ЦIиял анищалгун, цIиял къасдалгун

 

Гьал къоязда хиса-басиял ккана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда. Лъабго соналъ газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуразарулев вукIарав ГIумахан ГIумаханов, жиндиего бокьун, сахлъиялда бан хIалтIудаса нахъе ана. Гьесул бакIалде ячIана газеталда гIемерал соназ хIалтIарай, махщел камилай журналист Зульфия ХIажиева.

 Гьайгьай, цIиял анищалгун, цIиял къасдалгун тIаделъаниги, магIарул цIалдолезе бокьулеблъун жакъа газета цIунун бажари — гьеб бигьаяб иш гуро. Амма магIарул интеллигенциялдаги гIадатиял магIарулаздаги гьоркьоб бугеб къадру-къимат тIадегIанаб тахида лъезе рес щвана З. ХIажиевалъе.

   Биччанте цIияб хъулухъалда дагьалъги загьирлъизе гIагараб миллаталдеги, гьелъул гIадатал-гIамалаздеги, тарихалдеги бугеб кIудияб рокьи.

    Миллаталъул газеталда дагьабги цIилъи чIвазе З. ХIажиевалъ лъолел ругел тIоцересел галабиги баракат цIикIкIарал, икъбал гьарзаял ратаги.

Газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула гьелда жавабчилъи цIикIкIараб хъулухъ.

ГАЗЕТАЛЪУЛ КОЛЛЕКТИВ