Районалъ — 90 сон

ЦебетIеялъул ва ракълил нухда

 

10 августалда ЦIумада тIобитIана рохалилаб байрам

Араб шамат къоялъ ЦIумада кIодо гьабуна район гIуцIаралдаса 90 сон тIубаялъул юбилеялда, цадахъго халкъазда гьоркьосел террористазул къокъаби щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубайги.
РацIцIадал къватIал, батIи-батIиял игIланаз берцин гьарурал минабазул къадал, къватIахъан гьелчолеб гIалам — битIахъе мугIрузда бугеб гьитIинабго шагьаралда релълъун букIана гьеб къоялъ байрамалде къачIараб районалъул центр Агъвали.

ЦIумадисезда юбилей баркизе бетIералда районалъул нухмалъулелгун рачIун рукIана мадугьалихъ ругел ГIахьвахъ, ЦIунтIа ва Болъихъ районаздаса вакилзаби, гIагараб ракь тун къватIир гIумру гьабун ругел районцоял, МахIачхъалаялдаса ва цогидал шагьараздасагун районаздаса цIумадисезул гьалбал ва гьудул-гьалмагъзаби. Республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдаса байрамалде рачIаразда гьоркьор рукIана республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул бетIерасул мугIрузул округалда вугев вакил МухIамад Камилов, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул цо-цо депутатал, ЖамгIияб Палатаялъул членал ва цогидалги. Гьалбадерида гьоркьов вукIана цIумадисезул дурц, жиндир хIалтIул тIоцересел галаби Гъоркьа Гьаквари росдал школалда учительлъун, хадув гьенивго школалъул директорлъун хIалтIулев вукIарав, Дагъистан Республикаялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевги.
Районалъул культураялъул кIал­гIаялда тIобитIараб рохалилаб данделъиялда тIаде рачIарал гьалбадерие саламги кьун, баркалаги загьир гьабун, ЦIумада районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас гIатIидго бицана ЦIумада районалъул тарихалъул, гьелъ нахъа тараб нухалъул, культураялда, социалияб рахъалда ва экономикаялда ккарал хиса-басиязул хIакъалъулъ. А. Вечедовас цIар-цIарккун рехсана районалдаса рахъарал машгьурал гIалимзаби, росдал магIишаталъул церехъаби, культураялъул ва спорталъул хIа­ракатчагIи. КIудияб ВатIанияб рагъ­да гIахьаллъи гьабуна нус-нус цIу­мадисез, гьел чIухIула бергьенлъиги босун танкалда тIад лезгинка кьурди гьабурав Эчеда росулъа Совет Союзалъул БахIарчи Къади Абакаровасдаса ва цогидалги рагъул гIахьалчагIаздаса.
— Умумузул бахIарчиял ишазе ритIухъал рукIин бихьизабуна цIумадисез 1999 соналъул августалда районалда тIаде кIанцIарал хъачагъазде данде рагъулагоги, — ян абуна А. Вечедовас. Чачаналдаса ЦIумада районалде буго автомашинаялъул цо­хIо нух, гьебги Гьигьалъ росулъан. ТIолабго росу бахъана ахIичIел гьал­бал нахъчIвазе. БетIералда рос­дал ополченцазул командир МухIамад ЗулхIужевгун хъачагъазда кьаби щвезабуна ва гьел районалъул ракьалде риччачIо. Эчедасан райцентралде рачIунел хъачагъал, Дача абулеб бакIалда рагъулаб дандечIейги гьабун, церехун риччачIо милициялъул хIалтIухъабаз. Ккана гьенир камиялги. Гьезул цIарал нилъеда кидаго кIочене бегьуларо. Гьел захIматал къояз, тIолабго Дагъистаналъул халкъалъго гIадин, бихьизабуна бахIарчилъи, гъунки, Дагъистан ва дагъистаниял россиялъулал рукIин, гьеб цIунизе кидаго хIадурал рукIин.
ЦIумадисезул байрамги баркун, Республикаялъул бетIер Владимир Васильевасул барки цIалана республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул бетIер Владимир Ивановас. Баркиялда лъикIаб къимат кьун букIана росдал магIишаталда, лъай кьеялда, сахлъи цIуниялда, гIадамазул рукIа-рахъин цебетIезабиялда, налогал ракIариялда районалъ рихьизарулел ругел хIасилазе ва хIаракатчилъиялъе. Гьеб киналдаго нахъа буго гIадатиял гIадамазул ва бакIалъулаб нухмалъиялъул кIвахI гьечIеб захIмат.
КIалъазе вахъарав Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас абуна: «ТIасияб соналда 100 сон тIубала Дагъистаналъе автономия кьуралдаса. Гьеб тарих кIодо гьабизе нилъее рес щвелароан нилъер конституциялъулаб гIуцIи хвезабизе къого соналъ цере хъачагъазда кьаби щвезабун гьел щущазарун рукIинчIелани. Дол къояз аслиял бахIарзаллъун рукIана гIадатиял захIматчагIи, ополченцал, милиционерал, солдатал ва журналистал».
ХIакъикъияб къимат кьуна М. ГIалиевас доб мехалда лъугьун бу­кIараб ахIвал-хIалалъе.
Чачаназул хъачагъал Дагъистаналде тIаде кIанцIизе хIадурлъулел рукIин лъалеб букIаниги, федералиял хъулухъалъул аскариял ва гIорхъи цIунулел Дагъистаналъулги Чачаналъулги гIорхъабаздаса нахъе рачин федералияб централъул гIайибги гъалатIги букIиналда цадахъго гьев мукIурлъана Карамахьи мухъалда лъугьунеб бугеб хIалалъе республикаялъул нухмалъиялъ рукIине кколел тадбирал гьаричIолъиялъеги.
Гьеб киналъулго хIасил гьабизе ва хIисабалде босизе ккола, щайгуре­лъул жакъа къоялдаги расги лъикIаб хIал гьечIо Северияб Кавказалда. Киназего гIакълуги тавпикъги кье­ги халкъазда, миллатазда гьоркъоб рекъел ва гьудуллъи цIуниялъеян абуна М. ГIалиевас.
Гьигьалъ росдал ополченцазул ротаялъул командирлъун вукIарав АхIмадпаша ГIамирилаевас абуна: «Нижеца лъиданиги цебе бетIер къуличIо ва къулизе гьечIо, гьедин букIине буго кидаго. Нагагь хIажалъи ккани, ниж киналго къватIире рахъи­не руго, батIияб ВатIан нижер гьечIо».
Баркиялъулал кIалъаялгун цере рахъана ГIахьвахъ ва Болъихъ райо­назул бутIрул МухIамадзагьид Муслимов ва МухIамад ПатхIулаев, имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул председатель ГIалиасхIаб Хархачаев ва цогидалги.
Байрамалъулаб данделъиялда рос­­дал магIишаталда, культураялда, лъай кьеялда, сахлъи цIуниялда ри­хьизарурал лъикIал хIасилазухъ республикаялъул ва районалъул нух­малъиялъул цIаралдасан шапа­къа­таздалъун ва грамотабазда­лъун кIо­до гьавуна чанго чи. Культураялъул хIалтIухъан, машгьурай кочIохъан Хадижат ХIусейновалъе кьуна «Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан» абураб цIар, «Дагъистан Республикаялъул мустахIикъав учитель» абураб цIар кьуна Хуштада росдал школалъул учитель ИсмагIил ХIанаповасе, «Дагъистан Республикаялъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар кьуна райбольницаялъул тохтур ПатIимат ХIажиевалъе. Инхокъавари росулъа шагIир Сабигат МухIамадовалъе кьуна «Дагъистаналъул халкъияй шагIир» абураб цIар.
Гьалбадерие цIумадисез гIу­цIун букIана бечедаб культурияб хIухь­бахъиялъул программа. Районалъул культураялъул хIал­тIу­хъа­базул кучIдулги, кьурдабиги ва цо­гидал церерахъиналги лъикI къабул гьаруна балагьараз. Хасаб гугьар бай­рамалъе кьуна цIунтIадерил ко­чIохъабаз, Хунзахъ районалъул Ха­ра­хьиса палугьабазул церерахъиназ. ГIанди гIурул рагIалда бугеб гIа­тIидаб стадионалда кьералда тIи­ритIун рукIана щибаб росдал май­дан. Гьалбадерие рес букIана цIу­мадисезул некIсияб квен гьабулеб къагIида бихьизе ва хIадурарал нигI­матал кваназе.
Спорт бокьулезе рес букIана спорталъул кIалгIаялда Совет Союзалъул БахIарчи Къади Абакаровасул цIаралда тIобитIулеб букIараб ТIолгороссиялъулаб эркенаб гугариялъул къецазда балагьизеги.
ГIуцIадго ва тIадегIанаб даражаялда тIобитIараб байрамалдаса рази рукIана киналго гIахьалчагIи – жалго цIумадиселги тIаде рачIарал гьалбалги.
Пайзула Пайзулаев,
Х. Залимхановалъул
суратал