Бузнаса нухде хIукуматги «щвана»

 

 

 

  Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Бузнасан бахъулеб нухлул суал.

Гьениб хIукму ккана гендерида аскIоб, кIиго гIор жубалеб бакIалда кьо лъезеги, ункъо километралъул манзилалда нух бахъизеги исана проект гIуцIизе ва гьелъие гIарацги республикаялъул хIукуматалъ биччазе. Хадубккун гьелъго квербакъизе буго хутIараб 10 километралъул манзилалдаги нух бахъизе.

 

  Гьеб суал дандбалеб данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, хIукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутат ГIабдулвахIид Лабазанов, Бузнаса нух бахъиялъе кьучI лъурав МухIамадкамил Дибиров, ЦIумада районалъул собраниялъул депутат МухIамад ГIабдулаев ва цогидалги.

   2014 соналдаса нахъе гIадамаз садакъаде бакIарун гIарацгун 30 км манзилалда бахъулеб, 11 район цолъизабулеб нухлул кIваралъул гIемер бицана прессаялдасанги батIибатIиял тадбираздаги. Бузнаса нух гIемерго къокъабги буго, гьениса ракь ччукIун бачIиналда яги нухда цIер чIваялда хIинкъиги гьечIо.

   Депутатлъун вищидал, Халкъияб Собраниялда жинца кIвар кьезесеб аслияб суаллъун Бузнаса нух букIине бугин бицун букIана ГIабдулвахIид Лабазановасги «ХIакъикъат» газеталъе.

Гьесго дандбан букIана гьеб суал ДРялъул хIукуматалъул председательлъун вукIарав ГIабдулпатахI ГIамирхановасдаги. БитIун комиссияги гIуцIун, гьеб нухлул ишалде кIвар кьезе байбихьидал, хIукуматги хисун, чIезе тана гьеб. Гьанже ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов вачIиндал, цIи гьабуна гьелда сверухъ гьабулеб хIалтIи.

Гьелда бан гьадин бицана ГIабдулвахIид Лабазановас:

   — ХIукуматалъ къотIи гьабуна кIиго гIор жубалеб бакIалда кьоги лъезе, кьурабазул цIураб, бищун захIматаб бакIалдасан ункъо км нухлулги бахъизе. Хадуб хутIараб 8-10 километр бахъизеги рагIи кьуна хIукуматалъул вакилзабаз. БукIине кколедухъ проектги гьабун гурелъулха халкъалъ гьеб бахъулеб бугеб. Щиб лъалеб, цониги бакIалдаса гъалатI битIа-бишизабизе яги батIияб рахъалдасан свера-хъверун хисизабизе ккезеги бегьулелъул. Гьеб батила доб 8-10 километралъул магIна.

Амма хIукуматалъ кумек гьабизехъин букIунилан Бузнаса нухда сверухъ гьабулеб хIалтIи чIезе толеб гьечIо нижеца, жамгIиял хIаракатчагIаз. ГIарацги бакIаризе буго, копек хутIичIого сунда тIад гьеб харж гьабурабали халкъалъе хIисабги кьезе буго. Масала, исана 26 марталда микьго млн гъурщиде экскаватор босана. Гьединго босана кьвагьизе картIал рахъулеб машина. Нух бахъулаго хун, жагъаллъун, рахъ-рахъалда рехун тараб техникаги нахъе бакIарулеб буго нижеца. Бажарараб къачIала, бажаричIеб, алаталги рахъун, цогидазда тIад бацIцIина.

  Гьеб нухлуе кутакалда кумек гьабулел районал ккола Гумбет, ГIахьвахъ, ЦIумада. Амма жеги гъурущ гьенибе кьечIел районалги руго. Гьединал бакIазде нижерго вакилзаби ритIулел руго халкъалда гьеб ишалъул кIвар бичIчIизабизе. Нух-нухазда чIун, гьелъие гIарац бакIарулел волонтералги руго. КIалккул моцIалъ цо-цо росдаца тIаде босун, ифтаралги гьаруна Бузна нухда.

ГI. Лабазановас бицухъе, кватIичIого Москваялдаса Дагъистаналде ячIине йиго РФялъул транспорталъул министрасул заместитель. Бузнаса нух бахъулел жамагIатчагIаз гьесда гьарулеб буго, Бузнаса нухлул проект федералияб программаялда гьоркьобе бачинабиялъе гьелдасанги кумек тIалаб гьабеян.

    Халкъалъул кумекалдалъун умумузул нух цIи гьабизе тIаде босарав чи вуго Болъихъа МухIамадкамил Дибиров.

— Халкъалъе, жамагIаталъе кIвар цIикIкIараб нух гьеб букIин жакъа щивасда бичIчIулеб буго. Гьединго дагьаб кватIун бугониги, республикаялъул хIукуматалдаги гьеб бичIчIун батиялъ рази гьавун ватила гIемерав чи. Гьаб дунялалда нилъеца балеб заман гIемераб жо гуро, амма, нилъго индал, нахъе хутIизе щиб букIаниги гьабизе ккола. Гьеб пикру загьир гьабизе рес щвана хIукуматалъул рокъоб букIараб данделъиялдаги, — ян бицана МухIамадкамилица.

    Амма гьесул пикруялда рекъон, хIукуматалъ бахъизе тIаде босараб нухлул ункъо километр исана гуреб, тIадеялъулцин лъугIуларо бахъун.

«Гьезда ракIалда буго, проектги гIуцIун, исанаго гьеб рагIалде бахъинабизе. ТIадеялъул лъугIаниги, цIакъ лъикI букIинаан гьеб. Амма нижецаго ракIалда букIараб къагIидаялъ, жамагIаталъул гIарцул кумекалдалъун гьабулеб хIалтIи рагIалде бахъинабила, Аллагьас хъван батани.

Гендерил тоннелалдасан раккаралго АхIулгохIдехун унеб бакIалде щвезегIан бугеб гIодобераялда машинабазе букIунеб санагIалъи гьечIолъиги, гьенир кколел авариязул къадарги лъалеб буго гIемерисезда. Лъалеб буго гьеб хIукуматалъул вакилзабаздаги. Гьединлъидал гьеб суал Сергей Меликовасда цебе лъелин жидецаян рагIи кьуна гьез», — янги бицана МухIамадкамилица.

   ДРялъул хIукуматалъул официалияб сайталда хъвалеб буго ракь ччукIиялда, гьарчал гиризе, ракь багъаризе рес букIиналда бан кинабгIаги цIех-рехги гьабичIого бахъулеб бугин Бузнаса нухилан.

Амма Дибировасул рагIабазда рекъон, ЧIикIаб ва Рихьуниб ГЭСал ралалде Совет Союзалдасаго лъикIал махщелчагIиги рачIун, 1957 соналъго гьарун рукIана гьел цIех-рехал.

 «Гьединго гьел ччукIелалги хъитIалги лъугьунареб, цIадал хIалакиндал, иххалги рахъунареб бакI бихьизабе магIарухъ. Кирго лъугьине рес буго гьел. Бузнаса нух бахъулеб мехалда нилъер умумузги хIисабалде росичIого тун ратиларо гьел рахъал. Гьезго лъун букIун буго, масала, гьанже хIукуматалъ кIиго гIор жубалеб бакIалда лъезехъин бугеб кьоги», — ян баян гьабуна Дибировас.

Республикаялъул хIакимзабаз церегIанго соназги кIвар буссинабун букIана Бузнаса нухде. Амма бюджеталъе хираго чIолилан, миллат гьабичIого тун букIана. Гьелъул хIакъалъулъ 2014 соналда «ГIагарал мугIрул» абураб фондалъул нухмалъулев ХIажимурад МуртазагIалиевас «Миллат» газеталъе гьадин бицун букIана:

  — ЦерегIан соназда «Новое дело» газеталда бахъун букIана «Зачем нам гимринский тоннель?» абураб макъала. Бузнаса нухги букIаго, нилъее тоннель щайин хъвалеб букIана гьениб. Гьелдаса хадуб хIукуматалъул комиссия ана Бузнаса нухлухъ балагьизе ЧIикIаб хIоринисан, расаялдаги рекIун. Гьедин индал, гъора рихьула мугIрул, кьураби. Амма гьенисан нух бахъизе хираго чIолинги абун, комиссия нахъ буссун буго. Кьурабаздаги мугIруздаги хъвазе кколаро. Нух бихьизе гьел хIакимзаби лъеда тIасан инчIого, УАЗалда яги вертолеталда рекIун ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан гьезда гьеб нухлул кигIанасеб санагIалъи бугебали.

 Зульфия ХIАЖИЕВА