ГIагараб тIалъи — гIаммаб рукъ

28 сентябралда кIодо гьабуна ЧIарада район гIуцIаралдаса 90 сон тIубай

 

ЧIарадисезда цадахъ рохел гIахьал гьабизе районалде рачIун рукIана гIемерал гьалбал: магIарул районазул бутIрул ва республикаялъул хIукуматалъул хIалтIухъаби.
Тадбиралда лъикIаб гIахьаллъи гьабун букIана щибаб росдацаги. Гьез гIуцIун рукIана жиде-жидер майданал ва гьенир гьалбадерица хIалбихьана миллияб кванилги. Гьелдаса хадуб киналго данделъа­на Маданияталъул кIалгIаялъур. ХIакъикъаталдаги гIеч бортизе бакI гьечIеб хIалалда цIунги букIана гьеб. Киналго данделъун рукIана 90 соналда жаниб районалъ нахъа тараб нухлул бицинеги, бицаде тараб гьелъул тарихалъухъ гIенеккизеги.
Районалъул администрациялъул лъайкьеялъулгун маданияталъул идараялъул нухмалъулев Шамил МустIапаевас ва Дагъистаналъул ЗахIматалъул бахIарчIужу Рашидат ГIалиасхIабовалъ кьураб саламалъги, саламалъулаб кIалъаялдаса хадуб щибаб росдае сайгъат гьарун рикIкIарал кочIол куплетазда гъоркь кодор ккун жидерго росу-ракь бихьизабурал игIланалгун къватIире рахъарал росабазул вакилзабазул церерахъиналдаса байбихьи лъуна байрамалъул официалияб бутIаялъе.
Районалъул бетIер МухIидин МухIамадовас бицана районалъ нахъа тараб нухлул, социалиялгун экономикиял хиса-басиязул, спортсменазулгун творческияб интеллигенциялъул бергьенлъабазул, церечIарал масъалабазул. Гьес баркала загьир гьабуна республикая­лъул тIалъиялъе районалде бугеб бербалагьиялъухъ, сундулъго гьабулеб квербакъиялъухъ.
— ГIемерал хиса-басиял ккана районалда. Амма хисичIо халкъалъул жидерго гIагараб росу-ракьалде бугеб бербалагьиги тIалабчилъиги. ГIагараб тIалъи нилъее гIаммаб рукълъунги ккола. Гьелъин халкъалъ ясбер гIадин цIунунги ругел жидерго гIадаталги, гIамалалги, бечедаб тарихги ва хIаракатги бахъулеб буго лъикIал ишаздалъун щивав чияс берцинал ва гъваридал лъалкIал нахъе тезе, — ян бицана МухIидин МухIамадовас. — Жакъа нилъеца ракIалдещвезаризе ккола инкъилаб бахъулагоги, кор боркьарал рагъул соназдаги халкъалъ бихьизабураб ва ирсалъе тараб гьунар, къохIехьей, багьадурлъи. Нилъеца кIудияб чIухIигун рехсола Совет Союзалъул БахIарчи АхIмад ГIабдулмажидовасул, Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи ТIинамухIамад Къурбановасул, Россиялъул БахIарзал АхIмад МухIамадовасул ва МухIамад БагIачиловасул цIарал.
Нилъ чIухIула нилъер гьитIинабго районалъул цIар дунялалда рагIи­забурал машгьурал гугарухъа­би, Олим­пиязул хIаязул чемпионал ГIаб­дулрашид СагIадулаевасдаса ва Шарип Шариповасдаса. Баркала буго кидаго районалъе кумек гьабулел Пачалихъияб Думаялъул депутат МухIамад ХIажиевасе ва Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад СагIадулаевасе.
Районалъул жамагIаталда байрам баркизе вачIун вукIана ДРялъу­л хIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIаб­дул­муслимовги. ДРялъул бетIер Владимир Васильевасул баркиялъулаб кагъатги цIалун, гьес бицана район гIуцIиялъул байбихьуда рукIаразул, рагъда хадусел соназда улка цебетIезабулаго хIалтIараб гIелалъул, районалъул жакъасеб гIумруялъул. Гьединго бергьенлъи баркана ГIабдулрашид СагIадулаевасда ва Шарип Шариповасда.
Байрамалда кIалъазе вахъарав Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад СагIадулаевас гьеб къоялъги бихьизабуна жиндирго сахаватлъи. Гьес гIарцулал сайгъатал кьун кIодо гьаруна Олимпиязул хIаязул чемпионал ГIабдулрашид ва Шарип.
ЧIарадисезда байрам баркана ДРялъул росдал магIишаталъул министр Абзагьир ХIусеновас, спорталъул министр МухIамад МухIамадовас, транспорталъул министр Ширухан ХIажимурадовас ва цогидазги. Районазул ва шагьаразул нухмалъулезул рахъалдасан баркиялъулаб кIалъай гьабуна республикаялъул бетIерасул мугIрузулаб зонаялда вугев вакил МухIамад Камиловас ва Гъуниб районалъул нухмалъулев МудунхIажи Къадировас.
Кинха букIинеб байрам шапакъаталги кьечIого?
Республикаялъул министерствабазул ва райадминистрациялъул грамотабазе мустахIикълъана гIемерал районцоял — гIухьби, дояркаби, пачалихъиял идарабазул хIалтIухъаби. ЖамгIияв хIаракатчи, шагIир ХIабиб Давудовас «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» абураб цIаралги меседил медалалги кьун кIодо гьаруна МухIамад МустIапаев, Рашидат ГIалиасхIабова, ГIабдулрашид СагIадулаев.
Хасаб чIаголъи ва берцинлъи тадбиралъе кьуна маданияталъул хIаракатчагIазул церерахъиназги. ЛъугIана байрам. ЧIарадисезда гьоболлъиги рагIизабун, хаду-хадурги дандчIвазе щулияб рагIиги кьун, жиде-жидер росабалъе, шагьаразде ана гьалбалги.
Аминат МухIамадова,
«ЧIАРАДА» газеталъул
редактор