ГIумруялъ борцина гьелъул борхалъи

 

  Гьал къоязда 60 сон тIубала республикаялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIисаевас. Гьев ккола кIудияб ракIалъул сахаватав инсан. МухIамадил кумекалъулаб квералдалъун араб соналда «ХIакъикъат» газеталъул подписка гIурабго къадаралда цIикIкIунги букIана. ГIагараб Хунзахъ районалъе гьес хъван букIана 1000 газета. Гьединго гьев вуго газеталъул божарав гьудулги. Щиб къваригIелалъ гьесухъе аниги, гьеб тIубачIого цониги чи тIадги вуссунаро.

«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула МухIамадида 60 сонилаб юбилей. Сахаватал гIадамазе гьеб ккола кIиабилеб гIумруялъул байбихьилъун. ТIадегIанас гьесие кьун буго кIудияб рес – гIагараб халкъалъе хIажатавлъун вукIине. Гьеб божел МухIамадица ритIухъ гьабулебги буго.

60 сон – дагьищ яги гIемерищ –

 ГIумруялъ борцина гьелъул борхалъи.

КIиабилеб хIухьел дур гIумруялъул,

 МухIамад, баркула. Сахлъи кьейги дуй.

Баркигун газеталъул коллектив