Рахьдал мацI — миллаталъул кьучI

 

 

  19 апрелалда МахIачхъалаялъул ЦБСалъул Лъималазулгун гIолилазул моделалъулаб библиотекаялда «Аваразул ракьалъул хIакъалъулъ бицен» абураб музыкалиябгун литературияб тадбир тIобитIана. Гьелъул мурадги букIана гIолеб гIелалъулъ халкъалъул тарихияб ирсалде, маданияталдегун гIадатазде лъикIаб бербалагьи куцай. Дагъистаналъул халкъазда гьоркьор ругел социалиял ва маданиял хаслъабаздехун адаб ва авар халкъалъул творчествоялде рокьи бижизабуна гьеб тадбиралъ цIалдохъабазул ракIазулъ. Моделияб библиотекаялда тIубараб моцIалъ тIоритIулел ругоан миллияб маданияталъул хIакъалъулъ бицунел тадбирал. Гьаб нухалда гьениб авар халкъалъул маданияталъул, тарихалъул ва адабияталъул хIакъалъулъ бицана цIалдохъабазда.

Гьенир гIахьаллъана МахIачхъалаялъул №1 ва №4 гимназиязул цIалдохъабигун мугIалимзаби, №4 ва №5 Искусствоялъул школаздаса художествиял нухмалъулел, кьурдул ансамблял, кечI ахIулел. ЦIалдохъабазе аваразул маданияталъул хIакъалъулъ хIакъикъат рагьана тадбиралде ячIарай гьобол, ДРялъул культуралъул мустахIикъай хIалтIухъан, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб премиялъул лауреат, магIарулазул шагIир ТубхIат Зургьаловалъ.

Библиотекаялъул хIалтIухъабаз берцинго нухда бачана цIалдохъабазда магIарул маданият ва адабияталъул бицунеб тадбир. Къокъго бицана магIарулазул тарихалъул хIакъалъулъги. «Щал кколел аварал» абураб видео-роликалда бицана нилъер халкъалъул къадруялъулги, тушманасе къуркьичIел бахIарчиял умумузулги хIакъалъулъ. КIудияб гъирагун, сихIкъотIун гIенеккарал цIалдохъабазул ракIазулъ жидерго миллаталдаса, гьелъул цIар арал бахIарзаздаса, бечедаб, къадруяб тарихалдаса чIухIи бижараблъи бичIчIунеб букIана. 

ЦIалдохъабазда бицана рахьдал мацI нилъее умумуз тараб ирс бугин. Миллаталъул кьучIлъун кколеб рахьдал мацI лъалеб гьечIони, миллатго гьечIев чилъун хутIулел рукIиналде кантIизаруна гьеб тадбиралъ лъималги чIахIиялги.

№4 искусствоялъул школалъул цIалдохъан Шуана Асадулаевалъ кIудияб махщалида цIалана Фазу ГIалиевалъул «Эбелалъул хъахIаб шал» абураб кечI. МагIарул ва гIурус мацIазда кучIдул рекIехъе рицине пагьму бугоан Асадулаевалъул. №1 гимназиялъул цIалдохъабазги магIарул мацIалда кучIдул рекIехъе рикIкIине кIудияб хIаракат гьабулеб бугоан. 

ЦIалдохъабазе ва тадбиралда гIахьаллъаразе асар гьабуна искусствабазул №4 ва №5 школазул цIалдохъабазул гьунаралъ. МагIарулазул миллиял кьурдабиги, музыкалиял алатазда бакъналги хIадурун ругоан искусствабазул школазул цIалдохъабаз.

ГIенеккаразе гIажаибаб асар гьабуна искусствоялъул школалдаса цIалдохъан Шамил МухIамадовасул кочIоца.

ТубхIат Зургьаловалъги цIалдохъабазулгун аваданаб накъит гьабуна. «Дир гьайбатаб Алипба» тIехьалъул хIакъалъулъги бицана, гьелдаса цIалдохъабазе кучIдулги цIалана.

«Жакъа аваразул маданияталъул хIакъалъулъ бицунеб къоялъ тIоцебе­себ иргаялда нилъерго миллаталъул кьучIлъун кколеб рахьдал мацI цIу­ния­лъул бицине бокьун буго. Рахьдал мацI лъаларев чиясул букIунаро ми­ллатги, лъаларо гьесда жиндирго халкъалъул маданиятги адабиятги. Миллаталъул мацI лъазабизе ва цIунизе байбихьизе ккола нилъерго рокъоса, школалдайин абуни рокъоб малъараб щула гьабула. Нилъерго халкъалъул шагIирзабаздаса, хъвадарухъабаздаса, бахIарзаздаса чIухIизе ккола. МагIарул мацIалда асарал хъварав, дунялалдаго цIар арав Расул ХIамзатовасдаса чIухIичIого кин рукIинел. Гьесул «Къункърабазе» памятник лъечIеб цогIаги пачалихъ батиларо дунялалда», — ян абуна гьелъ гьитIичаздехун.

П.СУЛТIАНМУХIАМАДОВА