Сахлъи цIуниялъул къебелъухъ бараб бащдаб къо

 

ТIоцебесеб апрелалда республикаялъул СМИязул вакилзаби гьоболлъухъ ахIун рукIана Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъул колледжалъ. Гьайгьай, гьелъул хIакъалъулъ гIезегIан бицунеб рагIун букIана. РагIун букIана колледжалда студентазе лъикIаб лъай щолеб букIиналъулги. 

 

Щуго шагьаралда рагьараб вакиллъи ва колледжалъул тIоцересел галаби

 

   Къалъуда щвана тахшагьаралъул Амет-Хан СултIанил къотIноб бугеб колледжалъул минаялда цеве. Редакциялъул машинаялдаса рещтIунаго, дарсалги лъугIун къватIире рачIунел студентазул кIудияб къокъа данде ккана рагьдухъ. ХIурматиял гьалбал рачIунел ругел кинниги, колледжалъул минаялъул нуцIаги жанахIги бугоан кьер-кьерал шараз къачIан. Жаниве щун вахъиналде данде вачIарав гIолохъанчияс дун вачана тIасияб тIалаялде, гьенир балагьун чIарал чагIи ругинги абун.

  ТIасияб тIалаялда бугоан колледжалъул директор Руслан Мамаевасул кабинет. ГIатIидаб столалда нахъа жеги лъабго-ункъониги журналистги вугоан. Дагь-дагьккун рачIун, киназго столалда нахъа рукIарал бакIал цIезаруна.

Руслан Мамаевас бицана щиб гьабизе журналистал ракIарун ругелали. Колледжалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, студенталги рихьизе, щиб гьабулел чагIи жалгоялиги бицине ахIун ругоан гьез ниж. 

— Гъоркьиса 10 сон тIубана нижер колледжалъ, — ин бицана Р. Мамаевас. — Байбихьуда цохIо МахIачхъалаялда чIей гьабун рукIарал нижер жакъа щуго шагьаралда буго вакиллъи. Гъизляр, Хасавюрт, Избербаш, Каспийск ва Дербенталда филиалал рагьана. Гьенир ругелги малъун, жакъа колледжалда цIалулев вуго 5000 чи. (МахIачхъалаялда – 3000). Гьезие гIуцIун руго киналго шартIалги.

Колледжалда щола ункъо батIияб махщел – медицинаялъул кIудияй ва гьитIинай сестра, акушерал, фельдшерал ва цаби-гIусал къачIалев техник.

 

Махщалил балъголъабазе рагьараб нуцIа

 

  Чайдул цо-цо стаканги гьекъон, гьанже нилъ колледжалъулгун лъай-хъвай гьабизе рахъун лъикI гурищинги абун, азбаралъуве къокъана директор.

Колледжалъул цIалул минаялдаго цун буго бечедаб къагIидаялъ къачIараб медицинаялъул центр. ТIоцебе цIалул цохIо мина гурони букIун гьечIо гьениб, гьанжегIагар цогидабги бан буго.  

Колледжалда цIалулел студентал махщалиде ругьунлъизе киналго шартIалги гIуцIун руго гьенир. АнцI-анцI миллион гъурущги харж гьабун, хирияб къайи-цIаги жаниб лъун гIуцIарал модулалъул рукъзал рихьизаруна гьез нижеда.

  ЖанахIалъуре щведал: «Ассаламу гIалайкум, хIурматиял гьалбал. ЛъикI щварал нижер колледжалде. Жакъа нижер цIалдохъабаз нужее хIадурун буго бечедаб программа, — янги абулаго, нижеда дандчIвай гьабуна ункъабилеб курсалъул студент Ибрагьимов Расулица. — ТIоцебесеб иргаялда, нижее бокьун буго медицинаялъул сестраялъ махщалил балъголъабазул цо рахъ нужее рагьизе».

  Гьелъул хIакъалъулъ бицине лъабабилеб курсалъул студентка — Басирова Райгьанатги йихьизаюна гьес. Унтарасда укол гьабулеб куцалъул ва укол гьабилалде рукIкIен хIунсизе бугеб бакI къачIазе кколеб куц рагIа-ракьанде щун бицана гьелъ. Бицунеб букIана сабураб, рекIелъе лъугьунеб каламалъ.

ТIаде балагьун гIадатиябин кканиги, гIезегIан махщел хIажалъулеб иш батана укол гьабиги. ГIумруялъ гьеб ишалда нахъа йигей кинниги, йиххичIого, хIинкъичIого бицунеб букIана Райгьанатица жиндирго махщалил хIакъалъулъ.

  Хадур ниж рачана хирургасул тIагIелалги цере тIиритIун, тохтурасул халгIатги ретIун, кIвар кьун эхетарав гIолохъанчиясда аскIоре. Тохтурасе хIажалъулеб анцIгониги алат букIана, ххамида тIад, цебе тIибитIун. Хирургасул нус, лъабго батIияб гъецI, цоги дида гIумруялъ бихьун букIинчIебги медицинаялъул алатал. Бицана щибаб алаталда цIар, щиб бакIалда ва кида гьеб хIалтIизабулебали. Бицана гъваридаб ругъун кин къачIалебали, къотIараб бакIалдаса речIчIарулеб би кин къотIизабулебали, тIоцересел минутаз кинаб кумек унтарасе гьабизе кколебали.

Гьес бицанщиналъул бащдабги ракIалда чIечIо. Дир гIакълуялъ босун бажарулебгIанасеб къадар букIинчIо хаду-цебе гъезабун гьес бицунеб гIелмуялда жаниб. Бокьа-бокьарав чияс босулеб гIелмуги гьеб гуро, гьелъие тIабигIаталъго кьураб пагьмуги, Аллагьас рекIелъ бижизабураб къасдги букIине кколеб батила. Гьеб ният-къасдалдаги божун, тIаса вичIичIого цIалани, вахъунев ватила чиясул лъикIав тохтур. Гьединал пикрабаз кверде восун вукIаго, цогидаб столалде нахъе рачана ниж.

Цаби-гIусазул сураталда рекъон гьабураб чанго гъалип бугоан гьениб. Гьезда нахъа эхетун вукIана хIалакъавго гIолохъанчи. Амма вихьизе гьитIинав вукIаниги, жиндирго гIелму тIокIкIун лъалеб бугоан гьесда. Гьединго гьев гIахьаллъун вуго гъоркьиса Москваялда букIараб WorldSkills Russia-2021 къецазда ва гьениб меседил медальги щун буго гьесие.

Цаби-гIусазул гIуцIиялъул, гьел сах гьарулеб куцалъул ва цIиял цаби лъезе гъалип кин бахъулебали бицана гьес. ХIатта щибаб къоялъ цаби кин чуризе кколебалицин бихьизабуна.

Ункъабилеб столалда нахъа йикIана акушеразул махщалие цIалулей яс. Лъимер гьабизе мех щварай гIаданалъе тохтурзабаз гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ бицана гьелъги.

Медицинаялъул централда руго цIалдохъаби махщалие ругьун гьарулел рукъзалги. Гьениреги рачана ниж, бихьизабуна щибаб рокъоб бугеб медицинаялъулаб къайи-цIа.

 

РакIрагьараб гара-чIвари ва тадбиралъул бищун тIагIамаб бутIа

 

   Къокъго абуни, цIализе жидехъе вачIарав чи, камилаб лъай щвечIого нахъе унаревлъи бичIчIизабизе бокьун букIана колледжалъул нухмалъиялъе. Гьелъул хIакъалъулъ гьез бицана экскурсиялдаса хадуб конференц-залалда тIобитIараб пресс-конференциялдаги.

   Журналистаз гьикъана цIализе рачIунел судентазул къадаралъулги, гьезие рега-рахъине ругел санагIалъабазулги хIакъалъулъ. Гьединго цIехана хас гьабун Башларовасул цIар щай колледжалъе кьурабиланги.

  — Гьев вукIана тумав, динияв хIаракатчи, амма гьелдаго цадахъ гIемераб хIалтIи гьабуна республикаялда медицина цебетIеялъе. Гьесул бечедаб биографиялъ ва хIаракатчилъиялъ асар гьабурал нижер пикру ккана колледжалъе гьесул цIар кьезе, — ян бицана Мамаевас. 

Колледж рагьун тIоцересел соназ абулеб букIана гьениб студентазе лъикIаб лъай щолеб рагIуларин ва гьеб лъугIун хадуб хIалтIизе бакI щвезеги захIмалъулеб бугин абун.

   — Нижедаги лъала, букIана гьединаб хабар. Амма жакъа иш гьедин гьечIо. Колледжалде цIализе лъугьунезул сияхI кIудияб буго. Реццарулеб мех гуро, амма нужеего бицун телин, жакъа нуж гьанире рачIиналде цебе, рикIкIадаб росулъа вахъарав вачIана цо херав чи, жиндир яс колледжалде цIализе йосаралъухъ баркала кьезелъун. КIиябго квералъ дир кверги босун, ракI-ракIалъулаб баркала кьуна гьес. Гьединал мисалалги рукIаго, хашаб, нахъе ккараб цIалул идара бугин нижерин абизе гIилла дида батулеб гьечIо. Колледж лъугIарал гIолилал хIалтIи гьечIогоги хутIуларо, хIатта Ростовалдасацин буго нижехъе исана заказ, щуго чи къваригIун вугин жидее абун. РакIалде ккола гьединал заказал хадуркун дагьалги цIикIкIинин. Ниж гьелъие хIалтIулел руго, — ян бицана Руслан Мамаевас. 

Хабаралдаса хинкIал лъикIин гIадада абунги гьечIелъул, гьанже нилъ кванил тепсиялде нахъе рилълъун лъикI гурищилан, нахъеги жиндирго кабинеталде рачана директорас гьалбал.

  БухIилаго, хинлъилаго бугеб кванил гъудрул нижехъе раччизе берцинал ясазул къокъаги лъугьана. Столалда камураб нигIматги букIинчIо. Бицунеб аваданаб хабарги, тIагIамалда кунеб магIарул квенги, цоцазе гьабулеб махсараги — цIакъ магIарулазе хасиятаб гьава-бакъ лъугьана столалда нахъа. Нижее цIакъ рекIее гIуна медицинаялъул колледжалъ гьабураб гьоболлъи. ТIаде щолеб кIалкколеб моцIалда цебе гьадинаб гьарзаяб, ракI разияб тадбирги гIодобчIейги щвелин хьулцин букIинчIилан, рази­го рукIана цогидал редакциялдаса хIалтIухъабиги. Гьез абуралда тIад разилъун гурони, батIияб пикру бачIинчIо дир ботIролъеги…

Ашахан Юсупов