РакI соролеб асаргун

  

  Октябрь моцIалъул 7-17 къояз Дагъистаналдаса кIудияб къокъаялъ гьоболлъи бана Турциялда ругел миллатцоязухъ. Анкараялда тIобитIулеб, Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул хIакъалъулъ бицунеб симпозиумалда гIахьаллъи гьабизе ахIун рукIана Дагъистаналдаса хIукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, культураялъул церехъаби, тарихчагIи, машгьурал спортсменал, журналистал ва жамгIиял хIаракатчагIи.

 

   Сапаралъул хIакъалъулъ гIатIидго бициналде, байбихьуда баян кьела тадбиралъул ва гьеб гIуцIаразул хIакъалъулъ. Дагъистаниял щола Турциялда ругел миллатцоязухъе, гьарула цадахъал тадбирал. Амма гьадинаб даражаялда тIобитIараб тадбир ккана тIоцебесеб нухалда гьабураблъун. Гьеб симпозиумалъе проект хIадурана Анкараялда гIумру гьабун йигей магIарулай, филологиял гIелмабазул кандидат Асият Тинаевалъ (Озз). Проект рагIалде бахъинабиялъе кIудияб хIалтIи гьабуна Турциялъул тахшагьаралда бугеб дагъистаниязул гIуцIиялъул нухмалъулел Фатин Дагъчинарица ва Озз Яшарица.

  (Фатин ккола Дагъистаналдаса Турциялде гочарал тумазул наслуялъул чи, Яшар — Ингиши ва ГIанди мухъалъул росабалъа гочарал магIарулазул наслуялдаса. Асият Тинаева гьаюна ва гIуна Азербайжаналъул Белокан районалъул Къабахчоли поселокалда гьоркьобе унеб Шарип росулъ. ЦIалана Бакуялъул университеталъул филологияб факультеталда, аспирантураги лъугIизабун, гьенийго хIалтIулейги йикIана. Гьей ккола Яшарил лъадиги).

    Симпозиум тIобитIиялъул ишги, гьалбадерие нухлул ва цогидабщиналъул харжалги гьез жидецаго тIаде росун рукIана. Нилъер гьаниса гурелги, гьенире ахIун рукIана Азербайжаналдаса, ГIиракъалдаса дагъистаниялги. Программаялъул киналго бутIабазда гIахьаллъи гьабуна Турциялъул батIи-батIиял шагьаразда ругел Кавказалъул халкъазул наслабаз.

 

САПАРАЛЪУЛ ТIОЦЕБЕСЕБ КЪО. СТАМБУЛАЛДА ЦIИЯБ ЛЪАЙ-ХЪВАЙ

 

    Грозный шагьаралдаса роржун, Стамбулалъул аэропорталда рогьалилъ рещтIарал нижеда дандчIвазе вачIун ватана Яшар Озз. ХIадурун батана рекIине санагIатаб автобус, хIажаталъе таржамачи. ГIемер рикIкIад гьечIого, радалго тепси тIибитIараб бакIалде дандчIвазе рачIун ратана Стамбулалда гIумру гьабун ругел дагъистаниязул вакилзаби, нижер къокъаялдаса цевеккун, машинаялда рекIун Турциялде арав Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев ва цогидал.

   Бищунго асар гьабуна дандчIвалезулъ Турциялдаго машгьурав бизнесмен, политик Кемал Текден ватиялъги. Цебеккунго рагIун букIана гьес, дунялалдаго машгьураб «Эртугрул» сериалалъе продюсерлъи гьабурав чияс, Шамил имамасул хIакъалъулъ нусго сериялъул кино бахъизе бугин абураб хабарги.

  Дагъистаниязе саламги кьун, кIалъазе вахъана гьев. Гьесие баркала загьир гьабурав, Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевасе Кемал Текденица кьуна Эртугрулил байрахъалъул гIаламатал угьараб сайгъат. (Шамил имамасул кино бахъиялъе Турциялда бугеб хIадурлъиялъул темаялде нилъ жеги тIад руссина).

 

АНКАРАЯЛДЕ НУХ

 

    Тира-сверизе ва дармилал ишаз гIемераб халкъ хьвадулеб кIудияб ва гьайбатаб шагьар буго Стамбул. Кванан рахъиндал, нижеца нух босана гьеб шагьаралдаса 450-гIанасеб километралъул манзилалъ рикIкIад бугеб тахшагьар Анкараялде. Нижер лъабгоял автобусалде рахине течIо, «дир гьакиде раха нужилан» абулев Яшарил хIурмат къабул гьабун, гьесул «Мерседесалда» рекIана.

    Нухда унаго бихьулеб букIараб сверухълъиялъги асир гьарулел рукIана. «Гъунисезул магIарде рахунел ругин кколеб буго дидаян» абулеб букIана «Дагъистан» ГТРК телерадиокомпаниялъул директор Луиза ГIалихановалъ, сураталги рахъулаго. Халатаб сапар жиндие бокьуларин йикIарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъулги зигара къотIизабуна гьеб тIабигIаталъ. НакIкIил рохьал, нухлул рагIаллъабазда кирго кидаго гIурччинал гъутIбузул батIи-батIиял тайпаби — дунялго хIайранаб Стамбулалдаса улкаялъул тахшагьаралде унел рагIаллъаби ратилин гьедин берцинго къачIанин букIана нижер пикру. Кибго гIурччинлъи, гъутIбузулъ руччарал, цокIалаб къагIидаялъ рарал, багIараб шагIил тIохазул, кIиго, лъабго тIалаял минаби. Нилъер улкаялда бугелда дандекквезе жо гIемер бугоан.

     Къадекванил гIужалъ Анкараялде щварал ниж шагьаралъул мэриялъ хIадурараб бечедаб тепсиялда нахъа гIодор чIезаруна. Дунялалдаго рагIараб турказул богогьанлъиялъул бицани хабар цоги рахъалде буссина. Кванан рахъиндал лъазабуна Шамил имамасул цIар лъураб паркалде унел ругин.

     Анкараялда программа байбихьулеб букIана гьеб паркалда Шамил имамасе гьабураб бюст рагьиялдасан.

 

ШАМИЛИЛ ЦIАР КЬУРАБ ПАРК ВА ГОРСВЕРУЛЪ ЖАМАЛУДИНОВА

 

    Шамилил цIар лъураб паркалде лъугьунаго, рикIкIадасанго бихьулеб хIалалда берцинго къачIан батана къватI-къоного. Киса-кирего ран рукIана Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал. Сверухълъиялдаго тIибитIун букIана Шамил имамасде гьарурал кучIдузул гьаракь-бакъан.

   Сордоялъ кьижичIого, свакан нухда ругел ниж рукIана ретIелцин хисичIого. Цо талихI — ГIалиасхIаб Хархачаевасул бухари кидаго ботIродаго букIин. Гьев вукIана тадбиралда Дагъистаналъул хаслъиялъул гIаламатлъунги.

    Гьаниб гьитIинабго баянги кьелин Шамилие гьабураб памятникалъул. Гьелъул автор ккола, мунагьал чураяв, СалтIаса ГIалихIажи Сайгидов. Анкараялде бюст щвезабиялъе, гьеб лъеялъе хIаракатги харжалги гьаруна Халкъияб Собраниялъул депутат, Гъуниб районалъул КIуядаса МухIамад КIудиямухIамадовас. Гьевги вукIана нижгун.

    Дагъистаналъул делегациялъул гIахьаллъигун имамасул бюст лъолеб парк бугоан Анкараялъул Этимесгут районалда. Гьебги буго, микьгогIан миллион чияс гIумру гьабулеб шагьаралъул, 25 районалъул бищун кIудиязул цояб.

    Россиялдаса, Азербайжаналдаса, ГIиракъалдаса ва Турциялдаса дагъистаниял данделъараб тадбир рагьана шагьаралъул нухмалъулез:

   — Нижер улкаялда цIакъго машгьураб буго шайих Шамилил цIар, лъала гьаниб гьесул бахIарчияб къисматги. Гьединал бахIарзазул хIурмат гьабула Турциялъул хIукуматалъ, — ин абуна, имамасул ватIаналдаса рачIаразе саламги кьун, Этимесгуталъул мэр Энвер Демирелица.

   — Шайих Шамилиде бугеб нижер рокьиги адабги тасдикъ гьабула нужеда бихьулеб гьаб паркалъе имамасул цIар кьеялъ, гьанибго гьесул памятник лъеялъ. Гьаб бакIалдаса гIемер рикIкIад гьечIого буго шайих Шамилил цIар кьураб тIадегIанаб лъай кьеялъул идараги.

    Россиялъул, Дагъистаналъул рахъалдасан баркала кьун кIалъазе рахъана Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаев, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиямухIамадов, Анкараялда бугеб нилъер улкаялъул консуласул кумекчи.

    Шамил имамасул бюст рагьиялъеги нухмалъи гьабуна мэрас. Памятник рагьулеб лахIзат телефоналде бахъизеян цересел кьеразда эхетарай Хадижат Жамалудинова ахIана Энвер Демирелица жиндаго цадахъ багIараб дарайдул чIоло къотIизе. «Мун маданияталъул хIаракатчIужу гурищ? АскIое ячIа», — йилан гьесул каламалъул таржама гьабулеб букIана мэрасул кумекчияс. Щибго бичIчIуларей Хадижат цее ана. ЧIоло къотIизе ахIулей йикIиналда рекIеда ятичIей гьей жеги сурат бахъизе лъугьана. Нилъеразго бичIчIизабуна гьелда ахIвал-хIал.

    Гьелда хурхун рекъечIеб хабарги чIамуна нилъераз жамгIиял гьиназдасан. КIаз бачIогойила, миллияб ретIел ретIичIогойила, гьеб ратIлилъ тадбиралда нур базабулел бикаби цадахъ рачинчIогойила. Форма-квара ретIун цере рахъинаан гьеб хIадурлъиялъе заманги ресги букIарабани. Миллияб махI бахъинабун бажарулареб къокъаги нижер букIинчIелъулха.

   Хадуб ккараб газеталъул хадусеб номералда бицина.

 

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА