Дие бокьун буго Шамилил хIакъалъулъ дунялалъего бицине»

 

 

 

   Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ вуго дунялалъул бищун лъикIал сценаристазул цояв, машгьурал «Эртугрул» ва «ГIусман» фильмазда тIад хIалтIарав турказул сценарист Атилла Энгин.

  Гьев хIалтIулев вуго Шамил имамасул хIакъалъулъ бахъизесеб сериалалда тIад.

Сценарист щвана дол Шамилил гIумруялда хур­ харал тарихиял бакIазде: АхIулгохIде, Генуве, ГIашилтIе, Гъуниве ва Хьаргабиве.

   «Шайих Шамил» абураб гIемерсериязул гьеб фильм бахъизе буго «Халкъияб Кино» абураб проек­ талда рекъон.

   Гьелъул хIакъалъулъ Атилла Энгиница гIатIидго бицана 9 августалда «Черновик» газеталъул редакциялда республикаялъул журналисталги, тарихчагIиги, жамгIиял хIаракатчагIиги гIахьаллъун тIобитIараб пресс-конференциялда.

  Шамилил ватIанги гьев вагъарал тарихиял бакIалги рихьизе некIогоялдаса анищ букIанилан абуна А. Энгиница:

«Дун цIакъ вохарав вуго жакъа гьаниве вачIине рес щвеялдаса. Дида гьитIинаб къоялдаса нахъе гIемер рагIулаан Имам Шамилил хIакъалъулъ рицунел харбал, биценал. Дие цIакъ бокьун букIана гьитIинаб мехалъ дидаго рагIанщинаб беразда бихьизе. Шамил вуго цохIо Кавказалъул гуребги, тIолабго исламияб дунялалъул тарихалдаго кIудияб бакI кколев инсан. Гьединлъидал, дие бокьун буго гьесул хIакъалъулъ тIолабго дунялалъего бицине», — ян абуна гьес.

«Шайих Шамил» абураб сериал гIуцIун букIине буго гIага-шагарго 12 сериялдасан. Гьенибе жанибе бачине буго 30-35 соналдаса байбихьун, хвезегIан Шамилица нахъа тараб гIумрудул нух.

Сериалалъул щибаб эпизод бу­кIине буго полнометражный фильм гIадинаб. Нилъеда рихьизе руго Шамилги, гьесул гIага-божаралги, муридзабиги, гьесда церехун ва цадахъ рагъарал гIадамалги, масала, ХIамзатбег ва дол лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъарал цогидал гIадамалги», — ян бицана сценаристас.

Гьединго Атилла Энгиница абуна жиндир аслияб мурад бугила имамасул гIамал-хасияталъул батIи-батIиял хIакъикъиял рахъал рихьизари:

«Дир ракIчIола 300 чигун 300 азарго чиясде данде вагъизе бажарулев Шамил, лъикьаниги хIинкъулев вукIинчIолъиялда. Амма инсанлъидал гьев, сункьаниги хIинкъизе кколаан гьев. Гьеб суалалъе жаваб батараб мехалъ баянлъизе буго нилъее персонажасул хIакъикъияб гIамал-хасиятги. Масала, гьесул яс цIа-канги бахун унтараб мехалъ, гьелъул эбелгун цадахъ рогьинегIан гьей рекIеде ячIинаюлел рукIун руго гьел. Гьеле доб, гьесул гIаданлъиялъул унго-унгоял хасиятал загьирлъулеб лахIзат. Нилъеда цеве чIола расги жиндирго гIумруялдаги барах­щичIого, рагъул коронив къеркьо­лев чиги радаллъагIан яс чIаго хутIиларинги хIинкъун, гьей хвасар гьаеян БетIергьанасда гьардолев чиги».

Ахираб заманалда Кавказалъул рагъул тарихалда хурхун рахъарал фильмазда тIасан нилъер ракьцоязул гIемерал бахIсал, дандеккунгутIиял рукIана. Гьел рахъулаго, тарихиял хIужабиги хисизарун, фильмалда цо-цо бакIал берцин гьаризе бокьарал баянал ургъун рахъулел ругин гIайиб чIвалел чагIи гIемерал руго.

Сценарий хъвалаго тарихиял хIужабазулъ хIакъикъат цIунизе гьесие кумек гьабизе буго тарихчи Зураб ХIажиевас.

«Дица хIалкIун хIакъикъиял, бо­жилъи гьабизе бегьулел тарихиял баянал кьела сценаристасухъе. Жидеего бокьараб хIалалъ хиса-сверизабичIого, баянал мукъсан гьаричIого бахъани, дир пикруялда, халкъалъ лъикI къабул гьабизе буго гьеб фильм», — ан абуна З. ХIажиевас.

Съемкаби аслияб къагIидаялъ гьаризе руго Турциялда, Россиялда (Санкт-Петербург, Калуга шагьаразда) ва Шамил щварал цогидал улкабазда — Египеталда ва СагIудиязул ГIарабиялда.

Сериалалда жиндие Дагъистаналъул тIабигIаталъул берцинлъи бихьизабизеги бокьун бугин бицана сценаристас. Гьел съемкаби гьаризе республикаялде бачIине буго хасаб къокъа.

«Гьел рукIине руго цIакъ захIматал съемкаби. Гьезулъ гIахьаллъизе руго гIемерал актерал ва техническиял хIалтIухъаби. Фильм бахъулеб бакI букIине ккола гIатIидаб, гьенир хIалтIулел чагIазе санагIатаб ва шартIал ругеб. Гьединлъидал аслиял съемкаби гьаризе тIасабищулеб буго Турциялда Средиземный ралъадалдаса рикIкIад гьечIеб бакI», — ин бицана Атилла Энгиница.

Сериалалъулъ нилъер ракьцоязги гIахьаллъи гьабизе бугин бицана Атиллаца:

«Цо-цоязда ккола сценарий цохIо чияс хъвалилан. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Гьеб хъвалаго гьоркьоб гIахьаллъи гьабула гIемерал махщелчагIаз. Гьезда гьоркьор ру­­кIине руго Дагъистаналдаса гIа­да­малги.

Дагъистаналдаса актералги ахIизе руго гьоркьор гIахьаллъизе. Фильмалъ гуро актер валагьулев, живго актерас балагьула фильм. Амма жеги сценарий хъван лъугIичIого, гьелъул бицине цудунго буго жеги».

Киназего интерес бугеб суал букIана кинаб къагIидаялда, ай жанралда гьеб бахъизе бугебали. Гьелъиеги сценаристас гьадинаб жаваб гьабуна:

«Дун преподаватель гьечIониги, Турциялъул университеталда гьеб темаялда гIезегIан лекциял цIалана дица. Къокъго абуни, тарихияб драмаялда тарихиял хIужабазде данде кколарел баянал рукIине бегьуларо. Амма тарихалъул гIатIидго ва мухIканго бицине ккани, хIадурлъулагоги монтаж гьабулагоги нижер пикрабазе эркенлъи кьезе ккола, гIорхъичIваял гьаризе бегьуларо.

Фильм цо ккураб асаралъул кьучIалда бахъизе гьечIо. Сценарий хъвалаго, батIи-батIияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчIвай гьабизе ракIалда буго».

«Шайих Шамил» абураб сериал лъилнилги гьариялда (заказалда) рекъон бахъулеб гурилан абуна гьеб проекталъе квербакъи гьабулезул цояв, «Amicability» абураб халкъазда гьоркьосеб дипломатическияб клубалъул президент Сергей Дворяновас:

«Нижецаги гIахьаллъи гьабулеб буго кIудияб проекталда. Бокьун буго гьаб проект халкъияблъун гьабизе. Бокьарав, искусствоялде гIагарав, гъира бугев чиясул рес буго гьелда гъорлъ гIахьаллъизе. Гьеб букIине буго художествияб, гвангъараб, мухIканаб тарихияб проект. Гьелъ нилъее киназего гIатIидго рагьизе буго Шамилил гIамал-хасиятги, гIумрудул нухги, рухIияв цевехъан хIисабалда Дагъистаналъ гьесул къисматалда гьес тараб кIудияб бакIги. ГIагараб заманалда нижеца рагьизе буго проекталъул сайт. Нижее бокьун буго, хас гьабун фильмалъе сайигъат гьабун АхIулгохIда мемориалияб мажгит рагьизеги. ПалхIасил, гьаб букIине буго жибго жиндаго чIараб проект», — ан бицана гьес.

Фильм цо ккураб асаралъул кьу­чIалда бахъизе гьечIо. Сценарий хъвалаго, батIи-батIияб тарихияб литератураялде, баяназде мугъчIвай гьабизе ракIалда буго.

 

М. Манапов