

ТIадеялъул лъим щвела

   «ТIасияб соналъул октябрь моцIалдаса байбихьун шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазе сордо-къоялъ, чIечIого бацIцIадаб, гьекъолеб лъим бачIине буго», — ян абуна И. Нургьудаевас.

Лъел мухъ бугеб бакIалда гьабураб экскурсиялдаса хадур ниж рачана ЧIикIаб хIорил рагIалда бугеб ахикье хIухьбахъи гьабизе. НигIматаздалъун гьарзаяб столалда нахъа Исламудин Нургъудаевас бицана жакъа къоялда шагьаралда бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьабизе ракIалда бугеб хIалтIул.

   «Жибго гьитIинаб букIаниги, бечедаб тарихалъул, цебе тахшагьарлъун букIараб бакI ккола Буйнакск. Гьанир руго цIакъ гIажаибал, гьобол-гьудул хириял гIадамалги. Дун къаси-къаси паркалде уна тира-сверизе. Гьенир дида дандчIвала цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. ЦIакъ бокьула дие гьезулгун гара-чIвари гьабизе, гьезул дарсазухъ, малъа-хъваязухъ гIенеккизе. Шагьаралда гьабизе ракIалда бугеб бищун цебе гьезулгун дандбала дица», — ян бицана Исламудин Нургъудаевас.

  Нижеда цадахъ столалда нахъа рукIарал Буйнакскалда гIумру гьабун ругел гIадамазги цIакъ лъикIаб къимат кьолеб бугоан шагьаралъул бетIерас ва гьесул къокъаялъ гьабулеб бугеб хIалтIуе. И. Нургъудаев бетIерлъун вачIаралдаса шагьаралъе лъалеб цебетIей кканин абуна гьез.

ТIагIамаб къадеквандаса хадуб, хIорида цебе, тIабигIаталда мэрасулгун пресс-конференцияги гьабуна. Гьенибги гьес гьабураб хIалтIул хIасилал гьаруна.

   Гьелдаса хадуб, катераздаги рекIун, лъеда тIасан свериги бахъана нижеца. Бакъанимех бугониги, бищун дагьалдасан 20 катер цIурал туристазул къокъабиги дандчIвана. Туристазе хIухьбахъиялъе гьарурал бакIазда лъикIал шартIалги ругоан чIезарун гьенир. Цогидал бакIазда чамалиго соналъ ралел гьечIел хIажатханал, нужер гьанир объект лъугIилалдего, цебеккунго ран ругин махсаро гьабуна нижеда цадахъ вукIарав Рабадан Рамазановас.

   Къасиялдехун, рокъоре унаго, къасисеб Буйнакскалда свералабиги рахъана нижеца. ГIемер гIадамал ругоан парказдаги къватIахъги тира-сверулел. Буйнакск рикIкIуна къватIазда канлъи чIезабиялъул рахъалъ бищунго хьезарурал муниципалитетазул цояблъунги.

Гьедин, лъикIаб хIухьбахъиги гьабун, тира-сверулаго, дагь-дагьккун нахъа тана нижеца къадги къасиги гвангъараб Буйнакск шагьар…

 

МухIамад Манапов