РАЙОНАЛЪУЛ БЕТIЕРАСЕ — ИРГАДУЛАБ МЕДАЛЬ

 

 

 

       Хасавюрт районалъул бетIерлъун хIалтIулелдаса Жамбулат Салавовасул буго 13 сон.

      Гъизилюрт шагьаралда бугеб «Промнеруд» гIуцIиялда автослесарьлъун хIалтIиялдаса байбихьана гьес захIматалъулаб нух. Россиялъул армиялда тIадаб налъи тIубан хадув цIалана Москваялъул пачалихъияб юридикияб академиялда, Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб пачалихъияб хъулухъалъул академиялда, Москваялда бугеб автомобилазулгун нухазул пачалихъияб техникияб университеталда.

    ХIалтIулъ рихьизарурал лъикIал хIасилазе гIоло Хасавюрт районалъул бетIер мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. Гьезда гьоркьор руго ДРялъул бетIерас гъулбасараб ХIурматалъул грамота, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателас кьураб ХIурматалъул грамота, ДРялъул хIукуматалъул рахъалдаса щвараб ХIурматалъул грамота, Чачан Республикаялъул бетIерас кьураб баркалаялъул кагъат.

    Дагьаб цебе гьесие иргадулаб ва мустахIикъаб шапакъат кьезе МахIачхъалаялдаса вачIун вукIана «Интербригада» гIуцIиялъул командующиясул гIакълучи МухIамад Мусаев.

     Гьес Салавовасул каранда бана «Патриотизмалъе гIоло» медаль ва абуна, гьаб бугин гIицIго ВатIан бокьулезе ва гьеб ясбер гIадин цIунулезе гуребги, гIун бачIунеб гIел куцаялъулъ гьабураб хIалтIуе гIологи кьолеб шапакъатилан.