15 апрелалда ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялда тIобитIана магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул данделъи. Гьенив вищана автономиялъул цIияв нухмалъулев – республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги вукIарав…
Ливаналде рещтIараб балагьалъ гIаламалъего асар гьабуна
ЦIумада районалъул администрациялъ гьабун букIараб къотIи- къаялда рекъон, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъ байбихьана районалъул росабалъе нухал къачIазе. Гьел къачIаялъе биччан букIана 5 миллионгун 464 азарго гъурущ.
Микьабилеб июналда кIодо гьабуна Социалияб хъулухъалъул хIалтIухъанасул къо. Гьелда бан, МахIачхъала шагьаралъул администрациялъ шапакъатал кьуна рехсараб хъулухъалъул бищунго лъикIал хIалтIухъабазе. Кьуна шапакъаталгун сайгъатал гурхIел-рахIмуялъулал фондазеги.
Вьетнамалда, Ханоялде унеб поездалъул вагоналъул гIодор чIолеб бакIалда гъоркь бахчун батана «къираласул кобраби» абурал борхьазул цIураб ункъо хъап.
АнцIго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букIараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукIарал жидерго суратал.
Малайзиялда цIа свинабулез хвасар гьабуна чахъу къулчIараб анлъго метр халалъи бугеб питон-борохь.