ГIелмуялъе кьураб гIумру

29 декабралда 70 сон тIубала машгьурав гIалимчи-археолог, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, РАНалъул академик Хизри ГIамирханов гьавуралдаса.

Гьев ккола Болъихъ районалъул ГIанди росулъа. ЦIалана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги школазда. 1972 соналда лъугIизабуна Дагъис-таналъул пачалихъияб университет, хадуб СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Ленинградалда бугеб отделениялда аспирантура.
Хизри ГIамирхановасул захIма-талъулаб нух байбихьана Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул учительлъун ва цадахъго завучлъун хIалтIиялдаса. Жеги вузалда цIалулаго, гьев вукIана тарихалъул факультеталъул студентазул гIелмияб жамгIияталъул нухмалъулевлъун. Гьесул тIоцебесеб гIелмияб хIалтIи къватIибе бачIана 1972 соналда. Гьениб бицунеб букIана магIарулазул хвел букъиялъул хаслъиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гьев машгъуллъана гIелмиял цIех-рехазде.
1977 соналда Хизри хIалтIизе лъугьана СССРалъул ГIелмияб академиялъул археологиялъул институталда. Гьебго соналда цIунана тарихиял гIелмабазул кандидатлъиялде диссертацияги. Отделалъул нухмалъулесде щвезегIан хIалтIул болъаби нахъа тана гьес. Ва 1989 соналда цIунана «Палеолит Юга Аравии» абураб темаялда докторлъиялъе диссертацияги.

1992-1994 соназда ГIамирханов вукIана палеолиталъулгун мезолиталъул секторалъул нухмалъу-левлъун. 1994 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго РАНалъул археологиялъул институталъул отделалъул нухмалъулевлъун. 2008 соналда гьев вищана РАНалъул тарихиялгун филологиял гIелмабазул академик-секретарасул заместительлъун. 2009-2015 соназда хIалтIана РАНалъул ДНЦялъул президиумалъул председательлъунги Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директорлъунги.
1999 соналда Хизри мустахIикъ-лъана профессорасул гIелмияб цIаралъе. 2002 соналда вищана Германиялъул археологияб институталъул член-корреспондентлъун, 2003 соналда – РАНалъул член-корреспондентлъун ва 2019 соналда – РАНалъул академиклъун.
Хизрица гьарулел гIелмиял цIех-рехазул аслиял темабилъун ккола Бакъбаккулгун югалъулаб Азиялъул ганчIил гIасруги, Бакъбаккул Европаялъул тIасияб палеолитги, этноархеологияги, лингвоархеологияги. Гьес цIех-рех гьабуна Кавказалъулги, Бакъбаккул Европаялъулги, ГIагараб Бакъбаккулги археологиял памятниказул. Гьединго гьев хIалтIула, ГIурус авлахъалъул некIсияб заманалъул халгьабулаго, гьениб гIумру гьабулел халкъазулги Европаялъул халкъазулги культурабазул гIаммал хасиятал ратиялда тIадги.
ГIелмиял цIех-рехазул хIасилал-
да гьес къватIибе биччана 300 гIелмияб хIалтIи, гьезда гьоркьоб 12 монография ва цIалулгун методикияб тIехь. Гьесул хIалтIаби рахъана Россиялъулги, Германиялъулги, Испаниялъулги, Италиялъулги, Йеменалъулги, Даниялъулги, Франциялъулги, СШАялъулги ва цогидалги улкабазул басмаханабазда.
Х. ГIамирхановас кIудияб бутIа лъуна ГIарабиялъул чIин-кIиллъиялъул цIех-рех гьабиялъулъ. Гьениб гьес рагьана палеолиталъулги неолиталъулги заманалъул чанги цIияб памятник ва гьабуна гьезул цIех-рех; лъазабуна гьанжесел бедуиназул гIумруялдагун магIишаталда хIалтIизарулел некIсиял алатазул хIакъикъат. Гьел цIех-рехазул хIасиллъунги ккана цебеккун рехсараб темаялда хъвараб гIелмияб диссертация. Гьеб хIалтIуе тIадегIанаб къимат кьуна тарихчагIазгун археологаз.
КIвар цIикIкIарал гIелмиял цIех-рехал гьаруна Хизри ГIамирхановас Дагъистаналдаги. Масала, Гъарабудагъкент районалда гьесда батана тарихчагIаз «мустье» абураб заманалда букIарабин абулеб анлъго цIияб памятник (Генторун I и II, Манас-озень I-IV). Гьенир ратана леваллуасская абулеб техникаялда рекъон гьарулел тIагIел-алатал.
Кавказалдаса Евразиялде кин гочун арал некIсиял къавмал? Гьеб суалалъе жаваб балагьиялъул мурадалда, 2003 соналда РАНалда байбихьана хасал цIех-рехал гьаризе. Гьезда рекъон гIелмиял хIалтIаби гьарулел рукIана Ставрополь краялъулги, Кабардино-Балкариялъул-ги, Дагъистаналъулги, Северияб Азербайжаналъулги ва Ираналъулги ракьазда. ГIелмияб пикру тIаде цIалел хIасилал ккана Дагъистаналда гьарурал цIех-рехазул. Югалъулаб Дагъистаналда гIалимзабаз рагьана палеолиталъул заманалъул къогоялдаса цIикIкIун памятник (Рубас-I-V, Тинит-I, Дарвагъчай, Дарвагъчай залив, Дарвагъчай-залив-I, Дарвагъчай-залив-4, Дарвагъчай-I, Дюбекчай, Чумус-Иниц, Шор-Дере-I-VI) ва Централияб Дагъистаналда, ГIахъуша районалда: гьитIинабго бакIалда гьениб буго анцIгоялдаса цIикIкIун памятник (Айникаб-I, II, Мухкай-I, II, Гегалашур-I, II, III ва гь..ц.).
ГIахъуша районалъул ГIайникаб росдада гIагарлъухъ хIалтIулел экспедициязул хIакъалъулъ бицунаго, Хизри ГIамирхановас бицун букIана некIсияб Дагъистаналда гIумру гьабулел рукIун ругин гьабсагIаталда хинал улкабазда рукIунел хIайванал (масала, жирафалги пилалги). Исана «ГIахъушинка» ва «Усишинка» абурал гIоразда гьоркьоб бугеб бакIалда ратана олдованалъул заманалъул хIужаби. ТарихчагIазул пикруялда рекъон, гьел тун руго Африкаялдаса гочарулел рукIарал гоминидал абулеб инсанасул тайпаялъ тарал лъалкIал.
КIудияб хIалтIи гьабуна Хизрица некIсияб ЧIохъ росдал цIех-рехалъул баянал мухIканлъиялъеги. Гьесул хIаракаталдалъун лъазабуна мугIрузулаб Дагъистаналъул некIсияб халкъалъул мезолиталдаги неолиталдаги букIараб магIишатиябгун маданияб гIумру-ялъулги тIабигIияб сипаталъулги хIакъикъат. Гьес дандеккуна гео-морфологиялъулги палеоботаникаялъулги баянал Каспиялъул регионалда ккарал гьава-бакъалъул хиса-басиялгун ва гьелдалъун щварал баяназул кьучIалда чIезабуна ЧIохъ росдал тарих жеги 10 азарго соналъ цебе байбихьараблъи.
ЧIахъадерил некIсияб росдал хIужабазда рекъон, рехсараб заманалда централияб Дагъистаналда рукIарал гIадамазул маданияталъул-ги Каспиялда гIагарлъухъ гIумру гьабулезулги релълъарал рахъалги руго. Гьелдаса нахъе байбихьана, Хизри ГIамирхановасул пикруялда рекъон, централияб Дагъистаналда гIадамаз гIумру гьабизе. Гьебго заманалда ккана бакIалъул гIадамазул мацIазул цолъи-жубайги, миллиял къавмал лъугьинги, магIишаталъул релълъарал рахъазул цебетIейги.
Хизрица тIубана чIахъадерил культура бижиялъул масъалаги. Гьелъие кьучIлъун гIалимчияс рикIкIуна мугIрузулаб Ираналъул районал – Эльбрусалда ратарал Дам-дам-чешме 1, Дам-дам-чешме 2, Джебел, Кайлю, Каскыр-Булак ва цогидал стоянкабазда релълъарал алатал ратун руго чIахъадерил стоянкаялдаги. Гьес абулеб буго, мезолиталъул заманалда, Каспий ралъдал гьумер гIодобе ккеялъул хIасилалда, Северияб Ираналъул Эльбрус мегIералъул ракьалда рукIарал къавмал гочун ругин мугIрузулаб Дагъистаналде, гьенисанги – бакъбаккул рахъалде. Хизрил гьеб пикруялда тIадрекъана гIалимзаби-лингвисталги. Гьезул пикруялда рекъон, мацIалъул цо къокъаялда гъорлъе уна Бакъбаккул Кавказалъулги, Китаялъулги, Сибиралъулги (кетазул ва гь. ц.), гьединго Северияб Америкаялъулги (индейцазул Дене абураб къавм) лугъатал.
ГIалимчиясул пикруялда рекъон,
мезолиталъул байбихьуда (гьеб ккола гIага-шагарго нилъер эраялда цересел VIII-VII-абилел сонал) чIахъадерил культура цебетIолеб букIана бигьагьабун. Гьеб цебе-тIеялъулъ хехаб хиса-баси ккола нилъер эраялда цебесеб анкьазар-абилеб ва анлъазарабилеб соназда гьоркьосеб заманалда. Гьеб бухьараб буго антлантияб заман байбихьиялда. Гьебмехалда цIакъго хисун кколеб буго тIабигIияб ландшафт. Гьелъие гIиллалъун ккана гьава-бакъ хинлъи ва регьел цIикIкIин. Ралъдал гьумералдаса 1600-1900 метралъул борхалъиялда ругел Централияб Дагъистаналъул мугIрузда тIибитIана гIурччинлъи, ай рижизе байбихьана жеги гьеб бакIалда киданиги рукIинчIел гъутIби (миккигъветI ва гь. ц.).
Гьанже нахъа Хизри ГIамир-хановас цIех-рех гьабуна хунздерил тIалъиялъулги, Тобот гIурулги, ГIандадерил хIорилги рагIалда рукIарал памятниказул. Гьелги уна чIахъадерил культураялда гъорлъе.
НекIсияб чIахъадерил стоянкаялъул неолиталъул замана-лъул халгьабулаго, гIалимчияс чIезабуна, гьеб заманалда хурдулгун кьалбал ракIариялдасагун чанахъанлъиялдаса гIадамал руссанин ракь хIалтIизабиялдегун гIалхул хIайванал куцаялде. Ракь хIалтIизабигун боцIи хьихьи ккола инсанияталъул гIумруялдагун цебетIеялда жаниб ккараб кIудияб хиса-баси.
Хизри ГIамирхановасул цIех-рехазул хIасилалда Россиялъул регионазда гьоркьоб мугIрузулаб Дагъистан рикIкIуна некIсияв инсанасул гIумруялъул цебетIеялда хадуб гьабсагIаталдаги халкквезе рес щолеб къанагIатаб ракьлъун.
Хизрил гIелмияб хIаракаталъе пачалихъалъ кьуна мустахIикъаб къимат. Гьев ккола Дагъистаналъул
мустахIикъав гIалимчиги (1999) Москва областалъул Зарайск шагьаралъул хIурматияв гражданинги. Гьев мустахIикълъана «Москваялъ 850 сон тIубай» абураб медалалъеги.