КIудияб сиясаталъул къурбанищ яги рокьул асирищ?  Шамилил вас Жамалудинилги гIурус генераласул яс Лизалги хIакъалъулъ кино

 

 

  26 маялда улкаялъул кинотеатразда бихьизабизе буго имам Шамилил вас Жамалудинилги гьесие йокьун йикIарай гIурус яс Лиза Оленина-ялъулги хIакъалъулъ «Аманат» абураб фильм.

Премьераялда цебе гьеб бихьизабуна МахIачхъалаялдаги, Гъунибги, Астраханалдаги. Гьеб бахъана «Даггер фильм» ОООялъ. Гьелъул ге- нералияв директор Шамил Жафаров ккола фильмалъул продюсерги. Фильмалъе режиссёрлъи гьабуна Антон Сиверсицаги Рауф Кубаевасги.

 

 

 

   Имам Шамилил роль хIана нилъерго ракьцояв (лъарагI миллаталъул) Арслан Мурзабековас. Гьев гIезегIан фильмазда гIахьаллъана. Масала, «Салам, Масква», «Как я стал русским» фильмазда, гьединго М. Лермонтовасул «Герой нашего времени» асаралда рекъон бахъараб фильмалда Казбичил роль хIалеб букIана гьес.

Шамилил вас Жамалудинил роль хIана Майкопалдаса адигав Амин Хуратовас, Лизал — Варвара Комаровалъ. Гьединго гIурусазухъе аманаталъе кьолеб мехалда вукIарав, гьитIинав Жамалудинил роль хIана Арслан Мурзабековасул вас Камилица.

Гьединго фильмалда гIахьаллъана машгьурал актёрал — Андрей Соколов, Екатерина Гусева, Даниил Страхов, Фархад МахIмудов, Нина Гизбрехт

Авартеатралъул актрисаби – ДРялъул халкъияй актриса Наира ХIабибулаевагун ПатIимат ГIисаеваги рукIана гьенир. Жеги Гъуниб районалдаса гIадамалги рукIана рихьулел къокъал ролазда.

 

  «Аманаталда» тIад хIалтIарал продюсерасегун режиссеразе ва актеразе тIадегIанал шапакъаталги баркалаги кьуна республикаялъул бетIер Сергей Меликовас.

2018 соналдаго байбихьараб гьеб фильм бахъи гьоркьоб къотIизе тун букIун буго пандемия лъугIизегIан.

МахIачхъалаялда Cinema Hall кинотеатралда бихьизабулеб гьелде рачIун рукIана ДРялъул премьер-министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги, хIукуматалъул вакилзабиги, журналисталги, студенталги, искусство бокьулелги, жеги чанго батIияб хъулухъ-иша­лъул гIадатиял гIадамалги.

ГI. ГIабдулмуслимовас гьениб абуна гьеб фильм нилъер гIолилазда бихьизе кколин чара гьечIого, гьезда лъазе кколин нилъерго тарихги, умумуз тIаса бищун букIараб нухги, гьел куцазе кколин умумузул бихьинчилъиялъулги, къохIехьеялъулги, ВатIан бокьиялъулги мисалазда.

Премьерасул пикруялда рекъон, гьеб фильмалъ квербакъизе буго жеги цIикIкIун нилъ, улкаял- да гIумру гьабулел батIи-батIиял гIадамал, цолъиялъе.

ТIаде балагьун фильм бахъун буго гьанжесел технологиялги хIалтIизарун, гIезегIан гIарацги харж гьабун. Жамалудинил роль хIалев адигав Амин Хуратовасги Шамилил роль хIалев Арслан Мурзабековасги, гьединго цогидазги, балагьаразе асар гьабуледухъ, ракI тIаде цIаледухъ хIалеб бугоан. Хасго гьанжелъагIанги цIунун хутIарал чIахъадерил некIсиял минабахъ рахъарал съемкабазги божизарула киноялда бихьизабулеб хIакъикъат XIX гIасруялъул бащалъиялда ккараб букIиналда.

Амма гьелдаго цадахъ цо-цо суалал рижичIогоги хутIичIо. Масала, фильмалъе сценарий хъван буго «Даггерфильм» ОООялъул генералияв директор Шамил Жафаровас. Тарихчияс гIахьаллъи гьабунищ гьелда гъорлъали, мухIканлъичIо.

   Гьединго кутакалда гIажаиблъизе бачIана имам Шамилил цIаралдаса кIалъалев Мурзабековас бицунеб магIарул мацIалда. Гъоркьан гIурус мацIалда титрал кьечIелани, цо-цо бакIал тIуранго ричIчIизецин рукIун ратиларо. ХIалицаго рахъулел ругоан актёрас магIарул хIарпал яги гьел рахъичIогогицин толел рукIана гьес («хечо» — гьечIо, «букана» — букIана). ГьедигIан кIудияб зулму актёрасда тIадги гьабичIого, яги гьеб ролалъе батIияв чи (магIарулав) вищизе бегьулароандай, ялъуни хас гьабун Мурзабеков къваригIун вукIун ватани, гьесул кIалдиб лъезе бегьулароандай магIарул чияс абулеб аудио?

Гьединал суалал дица Арслан Мурзабековасеги кьуна. БитIараб бицани, жинда лъаларин, магIарул актёр щай вищичIевали, амма жиндир мацIалда тIад гIезегIан хIалтIулелги рукIанин мукIурлъана гьев. Хадубго махсара гьабуна жиндир анкьумумул магIарулал рукIаниланги.

Фильм лъугIун хадуб гьебго суал режиссёр Рауф Кубаевасеги кьуна. Гьес абуна жив вугин кIиабилев режиссёр, жинда тIад гьеб хIалтIи къараб мехалда актёрал тIаса рищун ратанила. Хадубго тIаде жубана, мацI кинаб батаниги, Арслан Мурзабековасда кIолеб бугила имам Шамилил гIамал-хасият бихьизабизе. Гьеб бугила гьениб бищун аслияб рахъ.

 

— Фильмалда цIакъ берцинго бихьизабулеб буго Кавказалъул рагъул заманалда Санкт-Петербургалдаги магIарухъги букIараб хIакъикъат. Масала, Сугъралъе унеб бакIалда гьез гьарурал декорациял руго унго-унголъунги Шамилил заманалда магIарулаз ралел рукIарал рукъзабазда релълъарал. Гьел гьанже сугъулдерил музеялъе сайгъат гьаруна доз.

Амма дир ракI рекъечIеб жо ккана имам Шамилил роль хIалев вукIарав актёрас бицунеб букIараб магIарул мацI. БатIияб мацIалъул чи вугоан гьев, хIалица магIарулалъ кIалъалев. Гьалгощинал магIарул актёралги ругеб мехалда цониги чийищ продюсерасда ватичIев гьеб ролалъе мустахIикъав? Фильмалъухъ балагьулел чагIазул аслияб къадар гIицIго магIарулал гуреллъидалин, батIи-батIиял миллаталлъидалинги ракIалде ккун батилаха режиссёрасдаги продюсерасдаги. Амма фильмалъ гьабураб лъикIаб асаралъул иш лъугIизабуна гьев актёр кIалъалев рагIидал.

Дица гьебго пикру фильмалъул презентациялдаги загьир гьабуна, — ян бицана гьелъ.

   Фильмалда аслияб бакI кколеб буго Жамалудинилги гIурус генераласул яс Лизалги тIубачIеб рокьуца. Гьединлъидал гьелдалъун лъугIизеги тана, сах гьавизе витIараб бакIалда КIаратIа гьев вукъиялъулги цогидалъулги биценги гьабичIого. Амма художественнияб фильм хIисабалда гьениб кинабго тарих рагIа-ракьанде щун бихьизабизе тIадабги гьечIо. Сценаристасулги режиссёрасулги жидерго рукIуна тIалабалги мурадалги.

Амма гьез жаваб балагьулеб суал батIияб бугоан — унго-унголъунги щиб гьир Жамалудинида тIаде бегун букIараб: рокьул асирлъиялъулищ яги кIудияб политикаялъул къурбан- лъиялъулищали.

Зульфия ХIажиева