Балагьалъ цолъизаруна

24 июналда араб бакI лъачIого тIагIана КIикIуниса лъабго гьитIинай яс

 

24 июналда кIудияб къварилъи ва бакIаб ками ккана Хьаргаби районалъул КIикIуни росдал жамагIаталъе. Лъабго яс (цоялъул букIана микьго сон ва кIигоязул – анкь-анкь) рокъоса къватIие яхъана къалъулеб гIужалда ва, араб бакI лъачIого, тIагIана.
Гьел ралагьизе къватIиве вахъана гIага-шагарго микьнусгогIанасев чи. 27 июналда сангар къана АваргIоралдаги ЧIегIергIоралдаги. «ГIорал къана, ясал ралагьизе бигьалъиялъул мурадалда. Гьел ралагьизе вахъарав чиясул къадар мухIканго абизе кIоларо – гIага-шагарго азарго чи вуго. Гьел ккола Хьаргаби, ГIаймаки, ЧIалда ва КIикIуни росабазул жамагIатал», — ан баян кьуна Хьаргаби районалъул администрациялъул пресс-хъулухъалда.
«Русгидроялъул» Дагъистаналда бугеб филиалалъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, гIоразда лъим дагь гьабиялъул мурадалда ГЭСазул хIалтIул низам хисизабулеб бугилан. Гьебги гьабуна ясал ралагьулел гIадамазе бигьалъи букIиналъе гIоло.
25 июналъул радалалде батана цо ясалъул жаназа. Хадусеб къоялда, къалъулеб гIужалда батана кIиабилебги жаназа. Лъабабилей яс жеги ялагьулей йиго…
«ХIакъикъаталъул» редакциялъ ясазул эбел-инсудаги гIагарлъиялдаги зигараги балаго, Аллагьасда гьарула кIикIундерил жамагIат шапагIат камун тогейилан.