ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас, Болъихъ районалъул бетIерлъун вукIарав ГIумархIажиев МухIамад къадаралде щвеялда бан, зигара бана гьесул гIага-божаразда

 

ХIукуматалъул нухмалъулес бараб зигараялда хъвалеб буго:

 

 

«ДРялъул хIукуматалъул ва дирго рахъалдасан зигара балеб буго ГIумархIажиев МухIамад Узарханович къадаралде щвеялда бан, гьесул гIага-божаразда.

Гьев вукIана кутакалда лъикIав инсан. Гьесул аслияб мурадги букIана нилъер республика, тIолабго Россия цебетIей, ракьалда рекъел ва парахалъи цIуни. Гьеб мурадалъе гIоло къеркьолевги вукIана гIумруялъго.

ЛъикIав инсан гуревги МухIамад вукIана жиндирго иш лъалев нухмалъулевлъунги ва районалъе бетIерлъи гьабулеб заманалда гIемераб хIалтIи гьабуна Болъихъ районги районалъул жамагIаталъул гIумру-яшавги цебетIезабиялъе.

 

МухIамад Узарханович вукIана кьураб рагIуе хилиплъуларев, тIаде босараб иш ракIбацIцIадго тIубалев, унго-унгояв профессионал. Гьес киданиги абулароан гьаб пуланаб иш дихъа бажаруларин. Абулаан бажаризабизе бугин. Гьев вукIана кутакалда тавакалав инсан.   

Аллагьас алжаналъул агьлулъун гьавун ватаяв МухIамадги гьесул ишалги нилъеда киданиги кIочене гьечIо», — ян.