Халкъияв тохтур

Дагьал церегIан къоязда гIумруялдаса ватIалъана Ибрагьим Ибрагьимов

 

ГIадамазул рекIелъ памятник бана

Инсанасул рухIияб ва моралияб сипат-сураталъе хIалтIизабулебщинаб рагIи абизе бегьула, Ибрагьим Ибрагьимовасе къимат кьолаго. Амма гьебмехалдаги гьесул рекIел гъварилъи, гIамалалъул берцинлъи ва хасияталъул рекъонккей цогидав чиясе рагьун бажариларо, дир пикру пикруялда. Нухмалъулесе хасиятаб гIамалалда цадахъго гьев гьайбатав инсанасулъ рессун руго гIадатияв инсанасул тIолалго гIамалалги.
Гьалмагъзабазда гьоркьов гьев вуго гIадатияв, махсара-хочI гIемерав, хабар бицине пагьмуяв инсан. Махсара хирияв вугониги, инсан хIакъир гьавулел, чороклъи гъорлъ бессарал рагIаби гьесдаса киданиги рагIуларо. ГIумруялъул нухда гьалмагълъун тIасабищараб рекIел бацIцIалъиялъе ритIухълъи цIунула гьес кидаго. Гьудулзабигун вугеб мехалдацин яхI-намус, иман цIунизе жигар бахъула Ибрагьимица.
Гьевгун гара-чIварулеб мехалда, щибаб рагIи разиго, гIодове виччан ва кколеб бакIалда гурони абуларо гьес. Жинда кIалъалев чиясул пикру хисизабизе бажарула гьесухъа: гьелъие гIоло кьучIал хIужаби, далилал ва мисалал рачуна. Бищунго дие рекIее гIолеб хасият ккола цогидасухъ гIинтIамизе сабру гIей ва гьес бицунеб рагIул магIна бичIчIизе хIадурав вукIин. Хабар бицунаго, киданиги чи хIакъир гьавуларо гьес ва хIакъирлъи жинцагоги киданиги хIехьоларо. Жив вугеб бакIалда цо чияс цогидасе хIалихьалъи гьабулеб бихьани, гьесие гIоло вахъинеги нахъе къаларо Ибрагьим.
Ибрагьимил хъизамалда ругел гьоркьорлъабазда ракI бахиллъула дир. Гьесул унго-унгояб хасият лъазе бокьани, хъизан-лъималгун вихьизе ккола гьев. Министрлъун хIалтIулеб заманалда хъачIлъичIогоги хутIулев вукIун ватиларо гьев – хIалтIул гIемерлъиялъ, тIуразаризе тIадал ишал цIикIкIиналъ, амма рокъов хъизамалъе, лъималазе хIеренав ва тIалабчилъи цIикIкIаравлъун вукIана цого заманалда. Рокъор гIун рачIунел ясал рукIиналъ, гьездехун инсулаб тIалабги, магIаруласул букIине кколеб хасиятги, жавабчилъиги букIунаан. Лъималазда бихьизе бегьуларо гIадлу хвей, гьездехун тамахлъи, гьел гогьдаризари букIунароан гьесул. Гьелъги батилаха, ясалги лъикIал, тарбия щварал, адаб бугел, гIадамалъе рахъарал лъугьарал.
Лъадудехун, Паридадехун, унго-унгояв бусурманчиясул адаб-хасияталда хьвадулев, гIемерисев чиясул бер бахиллъиледухъ: букIине кколеб хIалалда кинабго чIужуялдаса тIалабги гьабулев, чIужуялъе хъулухъги гьабулев, букIине кколебщинаб гьелъиеги чIезабулев чи вуго Ибрагьим. Къуръан-хIадисалда нахъвилълъун, гьезул ахIиялде рекъонкколедухъ, магIаруласул кодексалда рекъон гIумру тIамурав чи вуго Ибрагьим. Паридаги Ибрагьимги руго кутакалда цоцазе хъулухъгун адаб гьабулел рос-лъади. Чан нухалъ мун хIежалде арайилан гьикъана дица цо нухалда Паридада. Рос анищинахъе жийги анилан жаваб кьуна гьелъ дие. Гьеб жавабалда жанибго буго мисал босизе гIураб гIакълуги, адабги, сабурги.
Ибрагьим Паридаде киданиги гьаракь борхун кIалъан ватиларо – гьедигIанги лъикIай йиго гьей. Чанги руччаби рукIуна росасде гIайиб гIунтIизабун кIалъалел, гьезул гIунгутIаби хъирщулел. Лъималазе гIакълугун тарбия кьезе бажарулел рос-лъади гIемер ратиларо нилъер. ГIаданлъиялъул, аваданлъиялъул, гIагараб халкъалъе ва тIолабго республикаялъе хъулухъ гьабиялъул мисал босизе бегьула гьездаса.
ГIумру, лъикIлъи гьабулаго тIамулев Ибрагьимица васги ясалги гIезаруна, гьел рукъалде руссинаруна, гIемерав чиясул хъулухъ тIубазабуна, рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал унтаразул сахлъи тIадбуссинабуна, дагъистаниязул рекIелъ рокьул нухги лъуна. Халкъалъги гьев къабул гьавуна, гьелъие гьевги вокьана – гьелдаса кIудияб талихI инсанасе киса букIинеб?!
Ибрагьим гIадинав чиясде абулеб батила, чIаго вукIаго, гьес гIадамазул рекIелъ жиндиего памятник банилан.
ХIапизат ХIамзатова, жамгIиятчIужу

Кинабго рахъалъан къадруяв инсан

Ибрагьим Ибрагьимовасулгун тIоцебе дир лъай-хъвай ккана Польшаялда. Доб заманалда Германиялда хъулухъ гьабулеб букIана дица. Генерал-полковник Танкаев МухIамадица вертолет битIун бачIана Польшаялде дун вачине. Гьеб заманалда гьенибе кIудияб делегация бачIине букIун буго Москваялдаса. Гьал-
бадерида цадахъ рукIана Расул ХIамзатовги, ХIажи ХIамзатовги, гьезул хъизаналги, Ян Френкельги, Ибрагьим Ибрагьимовги, гIемерал цогидалги. Аэропорталде гьелбадерида дандчIвазе ана ниж. Гьенир Танкаев МухIамадги нижги рукIана хъизаналгун цадахъ. Польшаялъул хIукуматалъ кутакаб дандчIвайги гIуцIана гьалбадерие. Гьеб дандчIвай берцинго нухда бачана нилъер чIухIи Расул ХIамзатовасги, МухIамад Танкаевасги. Дун гIажаиблъун вукIана, дида хадуб вертолетги бачIине кканиян, диего суалги лъун. Гьелъие жавабги бицун телин. Бихьулищ, Танкаев МухIамадил цIодорлъиги цIакълъиги. Дагъистаналде араб мехалъ гьес Гостелерадиоялда заказ гьабун букIун буго кассета нилъер миллаталъул киналго кучIдулгун. Танкаев МухIамадица Расул ХIамзатов Польшаялде вачIиналъул хIурматалда мадугьалихъ ругел пачалихъазда хъулухъ гьабулел рукIарал дагъистаниязул 130-гIанасев офицер ахIана гьениве. СагIатгун бащдалъ тIубараб полкги гьалбалги гьел кучIдузухъ гIенеккизе тIамуна гьес. Гьеб букIана нижее кIудияб асар гьабураб рохел. Чияр ракьалда ватIаналъул кучIдул рагIи, гьеб киб букIараб жо.
Нижеца Польшаялда бана 10 къо. Гьеб заманалда жанир ниж щвана Польшаялъул киналго шагьаразде. Киса-кирего рукIана дандчIваял, киса-кибего «дипломатияб» кIалъай гьабулезул байрахъулав вукIана ХIамзатил Расул. Гьес бицана Дагъистаналъул, гьенир ругел батIи-батIиял халкъазул, гьезул гьоболлъи-гьунаралъул, махщелчагIазул хIакъалъулъ, рикIкIунел рукIана жиндирго кучIдул. ГIурус мацIалда Расулил кучIдул ахIулел рукIана Ян Френкелица. Къокъго абуни, гьеб букIана гIажаибго аваданаб, рохел гьарзаяб заман. Гьелъ нижее гьабуна кIудияб асар, дир рекIелъ кIочонареб лъалкI тана гьелъ. Гьел къоязда цадахъ вукIарав Ибрагьимицаги дир рекIее лъикIаб асар гьабуна. Ибрагьим дида ватана махсара-хочI бокьулев, рекIелъ восулев инсанлъун. Абизе ккола, генерал Танкаев МухIамадица дир тIалаб гьабиги, гьесие дун вокьиги Ибрагьимидасан бачIараб бугилан. Гьес имгIал хIисабалдаги Танкаевасда абун батана, абичIониги дагъистаниязе жиндаса бачIанщинаб кумек гьабулаан МухIамадицаги. Гьедин чияр ракьалда ккараб лъай-хъвай гIумруялъго хутIана нижер ракIазулъ, ва дие Ибрагьим лъугьана кIудияв вацлъунги гIакълучилъунги, жакъаги кирго ниж цадахъ рукIуна. Адаб-хъатиралъеги Ибрагьим вуго унго-унгояв магIарулав. Хъизамалги нижер тIаде-гъоркье щола, рохел-пашманлъиги цоцазе гIахьал гьабула.
ЦIикIкIараб гIумруялде вахун вугониги, Ибрагьим жакъаги цIодораб гIакълуялда, къартIалда, къадруялда вуго. ХIалтIуда гьев вуго гIадилав, мисалияв, сабурав. Гьединазда гIурусаз абула «трудоголик» абун.
Ибрагьимил цоги диего бокьулеб рахъги буго. Гьев вуго цIакъ рагIи-калам бегIерав чи. Гьесул мацIалда лъун букIуна рагIи. Гьезулги бегьила цо тIехь хъвазе. Цо мисалги бачинин. Госпиталалде щварав Танка Ибрагьимов гьениб коридоралда лъун бугеб автомат-банкоматалдаса гIарац бахъулев вукIун вуго. Министр вачIун вугилан хабарги лъан, тIаде щварав инсуда васас абун буго, эмен дуе гIарац къваригIун батани, абе, дуеги бахъила гьабсагIаталдайилан. Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго: «Балагье, асул цIодорлъиги цIакълъиги, жиндирго министерствоялдаса бахъичIого, дир гьаниса бахъун кьезехъин буго дие дирго гIарац», — илан. Киналго кеп щун релъун руго.
Ибрагьимил лъади Паридаги йиго лъикIай, гьал-
бал хирияй, динияй, хъизан-лъимал, гIагарлъи ккурай, бокьараб рецц-бакъалъе мустахIикъай гIадан. Живго хIалтIулеб бакIалда гьоркьоб гьесул къиматги буго, къадруги буго, цIарги буго, цIваги буго. «Тохтурлъиялъулги гIаданлъиялъулги унго-унгояв генерал» вуго Ибрагьим.
МухIамад ТIинамухIамадов,
генерал-лейтенант

Тохтурлъиялъулги гIаданлъиялъулги генерал

ГIезегIан гIумру бихьарав чиги вугелъул, Ибрагьимил хIакъалъулъ бицине жо дирги гIемераб буго. Ибрагьим вуго дие вацлъи гьабурав чи, ай кIудияв вацасул бакIалда ватарав чи. Ибрагьим дидаса щуго соналъ кIудияв вуго. ЦIалулеб заманалдаги, хIалтIулеб мехалдаги гьев кидаго дие гIакълучилъун ватана. Дир вукIинчIо эмен, гьев мунагьал чураяв 1943 соналда майорасул чиналде вахарав гIолохъанчи, ВатIанияб рагъда чIвана. ВукIинчIо вац, нахъасан вахъине чи. ГIемерал гIадамал рихьарав чи вугелъул, гьале дица абулеб, дида гьев гIадин сундулго рахъалъ реццалъе мустахIикъав чи дандчIвачIо.
ХIукуматалъул хъулухъазда хIалтIулезда гъорлъги, гIадатиял гIадамазда жанибги Ибрагьимил гIадаб бацIцIадаб гIамал-хасияталъул чи дида халлъичIо. Ибрагьим ватана гIадамасухъ хIеренго валагьулев, гIадамасда гурхIун, хIалимлъун, хIеренлъун, ккараб бахIсалда гIадилаб, кьварараб рагIиги абулев, законалда рекъараб гурони ишги гьабуларев, мекъаб иш гьабулесда бадибе рагIиги абун, витIарасе кумек
гьабулев чи.
Абизе ккола, дир гIумруялда жаниб гьедин кканин цо чанго нухалъ. Банкеталда рукIа, данделъиялда рукIа – кир ругониги тостал абулелъулги хIел-хIелчагIиги камуларелъул, нилъ кутакалда рокьулеб ххвел гьабун, кIалъалел чагIиги рукIунелъул, гьединаб заманалда гьенив гIахьаллъарав Ибрагьимица дида ахиралда, батIаги вачун, абулаан, ле МухIамад, гьабги-
гьабги гьадин букIуна, мун дуего гьабулеб рецц-бакъалдаги божун, бецлъизе чIоге, гьасиеги досиеги мунги гуккун, дур хъулухъ къваригIун букIунила, гьеб дуда бичIчIичIони, дуе квеш букIине бугила. Чанго нухалъ гьединаб вацлъиялъулаб гIакълу кьуна дие гьес.
Цоги, Ибрагьимица абуна мун вугила МухIамад, хъулухъалъул балъголъи лъалев эхеде вахине вугев чи, дуца лъиениги ва лъиданиги цебе бетIер къулугейила, дуца дудаго тIадаб хIалтIи ракIбацIцIадго
гьабуни, гьеб дуе лъикIаб бугила, жинда гьеб батанила гIумруялдаги гIелмуялдаги жаниб.
Гьединго гьес абулаан ворегийила, МухIамад, дуца эбелалъул ургъел-тIалаб гьабичIого тогейила. Дур эмен гьечIила, дур эмен гIолохъанго бахIарчилъиялда рагъда хванила, хIалкIун эбелалъул хIурмат гьабейила. Дуе гьей алжанги йигила, анищги йигила, гьединлъидал гьелъие кIвараб кумекги гьабейила.
Кидаго дида хадуб Ибрагьимица хъаравуллъи
гьабулаан. Дие цIияб хъулухъ яги иргадулаб офицерасул цIар щведал, дир гьеб ахIи-хIуралда чура-хули гьабизе гIолохъанлъиялда рес букIинчIо. Гьединаб заманалда кидаго кумек Ибрагьимидасан бачIунаан. Гьудул-гьалмагъзабазда букIа, гIага-божаразда букIа абун малъа-хъван дун кIодо гьавун, данделъи гIуцIизе хIаракат бахъулаан.
Академияги лъугIун, дун вачIараб заманалда, гьединаб данделъи гIуцIизеги дие сайгъат-шапакъат кьеялъеги гьев ургъун ватана.
Генераласул цIар дие щвараб мехалда, суал букIана борхун, дун МВДялъул министрлъун тIамиялъул. Гьеб хъулухъ щвезе бокьаразул сияхIги кIудияб букIана, магIарулав, ай ГIабдуразакъов гьениве виччазе бегьуларин гIарзахунелги рукIана. Гьеб заманалда Москваялдаса бачIана хасаб бригада гьеб суалалъул цIех-рех гьабизе. Гьебмехалда дидаса балъго Ибрагьим кIалъан ватана Москваялда вугев нилъер ракьцояв Танкаев МухIамадихъе. Гьесда абун буго гьев ГIабдуразакъов гIадин министрлъун ккезе мустахIикъав чиги гьечIин, гьесул эменги майорлъиялде вахарав чи, рагъда чIванин, гьев чIаго хутIун вукIаравани, дудасаги тIадегIан вахарав чиги вукIинаанин, МухIамадил нахъасан вахъине чи гьечIолъиялъ гьесие хIалихьалъи гьабулел чагIи ругин, гьесул вас гьечIин, вац гьечIин, мун тIад ургъейилан. Гьеб заманалда Танкаев ун вуго МВДялъул министрасухъе ва гьесие хIакъикъат бицун буго. Гьесда дир эменги лъалев ватун вуго, гьесул амруялда дие приказги
хъвана. Гьеб кинабго дида лъана нахъа, живго Танкаев Дагъистаналде вачIараб мехалъ, гьес бицун.
Цоги, бицинчIого гIоларо, 1991 соналъул августалда ГКЧПялъ ахIи-хIурги гьабун, доб хIабургъараб заманалда ккаралъул хIакъалъулъ. Дагъистаналъул киналго хIакимзаби, МухIамадгIалиде гIунтIун, Мос-кваялда рукIана цо дун хутIизегIан, щибдай гьалъул кколебилан. Гьеб мехалъ дица Ибрагьимида гьикъана, щибдай гьабун лъикIилан, Ибрагьимица абуна ворейила, мун гьел тIасанкIанцIаразухъ гIенеккугейила, гьезул харбазда мун божугейила, умумузул аби бугила «гIакълу цебе, ццим нахъе» абун. Ццимги къезабун, гIакълу цебе ккезабейила, мун ургъейила, умумузул гIакълуялда борцейила. УргъичIого жо гьа-
бугейила, гьазде кьвагьейин, дозда речIчIейин абулезда мун божани, квеш ккелила, Аллагьас мун цIунагийила. Гьединаб гьудуллъиялъулаб берги кверги киданиги Ибрагьимица дида тIаса босичIо.
Цоги, рехсечIого гIеларо, хIеж борхизе дунги хъизан-лъималги инцин Ибрагьимил кумек-баракаталдалъун ккана. Устарасухъе ЧIикIавеги дун Ибрагьимица вачана. Гьесухъа гьитIинабго тIадкъайги босана. Гьанже пенсиялда вугев чиясе чIумалги рехун дие бугеб парахалъи – гьебги Ибрагьимил баракат буго.
Ибрагьимил хIакъалъулъ дида кIвелаан цо тIехь хъвазегIан жо бицине. Кинниги гьесул хIакъалъулъ гIемерал гIадамаз бицине бугелъул, къокъ гьабила. Валлагь, гьесул хъизан Паридаги йиго лъикIай, унго-унгояй магIарулай, муъминай, сайгъат-садакъаялъе лебалай гIадан. Нижер хъизаназулаб гьудуллъиги букIана, тIаде-гъоркьеги щола.
Ахиралда Ибрагьимие сахлъиги гьарулаго дица абила, генераласул борхалъуде вахине дие кумек гьабуразул аслияв чи Ибрагьим кколилан. Гьеб киналъухъго баркала дуе, дир кIудияв вац. Дун гурев, мун вуго генерал тохтурлъиялъулги, гIаданлъиялъулги, вацлъиялъулги рахъалъ.
МухIамад ГIабдуразакъов,
генерал-лейтенант

Шамил районалъул КъахIиб росулъа ГIарип Расуловас, МухIамад Анабиловас, Мансур ЗайнулгIабидовас, МухIамад Шапиевас, Муслим Муслимовас, МухIамад ГIариповас, ГIусман Пахутаевас, Набигула Муслимовас гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго цересел соназда сахлъицIуниялъул министрлъун вукIарав Ибрагьим Ибрагьимов Аллагьасул къадаралде щвеялда бан, гьесул лъималазда, хъизамалда, гIагарлъиялда ва тIолабго гьидерил жамагIаталда.
Аллагьас гьесие Алжан насиб гьабун батаги нахъе ругезе сабруги сахлъиги кьеги.

***
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги пашманлъиялдалъун зигара балеб буго Ибрагьимил гIагарлъиялда гьев лъикIав инсан къадаралде щвеялда бан. Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги.