«Миллияб басма 90-абилел соназда букIараб къадруялде ва машгьурлъиялде тIадбуссинабизе ккола»

 

  

Халкъазда гьоркьосеб Шамил имамасул цIаралда бугеб культуриябгун тарихияб фондалъ ракI-ракIалъ баркула «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъул хIалтIухъабазда ва газета цIалулезда жиндирго хIалтIиги лъалев, бажари-гьунарги бугев, магIарулазда гьоркьовги машгьурав журналист ГIумахан ГIумаханов газеталъул бетIерав редакторлъун тей.

МагIарул цIалдолел рохизаризе жанги, жигарги, тавпикъ-икъабалги кьеги гьесие ва гьесул нухмалъиялда гъоркь тIолабго коллективалъе.

 

Фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаев

 

***

 

«ХIакъикъат» газеталъул нухмалъиялъулъ ккарал хиса-басиял лъикIалъе ратаги ва лъикIлъиялъул бутIа щивав цIалдохъанасе гьарзаго щвейги буго нилъер мурад.

 

«ХIакъикъат» буго магIарулазе цIи-цIияб хабарги босун бачIунеб чапар. Информация чара гьечIого хIажатаб ишлъун букIиналъ инсанасе хиралъана газеталъул хъулухъги. Цоцазе гIакълаби кьезе, сверухъ кколеб-толелъул хIисаб-суал гьабизе, лъикIабги квешабги батIа бахъизе лъазе малъулеб казият камун нилъ хутIугеги. Гьединлъидал, гьеб букIинеги ккола щибаб гIелалъ цоцахъе мадиро гьабун кьураб ишлъун: ригь араз — цIияб гIелалъухъе.

 

Дица гьелъул ва инсанасул гIакълу-къасдалъе пайдаял рахъазул пикрабаз борца-къотIана гIемерал рахъал. Гьелъие гIиллалъунги букIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Камалов ГIали нахъе индал, гьесул бакIалде, ай гьабсагIаталда редакторасул ишал тIуралевлъун ГIумахан ГIумаханов (ГIандийский) танилан рагIи.

 

Ара-таралъухъ ва хIалтIулъ бихьизабураб хIаракатчилъиялъухъ ракI-ракIалъулаб баркалаги ГIалие кьун, ГIумаханиеги гьарула икъбал. Дида цевегоялдаса нахъе лъала махщел камилав журналист, гIаданлъи бугев инсан ГIумахан. Гьесул гьунаргун хIаракатги бихьана «Сабаб» журналалда, «ХIакъикъат» газеталда, Болъихъ районалъул газеталъул бетIерав редакторлъун хIалтIулеб заманалдаги. Дица тIадегIанаб къимат кьола гьесул шигIруялъулаб ва журналистикаялъулаб гьунаралъе.

 

МагIна гъваридаб, хъвале-толелъулъ унго-унголъунги миллияб адабият ва маданият хIалтIизабизе лъай, тIадегIанаб махщелгун къалмикьа арабщиналъе цо хасаб магIна-гIиналъул куц бати, — гьесие хасиятаб нух букIуна. Гьединлъидал дун божарав вуго «ХIакъикъат» магIарулазе жеги хирияблъун лъугьине букIиналда. Гьелъул гьурмазда магIарул махIги-яхIги, гIаданлъи-намусги, иманги-исламги камилго загьирлъиялда ракIчIараб букIиналда дир кигIан дагьабниги щаклъи гьечIо.

 

Баркула, гьитIинав вац, магIарулаз дуде гьабураб божилъи. «ХIакъикъаталъул» байрахъ борхатго кквезе дуе сахлъиги бажариги кьеги БетIергьанас.

 

ХIайбула ГIабдулгъапуров 

 

***

«Баркула-баркуларо» абураб калима буго магIарулазул, цо иш лъикIищ ккелеб, квешищ ккелебали лъаларого ругеб мехалда абулеб.

 

Гьеб ракIалде бачIана дидаги ГIумахан ГIумаханов нилъер магIарул казияталъул удаманлъун тIамунин абураб хIукму министрас цIалараб мехалда. Баркула гьеб жавабияб ва захIматаб хIалтIуда ишги лъалев, лъайги бугев, творчествоги бичIчIулев къалмил агьлуялъул чи, пасихIав рагIул устар, гIужилав сатирик тIамун вукIиналъ.

 

Баркуларо, гурхIула тIаде ккараб гьир бихьун, гIадамазул газеталдехун гьечIеб бербалагьи бихьун, гьеб цIализе тIамизе гIураб пикруялъулги, гьунаралъулги, хъвай-хъвагIаялъулги чагIаз цебего казияталъулгун къо-лъикI гьабунги букIун. МагIарул миллаталъулги газеталъулги цебего бухьен тIун букIун, киналго диналъул вацал социалиял гьиназ, диналъул яцал — ватцапалъул гудраз ккун рукIун. Гьел дагьабниги пикруги, гIакълуги, асарги бугеб хъвай-хъвагIай цIализе тIами жакъа цIакъ захIматаб ишги буго. Гьелъие гъеж гуризе ккола тIоцебе дуцаги, хадур цIазе ккола хутIарал, дагьабниги пикру ва гьунар бугелщинал гIадамалги.

 

ТIадбуссинабизе ккола нилъер миллияб басма 90-абилел соназда букIараб къадруялде ва машгьурлъиялде. ГIали Камаловас газета хIабургъарал 90-абилел соназда гьунар бугел гIолохъабазе бакIги кьун гIезеги гьабуна, хадуб гьелго гIолохъабазулгун рагъ бан, тIалаб гьабичIого, гъорлъе рачинчIого хвезеги гьабуна. Кин батаниги, нилъеца гьесие баркала кьела компартиялъул догмабаздаса газета хвасар гьабиялъухъги, тIаса лъугьун тела хадусел гъалатIалги.

 

ГIайиб камурав чи вукIунареблъиги хIисабалде босун. Дирго рахъалдаса гъалатI ккараб, адаб тараб жо букIун батани, ракI-ракIалъ тIаса лъугьаянги гьарула ГIали Камаловасда. Гьарула цIияв редакторасе къалмие бегIерлъи, пикруялъе гъварилъи, каламалъе пасихIлъи, кидаго цебехун тарихалдаго букIараб магIарул газеталъул къадру ва цIар борхизабизе къуватги гьунарги.

 

Республикаялъул художествиябгун публицистияб «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев.