ХIурматияв ГIумахан ГIумаханов!

Баркула дуда ва тIолабго «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъул коллективалда тIаде щвараб цIияб 2020 сон.

Дун вохарав вуго дур нухма-лъиялда гъоркь миллияб газета цIалдолезе бокьулеблъун лъугьине нужеца бахъулеб хIаракаталдаса. Гьеб бихьулеб буго ахираб заманалда къватIире рачIарал номераздаса, гьенир лъолел ругел магIнаял ва пайдаял макъалабаздаса.
Баракатаб ва парахатаб батаги нилъее киназего тIаде щвараб сон.
Гьарула щивасе сахлъи ва рохел.