ГIешдерил рохьоб рахьдал мацIалъул байрам

 

 

 

    Риидалил лагьиялъ сверун ккураб МахIачхъалаги кIиго къоялъ рехун тун, араб шамат къоялъ сапар бухьана Унсоколо районалде. 16-17-абилел къоязда Авар автономиялъул ва МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул хIаракаталдалъун гьениб тIобитIана рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул руцIцIен. ЛъагIалица хIадур гьабураб программагун, щибаб муниципалитеталъул вакилзаби цере рахъана гьенир. Ва тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ЧIарада районалъул къокъа. КIиабилел бакIал щвана Хунзахъ, ЛъаратIа ва Хасавюрт районазул вакилзабазе. Лъабабилел бакIал ккуна Шамилгун Болъихъ районаз ва МахIачхъалаялъул мугIалимзабазул къокъаялъ.

   Исана ункъабилеб нухалда тIобитIана гьеб дандеруссин. Амма гIицIго мугIалимзабазул тад- биралъул даражаялдаса гьеб цебего анин абизе бегьула. Киналго магIарулазул кочIолгун ихтилаталъул байрамлъун лъугьана гьеб. Ва цоги нухалда гьеб якъинлъана арал гIодоркъояз гьениб бихьаралъул хIисаб гьабидал.

ГIашилтIа росда нахъа бугеб накIкIигъутIбузул рохьил рацIцIалъуда данде ракIарун рукIана магIарулал. Амма цин гьенире щвелелде, нухда бихьа-рагIаралъул бицинчIого гIоларо.

   Бечедаб тарихалъул ракь буго Унсоколо. МагIарухълъиялъе бергьараб къисматалъул, гIалам бахил гьабулеб гьунаралъул кIиго имамги кьурав, инкъилабалъул цIадуда сверухъ магIарулал цолъизе гьавурав МахIач Дахадаевги гIезавураб, хьиндаллъиялъул пихъица бечедги гьабураб, цIулада накъиш угьизе махщел бугел устарзабиги рахъараб магIарухълъиялъул бокIон.

   Унсоколо росдада аскIосан, хъил тIечIеб чабхил нухдасан харун унеб букIана нижер машина. Хьиндаллъиялъул росабалъ тIад бан барщун бугоан ахбазан. Бакъвазе тIохазда тIибитIараб гьелъ берцин гьабун букIана сверухълъиго. Халатаб эхедерайги тун, ХъахIабросулъе, ЦIатанихъе ва ИштIибури росабалъе сверулеб бакIалде щвана. Гъоркьа тIаде бахунаго багIарараб машинаги хIухьбахъизе тун, гьогьен чIвазе къватIире рахъана. Гъоркьехун бихьулеб букIана гьарзаго бижараб харица бацараб ансадерил мегъ. Рухъи-чIарайги лъугIун, рагьлихъ урхъун ругел цIоросаролъил хурзал. ГIемерисел росабалъ гьанже хурзал рекьуларин хъван букIана нижецаги. Амма, Аллагьасе рецц, гьеб унти киналго росабалъе щун гьечIо.

ТIубанго рехун тун гьечIо магIарулаз умумузул яшав.

   Гьединал пикрабазда щвана гIешдерил рохьоре. Рогьалилъго къватIире рахъарал гьенир паракъалъун ругоан. АхIулеб кочIолги, бежулеб гьаналгун чадил махI букIана сверухъ тIибитIун. Рохьоб, рахъ-рахъалда жидерго къайиги чIван, бакун цIагун, квен-тIехалде руссун ругоан гIемерисел. Бежулеб шашликIалъул лазатаб махIалъ ракъарал нижее лъикIаб асарги гьабуна. Умумузул хъабал юккабиги ретIун руччабиги, гIарцул ханжар- рачел борчун, чухъа ретIарал бихьиналги рихьулел рукIана киса-кирего.

 

Релъи-хъуй гьечIого рохизе лъалел

   СагIат 11-ялдехун рагьана тадбир. Щибаб мегIералда, щибаб щобалда рагIуледухъ саламги кьун, тадбиралде рачIарал гьалбдериде хитIаб гьабуна Унсоколо районалъул къокъаялъ. МагIарул бакъаналда гъоркь кечIги ахIана, халкъиял шагIирзабазул асаразулъа кочIол мухъалги рикIкIана. Умумузул гIадат-гIамалалъул ва рукIарахъиналъул бицунеб гьитIинабго сценкаги бихьизабуна. Ахиралда, гIертIалгун сцена бакьулъе рачIарал ясаз свериги бахъана.

   Гьелдаса хадуб цо-цоккун цере рахъана щибаб муниципалитеталъул вакилзаби. МаркIачIул бер рукIкIинегIан ахIулеб кочIолги, кьурдул бакъаналъги кверде босун букIана гIешдерил рохь. Сценаялдаса рагIана церегоялдаса нахъе рагIун букIинчIеб, чIагояб гьаракьалъ ахIулеб унго-унгояб магIарул кечI. Жергъада кIутIулел килщаз бачана цебего кIочон танин ккараб умумузул бакъан. Цин борхун, цин гIодобцун бачунеб аргъаналъул гьаркьица каранда ракI цин гьалдезабуна, хадуб гIодизе тIамуна. МагIарул пандрида гъоркь ахIулеб кочIол гьаракь рикIкIаде хъамулеб букIана гьороца.

МаркIачIул бер рукIкIунеб гIуцжалъ сценаялде рахана Авар театралъул хIалтIухъаби. ГIарип Расуловасул «Росулъ ккараб иш» абураб комедия бихьизабуна гьез.

Гьединаб букIана рахьдал мацIалъул мугIалимзабазул руцIцIеналъул ва магIарулазул гIаммаб байрамалъул тIоцебесеб къо.

   Хадуб букIана гьогьомараб роол сордо, гIурдада бакараб цIа ва цIа сверун ракIарарал магIарулал. ТIанусиса булбул, АхIсарат ХIайбулаевалъ хIасратго ахIулеб кечI, хундерил культураялъул управлениялъул хIалтIухъан Чаран СултIанбеговас махщалида бачунеб бакъан. ЦIадуда бежулеб шашликI. МоцIрол канлъиялъ берцин гьабураб сверухълъи.

 

Сордо рогьа дуца, гIешдерил рохьоб…

 

   Сордо рогьинегIан къотIичIо кочIол гьаракь. Рогьалил какдаса хадув кьижун ккарав дун ворчIизавуна руччабазул релъи-хъуялъ. Сундул бицун релъулел гьел рукIаралали лъаларо, амма цIакъ аваданаб сурат бугоан радалго МахIачхъалаялъул мугIалимзабазул къокъачагIазул горсверуда.

Бакъул чIорал гьанжего гьанже мугIрузда тIад тIиритIулел рукIана, дун къватIиве щведал. ХъантIун цIалаго цIияб гьавагун, рохь къотIун цеве ана тира-сверизе. Огь, лазат цо магIарул тIабигIаталъул. Бугеб жоялъул къимат гьабизе лъалебани, цIакъал гIадамал рукIинаан нилъ. Гьадинаб гьайбатаб сверухълъиги тун, нахъруссуна машинабазул хъудиялъги хъублъараб гьаваялъги данде къан къварид гьабураб шагьаралде.

  Цоял квание хIадурлъулел, цогидал макьил кеп босулел, лъабабилел — чехьатIадеги рехун хабар-кIалалда ругоан гIадамал. Дагьаб добегIан Гъизилюрталда гIумру гьабун вугев ТIелекьа ХIабиб МухIамадовас ахIулеб кочIохъ гIенеккун рукIана цогидал. ХIабибицайин абуни ахIулеб букIана ХъахIабросулъа МахIмудиде гьабураб кечI.

Исана ункъабилеб нухалда тIобитIараб ва ункъабго соналъ гьелъие квербакъарай, цебехъанлъи гьабурай гIадан ккола Баху МухIидинова. МагIарулазда лъикIго лъала гьелъул эмен Шамил МухIидиновги. Адабият бокьулез гъираялда къабул гьаруна ахирал соназда гьес хъварал кучIдул. Инсул нухдаса тариларин, рахьдал мацI хвезе теларин абураб мурадгун кIудияб хIалтIи гьабулеб буго Бахуца.

  КIалъазе рахъанщиназ кIудияб къимат кьун дандеруссиналъе баркала загьир гьабуна магIарулалги данде гьарун, тадбир гIуцIарай МухIидиновалъе. Масала, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас, гьесул заместителал Зикрула Ильясовас ва Пайзула Пайзулаевас, ДРялъул халкъиял шагIирзаби МухIамад АхIмадовасгун МухIамад ХIамзаевас ва жамгIиялгун творческияб интеллегенциялъул церехъабаз. Гьелъие баркала кьуна Унсоко- ло районалъул нухмалъулев ГIиса НурмухIамадовасги.

Къалъудаса хадуб тIобитIана миллияб кванил конкурс. Щибаб районалъул вакилзабаз хIадурун букIана умумузул букIараб тIагIам.

Бакъанидехун нахъеги байбихьана ихтилаталде. АхIана кучIдул, кьурдана, рохана, релъана, цадахъ суратал рахъана.

Гьениса нахъе ине бокьуларого, нахъ-нахъруссун, гIешдерил рохьоб жидерго саназул цо бутIаги тун унел ругел гIадин, къо-лъикI гьабуна магIарулаз ансадерил ракьалъулгун.

Ашахан ЮСУПОВ, ГIашилтIа-МахIачхъала