Республикаялъул гIумру

Пашманаб хабар

 

МухIамад ЯхIияев Гьал къоязда къадаралде щвана Хьаргаби районалъул ХIоцоб росулъа жамгIиявгун политикияв хIаракатчи МухIамад ЯхIияев. 

Гьавуна МухIамад 1928 соналъул 18 октябралда. 1937-I94I соназда цIалана росдал байбихьул школалда. Гьелдаса хадуб бокьун букIана Хунзахъ районалъул ГIарани росдал гьоркьохъеб школалде цIализе ине. Амма байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ. Рагъде ана эмен. Ва анцIила цо сон барав МухIамадиде тIаде ккана рукъалъул ва хъизамалъул тIалаб-агъаз гьаби. Рагъда хадусел соназда Могьохъ росулъ рагьана анкьгосонилаб школа. 1946-1949 соназда МухIамад цIалана гьенив. 1949 соналда цIализе лъугьана Хьаргаби росдал гьоркьохъеб школалде, 1950 соналда, цIидасанги, хъизамалъе кумек гьабизе гIоло, рехун тезе ккана цIали. ХIалтIизе лъугьана колхозалъул бригадирлъун.
1950 соналда цIализе лъугьана Буйнакск шагьаралъул боцIухъабазул школалде. Гьебги лъугIизабун, хIалтIизе лъугьана Хьаргаби районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул зоотехниклъун. Заочно цIалун, лъугIизабуна Армавиралъул зооветтехникум.
1947 соналдаса — ВЛКСМалъул член, I955 соналъул августалдаса — КПССалъул член. 1954 соналда МухIамад вищана районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул комсомолазул гIуцIиялъул секретарьлъун. 1956 соналда — Хьаргаби комсомолалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун. 1959 соналъул октябралда гьев вищана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул кIиабилев секретарьлъун. 1I960 соналда цолъизаруна Унсоколо ва Хьаргаби районал. Гьебго соналъ ана цIализе Ростовалъул тIадегIанаб партиялъул школалде. Гьениб МухIамадица гIахьаллъи гьабулаан жамгIияб гIумруялда. Гьев кколаан рищиязул комиссиялъул ва партбюроялъул курсазул членлъун, Ростовалъул фабрикаялда гIуцIараб теоретикияб семинаралъул нухмалъулевлъун.
1964-1965 соназда хIалтIана КПССалъул Дагъобкомалъул инструкторлъун. 1965 соналъул январалдаса 1971 соналъул апрелалде щвезегIан хIалтIана КПССалъул Хьаргаби райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун. 1971 соналъул апрелалда тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул партиялъул комиссиялъул председательлъун. МухIамад вукIана гьеб ишалъул жинде божилъи гьабурав тIоцевесев дагъистанияв (гьеб хъулухъалда рукIунаан гIурус миллаталъул вакилзаби).
1975 соналъул декабралда гьев тасдикъ гьавуна КПССалъул обкомалъул гIуцIиялъулабгун партиялъул хIалтIул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьенив МухIамад хIалтIана I984 соналъул январалде щвезегIан.
1984 соналъул январалдаса I99I соналъул марталде щвезегIан хIалтIана республикаялъул халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председательлъун. Гьев кколаан экономикиял гIелмабазул кандидат. Вищун вукIана Дагъистан АССРалъул анцIабилеб, анцIила цоабилеб, анцIила кIиабилеб ахIиязул Верховный Советалъул депутатлъун.
1994 соналъул ноябралда тIамуна республикаялъул рищиязул комитеталъул председательлъун.
МухIамадие щвана ункъо орден: ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул — кIиго, Халкъазул гьудуллъиялъул орден, «ХIурматалъул гIаламат», «КIудияб ВатIанияб рагъда бихьизабураб мисалияб хIалтIухъ» медаль, гIемерал грамотаби ва шапакъатал.
МухIамадица къватIибе биччана анцIила кIиго тIехь, гьединго республикаялъул газетал-журналазда бахъана экономикиялъул ва политикаялъул хIакъалъулъ бицунеб кIикъого макъала, республикаялъул ва централиял газетазда, журналазда бахъана рухIияб темаялда 200-ялдаса цIикIкIун макъала.
МухIамад хвеялда бан, гьесул гIага-божаразда зигараги балаго, нижеца БетIергьанасда гьарула гьев лъикIав инсан Алжаналъул агьлулъун гьавун ватагийи­лан.
Редакция
Росдаего ками

87 сонил ригьалда нилъедаса ватIалъана Казбек районалъул Гуниялдаса Султанбег Байбулатов. Гьесда гIадамаз, адаб гьабун, Эмеян абулаан. Гьев вукIана росулъ, районалда къадру-къимат бугев жамгIияв хIаракатчи. Росдал гьоркьохъеб школалда пионервожатыясул хIалтIудасан байбихьун, гьес нахъа тана бечедаб гIумру. ХIалтIана гIагараб «ЦIияб гIумру» колхозалъул магIишат цебетIезабиялда батIи-батIиял хъулухъазда. МустахIикъаб хIалхьи­ялде аниги, гьев кидаго ватIатIун чIолароан росдал магIишатияб ва жамгIияб гIумруялдаса. Пенсиялда вугониги, гьес нухмалъи гьабулаан Львовский 6 номералда гIи-боцIуе рагIи-хер хIадур гьабулеб колхозалъул бригадаялъеги.
Росулъ цоцазе кумек гьаби мурадалда ралел гваязулъа, нух, кьо балеб, лъим бачунеб, яс абулеб, лъимер гьабураб, хвел ккараб хъизамалдаги кидаго вукIунаан гьев. Районалъул росабалъ гьарулел рекъел-маслигIаталъул тадбираздаги гьес жигараб гIахьаллъи гьабулаан.
ГIемерал соназ гьес нухмалъи гьабуна росдал Советалъеги вукIана росдал партиялъулаб гIуцIиялъул секретарьлъунги. ГIадамазе кумек гьабизеги бокьулев, гьездасан кумек щвезеги бокьулев ва гьелде киналго ахIулев инсан вукIана Эме.
Аллагьас иманалда тIовитIун ватаги гьев лъикIав инсан.
Росдал жамагIат

 

акъсир ва тамихI

Ришват босулаго ккуна
Полициялъул хIалтIухъанасда тIад
уголовнияб дело гьабуна

20I7 соналъул 28 декабралда МахIачхъа­лаялъул ГИБДДялъул хIал­тIухъабаз хъвана адми­нистративияб ни­зам хвезабиялъул хIа­къалъулъ протокол. Гьелда абулеб бу­кIана, 2016 соналъул 14 июлалда машина бачине ихтияралдаса махIрум гьавурав пуланав чияс машина бачунеб батанин абун. Протоколги, рапортги, машинаялъул хъвай-хъвагIай гьабиялъул хIакъалъулъ документалги ГИБДДялъул хIалтIухъабаз кьун руго полициялъул отделалъул дежурныясухъе. Административияб тамихI хисизабиялъул мурадалда, машинаялъул бетIергьанасухъа 20 азарго гъуруш тIалаб гьабун буго полициялъул хIалтIухъанас. Кодоб гIарацгун, декабралъул ахиралда гьев ккун вуго ДРялъул МВДялъул жидерго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул оперативиябгун розыскалъулаб отделалъул хIалтIухъабаз ва гьесул рахъалъ, хъулухъалдаса пайда босиялда бан, рагьун буго РФялъул УКялъул 159-абилеб статьяялъул лъабабилеб бутIаялде рекъонкколеб (хъулухъалдаса пайдаги босун, гIадамал махсараде кквей) уголовнияб дело. Гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабулеб буго.
ДРялъул МВДялъул пресс-хъулухъ

ГIайибияв щив?
Республикаялъул ортопедиялъулгун травматологиялъул централда халгьабулеб буго унтарасе кумек кин гьабун бугебали

2017 соналъул февра­лалда рехсараб ме­дицинаялъул идара­ялде вачIун вуго М. ХIасанов. Гьес бицун буго цебесеб къоялъ жив къотIнов гIодов кканин ва квегIаб ма­хIу унтулеб бугин. Гьесул махIу бекун гье­чIеблъиги чIезабун, 10 къоялъул болжалги цIан, тохтурас лъун буго гипс (лангета) ва абун буго лъабго къоялдасан бакIалъул поликлиникаялъул тохтурасухъе айилан. Амма унтарав тохтурасул малъиги тIубазабун, поликлиникаялдеги ун гьечIо.
15 къоялдасан гьев цIидасанги вачIун вуго РОТЦялде. Гьесул байбихьун батун буго гангрена. Гьесда лъун букIараб лангетаги нахъе бахъун, ругъунги бацIцIад гьабун, гьев витIун вуго РКБялде. Гьениб чIезабун буго квегIаб махIу къотIизе кколеблъи.
Унтарас судалде гIарза хъван буго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб РОТЦялъул нухмалъулев хисана. ЦIияв нухмалъулес 22 январалда судалде хитIаб гьабуна, бицен гьабулеб лъугьа-бахъиналда бан, судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъул хIасил жидехъе битIеян абун.

ГIиси-бикъинаб
жо сабаблъун
Рагъана ва больницаялде ккана

ия­сул ва Къоркъмасовасул къва­тIал цолъулеб бакIалда чанго гIолохъанчиясда гьоркьоб кка­раб рагъул хIасилалда лъабго­яв республикаялъул травмато­логияб централде ккана. Рехсараб центра­лъул тохтур-травматолог ГIа­лиев АхIмадица бицана гьел гIолохъа­базул гIумруялъе щибго хIинкъи гьечIин.
«Рагъизе ккеялъе букIараб гIилла гьез бицинчIо. Амма цогидаздасан лъана гьел щибго гуреб гIиси-бикъинаб жо сабаблъун рагъизе ккун рукIин», — ан абуна А. ГIалиевас.
Нури Нуриев