50 сон кьуна «ХIакъикъаталъе»

Д. Халидов: «Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цIуниялъулъ аслияб бакI ккола ГIали Камаловас»

 

2018 соналъул 1 февралалда Москваялда, Россиялъул Журналистазул минаялда тIобитIана «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, РФялъул Журналистазул цолъиялъул секретарь ГIали Камаловасул 70-сонилаб байрам.
Байрам гIуцIана Россиялъул Журналистазул союзалъул, централияб федералияб округалда бугеб Дагъистаналъул дармил вакиллъиялъул, РФялъул президентасда цебе гIуцIараб ДРялъул хIукуматалъул вакиллъиялъул ва Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул хIаракаталдалъун.
Байрамалда гIахьаллъана улкаялъул Пачалихъияб Думаялда ругел Дагъистаналъулги ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги депутатал, Москваялда ругел дагъистаниял – гьениб гIумру гьабун ругел творческияб интеллигенция, гIалимзаби, ишалъулал хIаратакатчагIи ва цогидалги.

Гьудуласул хIакъалъулъ рагIи

Всеволод Богданов (1992-2017 соназда вукIана РФялъул Журналистазул цолъиялъул председательлъун): «ГIали Камалов кидаго вукIана Россиялъул журналистикаялъул церехъабазул кьерда. ГIемерал соназ цадахъ хIалтIана ниж. Дида бичIчIана ГIалие Россия ва гIагараб Дагъистан хIаталдаса ун бокьулеблъи. Гьес жиндирго рекIелъан риччала республикаялда ккарал киналго лъугьа-бахъиналги халкъалъул пашманлъигун рохелги.
Гьев кидаго вукIана махщалие ритIухъавлъун, хилиплъичIо газета цIалулезе.
Къуркьулареб гIамал букIиналъ, кигIан хIалуцараб заман бачIаниги, гьев нахъе къачIо ва цIунана Россиялдаго бищун жигараблъунги къадар цIикIкIараблъунги кколеб Дагъистаналъул Журналистазул союз».
Сулиета Кусова (Россиялъул Журналистазул цолъиялда цебе гIуцIараб СМИяздасан рорхулел миллиялгун диниял масъалабазул централъул нухмалъулей):
«70 сон! ГIураб ригь буго, аралъул хIасилал гьаризеги букIинеселъул хIисаб гьабизеги. Амма жеги къо радалго буго. Хасго ГIали Камаловасе, мехелалда жаниб гьесул 24 сагIаталдасаги цIикIкIун букIуна заман. Гурони, кин тIуразе ругел церечIанщинал, ахир гьечIел масъалаби? ГIалихъа бокьараб захIмалъиялъулги суал тIубан бажарула. Амма гьесул гIумруялъул аслияб ишлъун кидаго букIана, дир пикруялда, гIагараб «ХIакъикъат» газета. Гьелъие ГIалица кьуна гIумруялъул 50 сон».
Надежда Ажгихина (Европаялъул журналистазул федерациялъул вице-президент): «Щиб гьабулеб бугониги, жинцаго тIаде босараб ишалде ракIунтараб бербалагьиялъ ва, кигIан кьогIаб батаниги, къуркьичIого ритIухълъи батизелъун унев гьесул гIамалалъ загьир гьабула, гьабсагIаталда щвезехъин бугеб пайдаялдаса, инсанасул чилъиги, яхI-намусги, рекIел бацIцIалъиги къиматаб букIин гьесие. Загьир гьабула хIилла-рекIкIалдалъун хъулухъалъул болъабиги рахун, щолеб хIакимлъи гIаданлъиялдаса цебе кквезе бегьулареблъи ва, кинаб ахIвал-хIал кканиги, къадруяв инсанлъун вукIине кколеблъи.
Северияб Кавказалъулги, Москваялъулги, Европаялъулги гIемерисел ишцояз гьесул цIакъ хIурмат гьабула, гьезие гьев ккола къадру тIадегIанав инсанлъунги, ритIухъаб ва бахIарчияб журналистикаялъул игIланлъунги, жив вижараб ракьалъул унго-унгояв вакиллъунги. Гьес пана гьабула бокьараб аудитория гIагараб Дагъистаналъул бицунаго».
ГIумаргIусман ХIажиев («Дагъистан» басмаханаялъул директор):
«Дагъистаналъул гьанжезаманалъул захIматаб тарихалъул лъугьа-бахъиназул коронив вукIана ГIали Камалов журналист, политик ва жамгIияв хIаракатчи хIисабалда. Гьес киданиги бахчичIо жиндирго пикру, кигIан гьеб нухмалъулезе ва къимат-къадруялда ругезе дандекколеб гьечIониги. Гьелъ гьев кидаго лъалхъизавичIо.
Дица рикIкIуна, гьесул гIамалалъул бищун аслияблъун кколин къвакIи ва цебелъураб масъала тIубазелъун, сункьаго къачIого, цеве ин».
Денга Халидов (политолог): «Ахирисеб 25 соналда жаниб гIемерал политикиялги жамгIиялги лъугьа-бахъи­нал ккана республикаялда. Амма ГIали кидаго хутIана жанисеб эркенлъи цIунарав чилъун. Дагъистаналъул нухмалъиялдаги гьеб бихьичIого хутIизе рес букIинчIо. ЧанцIулго хIалбихьана гьев къуркьизавизе, гьев чIвазе хиялалцин гьаруна, гьесде бана рогьразул гъегъ, амма гьесухъа цIунун бажарана доб жанисеб рацIцIалъиги жиндирго къадруги.
Дир ракIчIола, Дагъистаналда эркенаб журналистика ва эркенаб пикру цIуниялъулъ аслияб бакI ГIали Камаловас кколеблъиялда».
Зикрула Илясов (Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул председатель):
«Республикаялъул жамгIиябгун политикияб ва информациялъулаб гIумруялда пресса цIунулев жигарав хIаракатчи вуго ГIали Камалов. Араб гIасруялъул 90-абилел соназда, редакциязе гIарац мукъсанлъараб заманалда, жиндиего зарал ккеялдасаги хIинкъичIого, гьес банказдаса къарзалъ гIарац босана. Гьедин гьес цIунана магIарул газеталъул редакция гуребги, цогидал миллиял газеталги. Гьес цIикIкIинабуна Журналистазул союзалъул хIаракатги – 26 соналъ гьелъиеги нухмалъулеб буго ГIалица».
Качар ХIусейнаева («Илчи» газеталъул бетIерай редактор):
«ГIали Камалов – тIад кIалъазе рагIи гьечIев, хIажат вугин ахIидал, ва ахIичIониги кумекалъе ватулев гьудул. Гьединлъидал чIухIула, цого пикруялъул, гIумруялде ритIухъаб бербалагьи бугел Дагъистаналъул машгьурал васазул кьерда ятиялдаса.
Гьесул рекIел жанги жигараб хIа­ра­катги халатал соназ жеги гIеме-гIемерал лъикIал ишазе гIела – гьеб гьарула ракI-ракIалъ дица ГIали АхIмадовичасеги».