РагIул гугьар — гьунаралъул тIокIлъи

Дагьал церегIан къоязда «ХIакъикъат» газеталъ МухIамад Шамха­ловасул цIаралда бугеб премиялъе гIоло тIобитIун букIараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна.

 ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ТубхIат Зургьалова («Дир Расул»), кIиабилеб бакIалъе — ГIиса Шарапудинов («ГIашилтIаса Хан­задай»), лъабабилеб бакI щвана ТIалхIат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цIа лъуна дир ВатIаналда»).

М. Шамхаловасул премиялъе мустахIикълъаразе шапакъатал кьу­на магIарул газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матIу» тIехьалъул бицунеб тадбиралда. «ХIакъикъат» газеталъул ре­дактор ГIумахан ГIумахановас, рухIияб хазинаялъул отделалъул ре­дактор ПатIимат ГьитIиновалъ премиязе мустахIикълъаразда ша­пакъатал баркана ва къецалда гIахьаллъаразе баркала кьуна.

М. Шамхаловасул ракьцояв, ЦIумада районалъул бетIер Шамил ГIумаровас къецалда бергьаразе гIарцулаб сайгъатги гьабуна ва газе­талъул редакциялъе баркалаги кьуна.

«Цебе М. Шамхаловасул премия кьолаан лъагIалида жаниб лъикIаб хIалтIи бихьизабурал журналистазе, газеталда жанирго хIалтIулел яги къватIисан хъвадарулел мухбирзабазе.

Араб сон киназего захIматаблъун, гIадамал данделъизе бегьулареб­лъун, редакциялдаго чIун коллективалъе хIалтIизе рес гьечIеблъун букIана. Гьеб санагIалъи гьечIеб заманалда Шамхаловасул цIаралда бугеб премия гIицIго хIалтIулъ тIокIлъи бихьизабурал журналиста­зе гуребги, хъвадаризе гьунар бугел магIарулазе кьезе хIукму гьабун букIана. Къец тIобитIиялъул мурад букIана магIарулазда гьоркьор хъвадаризе гьунар, бажари бугел гIадамал тIатинари, гьел халкъалда рагIизари, газеталъулгун бухьен щулалъизаби», — ян бицана къецалда гIахьаллъаразе баркалаги кьолаго П. ГьитIиновалъ.