ЦIаралгун шапакъатал

 

 

  ГьанжегIагар ДРялъул бетIер Сергей Меликовас гъулбасана машгьурал цо-цо дагъистаниязе тIадегIанал цIаралгун орден-медалал кьезе хIукму гьабураб документалда.

Масала, «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орден кьуна ДРялъул халкъияй шагIир Залму Батировалъе. «Дагъистаналъул хал­къияй артистка» абураб хIурматияб цIар щвана Авар театра­лъул артистка ПатIимат ХIажиевалъе. ГIахьвахъ районалъул культурияб рукъалъул нухмалъулев Денга Махиев мустахIикълъана «За доблестный труд» абураб медалалъе.

«ХIакъикъат» газеталъ ракI-ракIалъ баркула гьездаги цогидаздаги тIадегIанал цIаралгун шапакъатал. Гьарула хадурккун жеги тIадегIанал бергьенлъаби.