ХIурматалъул Орден

 

  «БацIцIадаб ракI» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъул учредитель, ГIахьвахъ районалдаса бизнесмен ва меценат, Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул тIоцевесев вице-президент ГIумар МуртазагIалиевасе ХIурматалъул Орден кьуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьелда бан президентас гъулбасараб указалда шапакъаталъе гIиллалъун рехсолеб буго, Токиоялда тIоритIарал риидалил олимпиадаялдеги Паралимпиялъул хIаяздеги хIадурлъулаго, ГI. МуртазагIалиевас спортсменазе гьабураб квербакъи.

ГIумар МуртазагIалиевас гIемер кумек гьабула социалиял объектал ралеб мехалдаги, къварилъи ккарал хъизамазеги, хIежалде унел дагъистаниязеги.

«ХIакъикъаталъул» редакциялъ ракIракIалъ баркула ГIумарида тIадегIанаб шапакъат.